Гьасул гьаракь рагIидал, сверухълъи сасунаан

 

   МагIарулазул тарихалда хIурматгун рехсола жидер хIалтIи- ишалъул, бахIарчилъиялъул яги цогидаб хIаракатчилъиялъул лъалкI нахъе хутIарал гIадамазул цIарал. Гьединал машгьурал ракьцоязда гьоркьов рехсезе бегьула Шагьав ГIабдурахIманов. Гьев унго-унголъунги халкъияв кочIохъанасул цIар киданиги кIочон толареблъун хутIила дагъистаниязул ракIазулъ.

   Нилъеда лъала, тарихалда гвангъараб лъалкI нахъе тола кочIо­хъабаз, художниказ, хъвадарухъабаз, шагIирзабаз ва цогидал гьу­наралъул чагIаз. Гьединаб, киданиги лъахъвазе гьечIеб лъалкI ракьалда хутIизе ккани, гьез дунялалда гьабизе ккола жидер рекIее цIакъго бокьулеб, жидер гIумру талихIаблъун лъугьунеб иш.

  Шагьасе хIакъикъаталдаги гьединаблъун лъугьун букIана кечI- бакъан. ГьитIинаб мехалдасаго гьесулъ загьирлъана гьеб пишаялде рокьи.

   Цебегоялдаса нахъе ЧIарада район машгьурлъун букIана цIар рагIарал кочIохъабазул ватIан хIисабалда. Гьеб районалъул гIадамаз рикIкIуна бищунго машгьурал кочIохъаби рукIанин Лъалухъ росулъа ва гьезул цIаралги рехсола: МухIамад МуртазагIалиев, ГIабдулвахIид ГIусманов, Шагьав ГIабдурахIманов, МухIамадрасул ГIалиев ва цогидалги.

   Шагьав ГIабдурахIманов, цадахъ хIалтIаразги маданияталъул хIаракатчагIазги баркала кьезе мустахIикъавлъун лъугьана. Щайгурелъул гьев вукIана кочIохъан гуревги, гьезие ритIухъав гьалмагълъунги лъикIав насихIатчилъунги.

Шагьасул кучIдуз гIадамазул ракIазулъе гIажаибаб хинлъиги аваданлъиги лъугьинаби гуребги, гьез куцалаан цоцаздехун гьуинаб гьоркьоблъи гьабизе, гIагараб Дагъистан бокьулеллъун ва гьелъие ритIухъаллъун рукIине.

Жиндирго берцинаб, бакъаналда рекъараб гьаракьалдалъун Шагьас халкъалъе сайгъатлъун лъугьинаруна гIемерал кучIдул. Гьезда гьоркьор руго магIарулазул халкъиялги ва Дагъистаналъул композитораз бакънал хъваралги кучIдул.

КIудияб махщел-гьунар бугев ва музыкалияб искусствоялъул устарлъун лъугьарав Шагьав ГIабдурахIмановасе машгьурлъи щвана Дагъистаналъул киналго халкъазда гьоркьоб, гьев лъугьана гIолохъанал кочIохъабазе мисаллъун.

ЦохIо нухалъ гьесул гIажаибго хIеренаб, хIасрат жиндилъ бессараб гьаракь рагIарав чи гьелъул асирлъун лъугьунаан, рекIелъе лъугьараб хIайранлъиги гIумруялъго загIиплъичIого хутIулаан.

Гьесул кочIол гьаракь рагIараб мехалда, сверухъе кинабго сасу­наан, сихIкъотIи лъугьунаан. Бищунго лъикIал, кIочене гьечIел ра­кIалдещвеязулъ тIерхьинавулаан.

Шагьас щибаб кечI хIасратго, нусабго логолъе гъаргъар щун ахIулаан, гьеб жиндир цогидал киналго кучIдузда гьоркьоб бищунго лъикIаб бугеб кинигин.

РакIалде кколаан Шагьасул щибаб кечIалъ тIолабго дуниялго гвангъизабулеб бугилан. Гьединлъидал батила гIолохъаназеги ригь аразеги гьесул кучIдузухъ гIенеккизе бокьулеб букIараб.

Шагьав гIемер цеве вахъунаан концерталгун. Гьев гIахьаллъана Дагъистаналъул Адабияталъул ва искусствоялъул къоязда, Декадабазда Москваялдаги цогидал шагьараздаги. Гьес ахIулел рукIарал магIарулазул халкъиял кучIдул лъугьана Дагъистаналъул радиоялъул меседилаб хазиналъун, миллияб маданияталъул чIухIилъун. Шагьав рикIкIунаан магIарулазул бищунго лъикIал кочIохъабазда гьоркьоса цоявлъун. КечI ахIиялъулъ жиндирго хаслъи, хатI лъугьун букIана гьесул.

Цогидал кечI-бакъаналъул устарзабазда гьоркьов Шагьав ватIа вахъизе кIолаан Аллагьас­ дасан насиблъараб бажари-гьунаралдалъунги, кочIохъан гу­ревги, гьев унго-унгояв артист вукIиндалги. Цогидал кочIо­ хъабазги гьудулзабазги абулаан гьес тIолабго гIумру кьунин кечI-бакъаналъе бугеб гьунарги рокьиги сахаватго халкъалъе бикьизе.

Ш. ГIабдурахIмановасул концерталде рачIаразул занкIун цIун рукIунаан залал. Жиндирго творчествоялъулал соназда гьесие гьарзалъун букIана гIенеккаразул адабги хIурматги. Гьединаб рекIелцIай жиндир гьунаралде лъугьун, тIолазего вокьулев кочIохъанлъун вукIин гуревги, гьев вукIана магIарул халкъалъул маданият тIибитIизабизе тIаде босарав хIаракатчиги. Гьес жигараб гIахьаллъи гьабулаан жамгIияб гIумруялъулъги, гIагараб ракьалда кколел кIвар бугел лъугьа-бахъиназда гъорлъаги камулароан гьев.

Шагьав вукIана машгьурав кочIохъан гуревги, кIудияб хIарпалдасан байбихьун жиндир цIар хъвазе мустахIикъав МагIарулавги. Гьесулгун гара-чIвариялда ругезда ракIалде кколаан кочIохъанасул рекIел бацIцIалъиялъулги лъикIлъиялъулги хинаб карачел жидедехун гьулчун бачIунеб бугилан.

Гьев Дагъистаналъул халкъияв артистасул хIаракатчилъи камиллъиялъе квербакъарайлъун лъугьана гьесул лъади Сайгибат ГIалигIумаровна. Шагьас лъадиялда «Сайги» абун недегьго, хIеренго абулаан. Гьей кидаго хутIана гъанситохъ цIа ссвине течIей чIужугIаданлъун, росасе лъикIай лъадилъун, лъималазе хирияй эбеллъун, жидехъе рачIарал гьалбадеридехун гьуинлъи бугейлъун.

ГIемерал соназ Сайгибат хIалтIана районалъул лъималазул библиотекаялъул заведующаялъун, кIудияб бутIа лъуна ЧIарада районалъул библиотекабазул ва маданияталъул иш цебетIезабиялъулъ. Жиндир ишалъул унго-унгояй устарлъун лъугьарай, гьелъие гьунарги бажариги бугей Сайгибатица гIисинал лъималазе цIикIкIараб кумек гьабуна тIахьал цIалиялдалъун гьезие гьайбатаб дуниялалде гали тIамизе.

Дида ракIалда буго, дун ЦIуриб росдал школалда цIалулеб заманалда, гIемер хьвадулаан Сайгибат хIалтIулеб библиотекаялде. Гьедин дица гIумруялъго Сайгибат ГIали­ гIумаровнаялъе баркала кьола, тIа­хьал цIалиялде дир рекIелъ рокьи бижизабуралъухъ.

Шагьасул кучIдузулаб ирс букIана цогидалги махщел-гьунар бугел кочIохъабазе мисаллъун, хал- къиял кучIдузде рокьи рекIелъ бугезе хазиналъун. Гьесул пагьму-гьунар гIатIидго тIибитIун букIана хъвадарухъабазда, композиторазда ва халкъияб кечI-бакъаналде рокьи бугезда гьоркьоб.

Шагьасул музыкалияб гьунар камиллъиялъе кутакаб асар гьабуна магIарулазул халкъиял кучIдуз. Артистасулаб махщелги бажариги гьесулъе лъугьана ва цебетIуна халкъиял кучIдузул квербакъиялдалъун. Шагьас абулааан, магIарулал кинал чагIи ругелали лъазе бокьани, гьезул халкъиял кучIдузухъ гIенеккейилан, гьезулъ загьирлъулин халкъалъул гIамал-хасият, рухIияб бечелъи, напсияб рацIцIалъи.

Шагьас халкъияб кечI ахIулеб мехалда, гьесул гьаркьилъан гьулчараб гIадин лъугьунаан чорхое къуват, ракIалде кколаан борхатаб мугIрул тIогьиве вахунев вугин, балагьун бер щолареб рикIкIалъуде валагьун унев вугин.

Халкъияб щибаб кечI ккола чанго гIасруялъ цебе букIарабщинаб, гьоркьоса щибго камизе течIого, жиндилъ щулаго цIунараб маданияталъул асар. Гьелъулъ буго халкъалъул рохелги пашманлъиги, лъикIабги квешабги. Амма лъикIлъиялъ кидаго квешлъи чIинтIизабула, тIадегIанабщиналъ гIодобегIанасеб гIадамазул ракIазулъаги хьвадачIвадиялъулъаги, гIамал-хасияталъулъаги «лъутизабула». Гьанибго тIаде жубазе бегьула, дугIаялъ кинигин, лъикIаб халкъияб кечIалъ инсанасул напс бацIцIалъизабулин.

Абула гьунар тIокIав кочIохъанас борхараб гьаракьалъ, гьелъул рагIабазда рекъонкколеб хIайранаб бакъаналъ ахIулеб рокьул яги кьалул халкъияб кечI кьурда багъун, гьелъ лъугьинабулеб дандерижиялъухъ гIенеккарасул рекIелъегицин гIажаибаб аваданлъи, рохел-хинлъи рещтIунилан.

Нилъер умумуз кучIдул кидаго ахIулаан сапараздаги, свакан хIухьбахъиялъе рещтIараб гъотIол рагIдукьги, къечон лъим гьекъезе лъалхъараб иццухъги, гьелъул лъеца тIех буцун тIадагьабго кванил лазат босун хадубги. Гьез кечI ахIулаан гIолохъанлъудаги, гIумруялъул соназул рахас лъикIаланго халалъараб мехалъги, херлъиялъул бакIлъиялъ мугъ къулараб мехалъги. Гьайгьай, гьез кучIдул ахIулаан бертабалъ, байрамазда. Хасго руччабазул кечI кидаго рагIизе бегьулаан хурзал чIаразе рахъаралъурги, хер бецизе индал, харибакIаздаги, батIи-батIиял гваяздаги. Гьел кучIул рукIана пасихIал, хIайранал, аваданал, эхебе унеб гIурул хъуди сасинабулел, сардилъ цIвабзаз зодиб гьезие хъат чIвалеб бугин кколел.

МагIарулазул рахъана рекIелъ ра­кьа бугел бахIарзал гурелги, ботIролъ пагьму-гьунар бугел шагIирзабиги, хъвадарухъабиги, кочIохъабиги.

Гьанже нилъее гIемерго кIвар цIи­ кIкIараб масъалалъун лъугьун буго, цIар лъаларел цересел кочIохъабазул ирсги гъорлъе бачун, миллияб культура цIуни.

Гьелъие нилъ кватIани, тIасамасаго гьеб масъалаги тани, дун хIинкъун вуго, чанго соналдасан магIарулал лъугьине бегьулин кинаб миллаталъул гIадамал жал рукIаралали лъалареллъун.

Шагьав ГIабдурахIмановасулги рахIат хвезабун букIана ахирал соназда магIарухъ рахьдал мацIалда кучIдул къанагIат гурони ахIулел гьечIилан.

ХIакъикъаталдаги кучIдузул цIикIкIараб кIвар буго магIарулазул миллияб гIамал-хасият, хьвада-чIвадиялъул хаслъи ва лъикIал гIадатал цIуниялъе. Гьаниб мисалалъе бачине бегьула ЧIалдаса ГъазимухIамад, Муи ХIасанова, Манарша Дибирова, Даку Асадулаев, ГIайшат Мазалова, Ума НурмухIамадова, Гьарадерихъа Шигьабудин ва Пайзуллагь, Сайгидсалим Жамалудинов, Шагьав ГIабдурахIманов, ГIабдулвахIид ГIусманов, МухIамад Абакаров, МухIамад Нурудинов гIадал ва цогидалги магIарул машгьурал кочIохъабазул хIаракатчилъи.

Халкъияб кечI тIей гьечIого бухьараб буго гIадамазул гIумруялда ва рукIа-рахъиналда. Халкъалда гьоркьоб бицен буго лъикIав кочIохъанас ахIараб кечI цо рагIи камичIого тIубанго рекIелъ цIунизе кIолев чи чанги вукIунаанин гIенеккаразда гьоркьов.

Халкъиял кучIдул жанралъул рахъалъги бечедал руго. Рокьул, кьалул гурелги, руго хIалтIи-пишаялда хурхаралги, бертабалъ гваязда ахIулелги, махсара-хочIалъулалги, тарихиялги, кьурдул бакъаналда ахIулелги ва цогидалги.

Гьанже тIад руссун Ш. ГIабдурахIмановасул хIакъалъулъ бицани, гьес кIвар кьолаан кочIол рагIабазде ва бакъаналде. Гьес рикIкIунаан лъикIаб кочIолъ кидаго рагIабазулги музыкаялъулги гьоркьоблъиги лъикIаб букIине кколилан.

Нилъеда лъала советияб заманалда халкъияб кечIалъе цIияб гIумру кьураб гIадин, гIемерго цIикIкIун тIибитIанин жалго ругьунлъарал кочIохъабазул хорал, хасал коллективал гIуцIиялъ, батIи-батIиял музыкалиял фестивалал тIоритIиялъ, радиоялдасан ва телевидениялдасан кьолел передачабаз, гьединго грампластинкабазда ва магнитофоназда хъвазе рес ккеялъ.

КигIанго нилъее бокьичIониги, жакъа квекIенал лъугьунел руго Дагъистаналъул культура цебетIеялъулъ, кIочон толел руго халкъиял кучIдул.

Ахирал анцI-анцI соназ гIолохъанал кочIохъабазда лъалел гьечIо халкъиял кучIдул. БитIараб бицани, гьеб буго кIудияб балагь. Гьеб лъугьунги буго гьаб ахираб заманалда миллиябщиналде цIияб гIелалъ мугъ рехулеб букIиналъул хIасилалда.

Гьанжесев гIолохъанчиясул ракI тIуркIизабулеб буго ритмалъ, ай кочIол гьаркьазул рекъонккеялъ. Амма жибго кечI ахIиялъул даража гIодобегIан кколеб буго, магIнаго гьечIел рагIаби цоцазда рухьинариялъул къагIидаялъ, къокъго абуни, магIарул халкъияб кечI хабалъ букъулеб бугеб гIадин кколеб буго.

Гьанже нилъеца тIаса бищизе ккола кIигоялда гьоркьоса цояб: яги нилъ тIад руссине ккола гIасрабаз нилъер букIаралде, яги нилъер халкъалъ къабул гьаризе ккола нилъее чиярал бакънал, ай чияраб пикруги рухIги. КочIолъ цIунун бугелъул- ха халкъалъул рухI, рухI гьечIони, халкъги букIинищ?

Шагьав ГIабдурахIмановас жиндирго районалда гIемераб хIалтIи гьабуна гьитIинаб мехалдасаго миллиял музыкалиял алатаздехун лъималазул гьудуллъи лъугьинабиялъе, рахьдал мацIалда ахIулел кучIдуз гьезул рекIее асар лъугьинабиялъе ва гьездехун рокьи бижизабиялъе.

Шагьас абулаан, масала, умумузул бахIарчилъиялъул бицунеб халкъияб кьалул кочIохъ гIенеккараб мехалъ гьелъул бакъназги гьаркьазги лъимадул рекIелъе лъугьине кколин бахIарчиял умумуздаса чIухIи, гьезул наслулъун жал рижун рукIиналдаса рохел.

Гьаниб такрарлъараб гIадин кколеб бугониги, бицинчIого гIоларо миллияб хаслъиги гIамал-хасиятги эбелалъул рахьдада цадахъ лъимадулъе лъугьунин киниялда вущун вугеб мехалъго. Кинидахъ ахIараб кочIолъан тIоцебе рагIула гьезда рахьдал мацIалъул рагIаби.

Шагьав ГIабдурахIмановас тIолабго гIумруялъ жигараб гIахьаллъи гьабуна гIагараб районалда ва республикаялда художествияб хIаракатчилъи цебетIезабиялъулъ. Гьебги хIисабалде босун, 1965 соналда Шагьав ГIабдурахIмановасе кьуна «ДАССРалъул мустахIикъав артист» абураб хIурматияб цIар, ДРялъул Пачалихъияб Советалъул Указалда рекъон, гьев 1997 соналда мустахIикълъана «ДРялъул халкъияв артист» абураб тIадегIанаб цIаралъеги. Шагьасе щварал шапакъатазда гьоркьор руго «ЗахIматалъул ветеран» медаль, «Борч ва Намус» орден, ТIолгороссиялъул выставкаялъул централъ кьураб Меседил медаль ва тIад цIар хъвараб сагIат, «Дагъистаналъул Халкъияв БахIарчиясул» Меседил цIва.

МустахIикъаб хIалхьиялда вугеб заманалда Шагьав вукIана «ЧIарада район» МОялъул бетIерасда цебе гIуцIараб Херазул советалъул член.

ГIун бачIунеб гIелалъе нилъеца тарбия кьезе ккола халкъиял гIадатазда рекъон. Гьелъие тIадкIалъай гьечIого хIажалъула Шагьав ГIабдурахIмановасул тIолабго кочIолаб хIаракатчилъиги.

Шагьав НурмухIамадовичас Дагъистаналъул искусствоялъулъ тана киданиги лъахъвазе гьечIеб лъалкI. Гьесул цIаралъе хвел гьечIо магIарул мацI чIаго бугебгIан заманалда. Киналго гIелазул гIадамазул ракIазулъ даимго хутIила халкъияв кочIохъан.

 МухIамад МухIамадов, филологиял гIелмабазул доктор, профессор