ТIолгодагъистаналъулаб цолъи: тарихиял кьалбал ва цебетIей

ГIемерал миллатаз гIумру гьабулеб букIиналъул ва дунялалъул ункъабго аслиял динал тIиритIун рукIиналъул рахъалъ Дагъистан буго Россиялдаго киналниги культурабазул нухрикьилъун. Нусгоялдасаги цIикIкIун мацI бицунел халкъаз
гIумру гьабулеб бугониги, гьезул киназего гIаммаб рахъ ккола цоцада ричIчIи ва цоцазул маданияталъулгун гIадатазул адаб-хъатир гьаби. Халкъазул цолъи законияб къагIидалда гIуцIиялъул хIакъа лъулъ цебеги гIемер бицунеб букIана республикаялъул жамгIияталда. Амма 2010 соналъул декабралда Дагъистаналъул халкъазул III съездалъ
хIук му гьабуна республикаялда цIияб байрам лъазабизе. Хадуб, 2011 соналда бахъараб Дагъистаналъул президентасул указалда рекъон, I5 сентябрь Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къолъун чIезабуна. Съездалъул гьеб хIукму Дагъистаналъул миллатаз къабул гьабуна халкъазда ва гьединго батIи-батIиял политикиял ва жамгIиял гIуцIабазда,
интеллигенциялда гьоркьоб гьудуллъи букIинабиялъе щулияб кьучI лъун. Щибаб миллаталъул мурадал ва гьезул къасдал тIолго республикаялъул масъалабазде данде ккезари, гьелгун цолъизари – гьеб рикIкIунеб буго киналго дагъистанияз нилъер аслияб борчлъун. ХIакъикъаталдаги гьеб ккола нилъер хадусеб экономикиябгун социалияб ва культуриябгун гIелмияб цебетIеялъе чара гьечIого хIажатаб шартIлъун. Тарихалдасан нилъеда бихьула Дагъистаналда кверщел гьабизе хIалбихьана татаразгун монголаз, тимуридаз, къажараз, турказ ва цогидазги. Амма гьезул мурад тIубачIо. Щайха 15 сентябрь босараб гьеб байрамалъул кьучIлъунин абураб суалалъе жаваблъун бихьизабулеб буго XVIII гIасруялъул бакьулълъиялда Дагъистаналъул халкъаз 100 азарго рагъухъанасдаса гIуцIараб Ираналъул шагь Надирил бо щущахъ биххизабиялъул хIужа бугилан. Доб рагъалъ бихьизабуна тушманасде данде букъараб зар гIадин
цолъун, гъункун, лъилниги миллат ва мурад цIехечIого рахъине ва гIасрабаз гIуцIараб рухIиябгун рукIа-рахъиналъул борхалъи цIунизе нилъер халкъазул бугеб гъира-шавкъ. Надирида ракIалда букIана кIиго батIияб аскаргун Дербенталдасан, Хъйтагъалдасан, Таргъуялдасан Мехтули ханасул виллаяталде цо рахъалъан, Жунгуталдасан, Шах Дагъалдасан, Гъазигъумухъалдасанва Хунзахъан — цоги рахъалдасан Дагъистан кверде босизе. Гьедин гьесул аскарал щвана ГIандалазул гIорхъоде. Гьениб дагъистанияз тушманасда бихьизабуна унго-унгояб бахIарчилъи ва цолъи. Гьидалъел, къарахъел, чIамалал, багвалал, гъойсубулинал ва цогидалги, жиде-жидер рагъулал къокъабигун, данделъана гьенир. Цогидаб рахъалдасан гIандаллъиялде щвана тумал, лезгиял, даргиял, лъарагIал табасаранал,
кубачиял ва ЦIоралдаса ополчениялъул тIелал. Рагъул хIалбихьи бугел церехъабаз шагьасул аскаразул бачIинахъего
бугеб ракIа-раххари гьечIолъиги хIисабалдеги босун, тушманасул аскаралде, гьел рекIеда ратилалдего гьужумал гьарулел рукIана. ВатIан цIунулезул бахIарчилъи къойидаса къойиде цIикIкIана ва гьедин байбихьана Дагъистаналъул ракьалдаса тушбаби нахъе гъезе. Гьелдалъун байбихьана Бакъбаккул ва БакътIерхьул улкабазда гьоркьоб лъураб кьо хIисабалда Дагъистаналъул геополитикияб даража борхизеги. Хасго кIвар цIикIкIараблъун букIана Дагъистан Россиягун цолъи. Нильер халкъазул политикияб цолъи щула гьабиялъулъ гьеб лъугьа-бахъин ккана гьелъие рукIарал аслиял гIиллабазул цояблъун. Гьединлъидал Советияб заман букIана халкъазул гьудуллъи щула гьабиялъул рахъалъ хIасил кьолеблъун. Гьелъ дагьдагьккун тIагIинаруна миллатазда гьоркьор цоцазда ричIчIунгутIиялъе ругел гIиллаби ва шартIал. Амма гьебго заманалда тIад рекъезе бегьуларо гьелде ялъуни 1917 соналда хIуригат бахъараб заманалде щвезегIан нилъер пачалихъалъул рукIине кколел шартIиял гIаламатал,
лъай кьей ва хъвай-хъвагIай букIинчIин абураб пикруялда. Маданияб ирсалъул, узухъда, щулияб кьучI лъун ккола жиндалъун кинабго бечелъи цIунизе кIолеб хъвай-хъвагIай. Дагъистаналъул халкъаз бечедаб гIараб мацIалъул алипги
кьочIое босун, гIуцIун буго дунялалда кибго букIинчIеб ва гьечIеб мацI, хъвай-хъвагIай, лъазаруна исламалъул гIелмабазул гъварилъаби. Эркенлъиялъе гIоло гьабулеб гьеб къеркьеялъулъ кидаго хIажат букIана лъай ва гIелму. Гьединлъидал лъай босиялде, гIумруялъул хIалбихьи камил гьабиялде кIварги буссинабизе кколеб букIана. Гьелъул хIасилалда Дагъистаналъул халкъазда кIвана, миллатал хIисабалда, жалго цIунизе, халкъазул культураги борхизабулаго, тарихалда щулияб лъалкI тезе. Гьеб миллат цIуниялъул нух бигьаяб гьечIониги, гьелда жанир гIемерал гIунгутIаби ругониги, жакъаги гьелдаса тарулел гьечIо цIиял гIелал. ГIолареб рахъ буго мацIалде ва адабияталде гьабулеб тIалаб тIадчIей гьечIого, жибго жиндего рехун тун букIин. ГIамм гьабун абуни, гIурусазулгун ва Россиялъул цогидал миллатазулгун цадахъ ракълида гIумру гьаби буго Дагъистаналъул халкъаз цебего тIаса бищараб тарихияб къисматалъул къиматаб нух. Гьеб битIараб хIукму букIин бихьизабуна КIудияб ВатIанияб рагъул соназ ва 1999 соналда Дагъистаналда ккарал лъугьа-бахъиназ. Россиялъул аскаразул къуваталдалъун ва республикаялда гIуцIарал аза-азар чи жаниве вачарал ополчениялъул яргъид хьезарурал къокъабазул кумекалдалъун гьез нилъер ракьалде жанирегIан рачIине нухал къана ва бахIарчияб къеркьеялде байбихьана, террористазул мурадал тIуразе риччачIо.
Гьединал тарихиял хIужабаз нугI лъи гьабула ва рес кьола жакъа республикаялъул гIолеб гIелалда нилъ гIицIго нилъерго миллаталъул вакилзаби гурел, тIолабго Дагъистаналъулго жаваб тIаде кколел гIадамал рукIинги бичIизабизе. Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къо хIисабалда нилъеца кIодо гьабулеб гьаб байрамалъулги аслияб мурад буго халкъазул гьудуллъи щула гьаби, республикаялда рекъел ва политикияб гIодобе биччай цIуни.

Зикрула ИЛЬЯСОВ,
М. АБАКАРОВАСУЛ сурат