Росдае васги улкаялъе чиги

   ЛъикIго лъалев чиясул хIакъалъулъ бицинеги хъвазеги бигьагоги букIуна, гьебго заманалда захIматги букIуна. Гьединаб асаралъул асирлъуде ккана дун Сайгидпаша ГIумахановасулгун гара-чIвари гьабидал. Дагьабищха гьесул хIакъалъулъ Дагъистаналъул ва Россиялъул СМИяз хъвараб. Дирго къалмикьанги гьесул гIумруялъул ва политикияб хIаракатчилъиялъул хIакъалъулъ бицарал макъалаби дагьал инчIо.

   Сайгидпашалги лъимерлъи лъилалдаго релълъинчIеб, гIицIго жиндиего хасиятаб букIана. КIудияб хъизан букIиналъ, балугълъиялде вахиналдего щвана гIумруялъул дарс. Цоги вацал-яцаздего гIадин, рукъалъул тIалаб-агьазалъул раччиги гьитIинго бегана гьесул гъуждузде. КIудияв инсуца малъана гIараб гIелмуги.

  ТIолалго лъималазулго гIадин, балугълъиялъул завалалда вугев ГIумахановасул къасд бу­кIа­на гугарухъанлъун вахъине. РухIдаллъулаан чIахIиязул гугаризе бугеб махщалихъ балагьун. Школалда жанисел турниразда чIел босизе бугеб хIасраталъ вухIулев вукIунаан гьев. ГIемер кватIичIого «Спартакалда» цебе бугеб олимпиялъулаб резервабазул клубалде хьвадана.

— Дие битI ккана тренер МухIамад ХIусеновасда цеве ккеялъ, — ан ракIалде щвезабула Сайгидпашаца.

КIудияб асар гьабулеб буго Сайгидпашае магIарулазул бечедаб тарихалъ. Гьеб хазина хадусел гIелазе ясбер гIадин цIунизе кколин нилъецайилан абула гьес.

Сайгидпашахъа бажарана заманаялъ гьесухъе кьураб чоде вахине. Гьесул сухъмахъазда рукIана гIемерал гохIал-щобалги кIкIалалги, амма гьесда кIвана нухги кквезе, чодаги вукIине.

Гьев гIицIго жиндаго релълъаравлъун вукIана ва хутIулевги вуго. Лъимерлъиялъул нухда дандчIваравги къисматалъ данде вачаравги гьес агъаз-сан гьабичIого рехун толаро. Росдае васлъунги вуго, улкаялъе чилъунги вуго. Гьеб кIиябго раччи гьесул кIигъуждузда, магIаруласул черхалда ханжар-рачел кинигин, рекъонги буго.

ГIадатияв чиясдехун гьумер би­тIун кIалъалев ва гьесул къварилъи­ги рохелги рекIелъан биччалев, тIалъиялда вугев чиясулгун гара-чIвари гьабулелъул, хасго жакъа заманаялъ асар гьабичIого хутIуларо.

  «Дида дун лъалез даим гьикъула щиб цIияб хабарилан. Дица жаваб гьабула лъикIаб хабар гьечIин, квешалъул бицинеги бокьун гьечIин. Харбал гIемерлъун руго Дагъистаналда. Иргадулаб казият кодобе босизе хIинкъула дун», — ан вукIунаан мунагьал чураяв Расул ХIамзатов.

   АхIулгохIда ккарал камияздаги къварилъиялдаги хадуб Имамата­лъул ишалда аскIоб икъбалги талихIги бижизе букIиналда ракIчIарав Шамил Чачаналдехун балагьун унев вукIана. ХарибакIалда гIодов вегарав цо чиясде тIаде ккола муридзабаздаса ратIатIун цере унел рукIарал Шамилги Юнусги. Жиндирго хIакъалъулъ гIадамазул щиб пикру бугебали лъазе бокьун букIана имамасе. Вецарухъан макьидаса ворчIана.

— АхIулгохIда щиб хIал бугеб? — ан гьикъана гьес, гьалбал киса рачIунелали лъараб мехалъ.

— АхIулгохIги бахъун буго, муридзабиги цоял чIван, цогидал кверде росун руго, — ян жаваб кьуна гьесие.

— Шамил кивха вугев? — ан гьикъана нахъеги чачанас.

— ЧIвана, — ян абуна гьесда.

Гьесда сири бана, кьер тIуна ва синкъиялда гIодизе лъугьана. Хадур рачIунел муридзабаздехун ракIбакъварав гьес абуна:

— Гьанже нилъ нилъерго Шамилги гьечIого хутIанаха, – ян.

— ХвечIо. Шамил чIаго вуго, — ян бицана гьесда. — Дуда гьев вихьун ватизе вуго. Дол цере аразул цояв гьев ккола.

КIитIелеб хIалалъ гьезда хадув гъезе векерун ана чачанав. Сородулаго накабазда хурхун гьев вачIараб мехалъ, имамасда магIу кквезе кIвечIо. Лъазего лъаларев, гьелда тIадеги батIияб миллаталъул чи гьес, ракI-ракIалъ къвалги бан, каранде къана.

  — Имаматалъул улкаялдаги камун рукIинчIо мацIихъабиги магIихъабиги. Гьединаз щиб бицунеб бугебали лъазелъун Шамилица сверухълъиялда гьикъулеб букIун буго корохъ руччабаз щиб бицунеб бугебилан. Дагъистан битIахъего унтун буго абуна-бицанабазги, кьучI гьечIел харбазги. Рес букIунаро цоги-кIигоги къоялъ Сайгидпаша къватIиве сапаралъ ине, нусго батIияб хабар бижизабула гьасда сверухъ. Амма дагъистаниязе кидаго хасиятаб буго къадруги чIухIиги. Дица хIурмат гьабула законалъул, гьабизеги буго. Амма гьеб хвезабулел, Дагъистан кIочарал кIигьумерчагIазул лъалкIда хадуб хъахIилаб цIа свинеги тезе гьечIо, Аллагьасул кумекалдалъун. Гьезул жидерго черхалда цIа рекIун буго, ва гьел дикьа хIинкъулел руго. Гьезда лъала гIадатияб халкъалъ дир рахъ кквезе букIин. Гьел хIинкъучал рукIана ва гьеллъун хутIулел руго. Гьезие гIицIго кверщел буго къваригIараб жо. Дунялалъул рокъов вижичIо бокьарабги щварав, щваралда гIейги гьабурав чи. Амма гьезда гьеб рагIул магIна лъаларо, — ян бицана ГIумахановас.

Нилъер халкъалъ кидаго рахъ ккола миллат батIа гьабичIого, гьумер битIун рагIи абулев, гIакъилав, гIадилав чиясул. Гьединавлъун гIемерисезда вихьула С. ГIумаханов.

Цебеккун Хасавюрталда миллатчилъиялъги бикьа-къотIиялъги тIалъи босун букIана. Абизе ккола гьезул мурадал цIияб администрациялъ кIалагъоркье чIвазарунилан.

   ХIакъикъаталдаги, дагъистаниязе цебего заман щун буго миллатчилъиялъулги бикьа-къотIиялъулги хьуцIилъа къватIире рахъине. Кидаялиго жамагIаталъул къадруяв чиясде къабихIаб рагIи абуни ханжар лъалиниса къватIибе цIалел рукIарал умумузул лъимал жидерго напсалъул мурадазе гIоло рортанхъулел руго. БукIанищха гьединаб къагIида хасиятаб нилъер цебесеб гIелалъе? БукIинчIо. Дагъистаналъул тIалъиялда ругезе вокьулев гьечIо ритIухъаб рагIи бугев чи. Гьелъги батила, Сайгидпаша ГIумахановасде кисанго тIадецуй гьабулеб букIараб.

Хасавюрт буго гьитIинаб Дагъистан гIадинаб бакI. ГIемерисеб мехаль гьениб бугеб геополитикияб xIaлалда бараблъун хутIула Чачаналъул гIорхъоде къарал районазул гуребги, тIолабго республикаялъулго халкъалъул парахалъиги гIодобе биччайги.

— Копоего гIадин чIвалел руго Дагъистаналъул бищунго гьайбатал васал. Интеллигенциялдасан байбихьун гIадатиял гIадамазде гIунтIун, гIужие росун руго пикру гьабулелщинал чагIи. Квеш ккараб жо буго, ВатIаналъул тIалаб жидерго напсалдаса цебе кколел нилъер гIадамал гьединаб ишалде ругьунлъун рукIин, — ян абуна Сайгидпашаца.

Лъил гIайибалдалъунха гьеб кколеб бугеб?

Дагъистаналъул халкъалда лъала ва бихьула лъил гIайибалдалъун гьел чIвай-хъвеял кколел ругелали ва щай гьел такъсирал рагьулел гьечIелали.

 

Гъутабазул кIалтIу, мугIрузул каву,

Кавказалъул цагъур, цогояб хъизан.

 

   Гьедин абун букIана аваразул поэт М. Гунашевас, Хасавюрталъул юбилей баркулаго, жиндирго цо кочIолъ. РакIалде ккола гьеб кIиго мухъилъ 400 гьумер бугеб тIехьалъе гIураб магIна бугилан. Щайгурелъул, 60 сон гурони бачIеб, жеги гIолохъанаб шагьар букIаниги, Хасавюрт шагьаралъги районалъги Дагъистаналъул тарихалда жаниб кIудияб бакI кколелъул. ГIадада гурелъул гьелда «гьитIинаб Дагъистанин» абулебги. Гьеб буго халкъалъул къадаралде балагьун гуребги, миллатазул кьеразде ва рикIкIеналде балагьунги нилъер республикаялда бищун кIудияб ва жавабияб регион. Социалиябги, экономикиябги, культуриябги рахъалъ гьелъул букIинесеб тIубанго бараб буго гьелъие нухмалъи гьабулел гIадамазул бажариялда, гIакъиллъиялда, гьунаралда, жигаралда ва ритIухълъиялда.

   Хасавюрталда гIурав, гьелъул гIумругун цолъичIеб сордо-къо букIинчIев, пашманлъиялъулъги рохалилъги, къо ккараб бакIалда рачел къарав, шагьаралъул гIадамазул парахатаб, хIинкъи гьечIеб букIи­неселъе гIоло сундасаго нахъе къаларев Сайгидпашал хIаракат рекIее гIоларо гIадлу-низам щулалъизабизе бокьичIезе, жидерго хасал мурадал цере гьарулезе.

— ХIисаб гьабураб мехалда, щивасда рекъезабулеб тIабигIат БетIергьанас дие кьечIеб куц буго. Бигьаго чиясе paгIи дица кьоларо, кьун хадуб, гьеб тасамахIго тезеги толаро. Нилъер гIумруялъул роцен, гIорцIарал, ццулъарал чиновниказулги, хъулухъазда хадур хапдолезулги гIаршиназ борцине тезе бегьуларо нилъеца.

ГIолохъанаб гIел пиводул баразе бутIрулги чIван, чамгIалаб гIумруялде сверулел ва базаралъул бокIнилъ цурдалъелал хъурщун, хIилла ургъулел рихьараб мехалда, щибго лъугьун гьечIеб гIадин вукIине кIолеб гьечIо.

НекIо нилъер умумузе хасиятаб букIинчIогури гьеб. Анкьумумузе хасиятаб яхIги бахIарчилъиги музеялъул жавгьар-якъуталде сверулеб буго. Нилъер магIарул халкъ мигьлъулеб ва мискинлъулеб буго. Жакъа гIакъилзабилъун чIун, халкъ нухкъосутIе бачунел чиновниказда абизе paгIи батулеб гьечIо, — ян бицана гьес. 

    АхIи басра гьабуге, гьудул къварид гьавугейилан рукIуна гIакъилал магIарулал. КIудияв гIакъил, машгьурав шагIир ЦIадаса ХIамзатица гIалимчи-гIарабист Кьохъа СултIан­мухIамадиде абун буго гьабсагIат гьаниве ГIабдурахIман Даниялов вачIине вугин, гьесулгун дур лъай-хъвай гьабизе бугин. КIваричIин, баркала кьун буго гIалимас, гьев халкъалъул мацIакь вугев чиясдехун рекIел цIайи цIикIкIани, Аллагьасдехун дунго гъапуллъилилан хIинкъун вугин живилан. Дир иш гIаксалда буго. Дир пикрабиги къасдалги гьесда сверухъ женжедулел ратула. Амма, цо хвасарлъи буго, гьеб дида лъала. Ахираталда нилъее рокьаралгун цадахъ рахъунин абулелъул, гьесие алжан щвеялде хьул буго.

Доб букIана гьев шагьаралъул депутатлъун вугеб 1995 сон. Дица гьесул хIакъалъулъ хъвараб «РекIелъ рекIараб цIа свинчIони…» абураб гьитIинаб макъалаялда гьесул букIинесеб жеги цебе бугин бихьизабулеб букIана.

    «Гьалагаб чоца чотIахъанасул кинигин инсанасулги хIалбихьула гIумруялъ. Дунялалъул, диналъул, сиясаталъул бутIаялда чанги гучаб карачелалъ гама гIадин кIовокIана заманалъги низамалъги Сайгидпаша, амма гьев тIуркIичIо, къуркьичIо. Дида ккола бахIарчияй эбел Забидат-хIажиялъул насихIаталъ, хитIабалъ рухIияб къуват кьун батилин гьесие. «Дуда божараб халкъалъул къварилъиги рохелги дурго гIадин къабул гьабиялъулъ буго дур букIинесеб», — илан абураб эбелалъул калима гьесул гIинда багъулеб букIана даим.

ТIабигIат цIилъулеб, гIадамазул ракIал роха-хинлъулеб ихдалил гIужалъ дунялалде вачIана гьанже жиндир хатIги цIарги ракьалда хутIизесев инсан Сайгидпаша.

Ралъдалъе гIедегIараб гIор гIадин ун батула гьаб гIумру, гьале нилъер багьадурилан рагьдухъе щвана кIиго лъеберго лъагIел. Гьеб буго гIумруги гIакълуги цIубалеб гIуж.

   Сапар битIаги церехун унезе.  

Муса ХIажигIалиев