Шамил ГIумаров: «ВатIаналде рокьи – бищунго кIудияб хъала»

(Динияб форумалъул гIахьалчиясул пикру)

ВатIан бокьи, патриотизм. Инсанасул гьел хасиятаз исламалда кинаб бакI кколеб? Нилъер диналъул къануназда рекъон, ватIан бокьизе, гьелъие гIоло къеркьезе бегьулищ? Улкаялъул цолъиялъе бищунго кIвар кьезе кколеб заманалда халкъалда гьоркьор рикьалаби гьарулел, ВатIан бокьи миллатчилъиялда релълъинабулел, исламалда патриотизм абураб бичIчIи данде кколарин абулел видео-роликалги макъалабиги тIиритIулел руго ахираб заманалда социалиял гьиназда. Араб анкьалда республикаялда тIобитIараб «Нилъер рукъалъе рекъел» абураб халкъазда гьоркьосеб форумалдаги студентаз рухIиял хIаракатчагIазе патриотизмалда хурхарал суалал кьолел рукIана. Исламалда рекъон, ватIан бокьи, гьелъие гIолоян абун рухI кьей мунагьлъун кколарищан цIехолеб букIана студентаз.

Исламалда ватIан бокьиялъул бугеб кIваралъул бицана кIудияб майданалда тIобитIараб республикаялъул мажлисалда Сулейман-Стальский районалъул имамзабазул советалъул председатель Шамил ГIумаровасги. Гьеб букIана гIолеб гIелалъе гуребги, цо-цо чагIазул пикруялда нахъги рилълъун, ватIаналда рухьараллъун рукIине исламалъ тIадаблъун бихьизабулеб гьечIин абулезе насихIатлъунги.

«Ахираб заманалда ссиялда буго ВатIан бокьи, гьелда рухьараллъун рукIин исламалда гьечIин абун, Къуръаналдаса, хIадисаздаса мисалал рачин. Нилъер хирияв МухIамад авараг (с.гI.в.) Маккаялдаса къватIиве гъун унаго, Маккаялдехунги вуссун абуна: «Аллагьасул цIаралдалъун гьедула, мун ккола Аллагьасул бищунго хирияб ракь ва дие бищунго бокьулеб бакI. Дун гьаниса нахъе къотIун вукIинчIевани, киданиги рехун телароан дица мун», — абун. Гьедин хирияб букIана МухIамад аварагасе (с.гI.в.) жиндирго ватIан.

ХIайваназе, хIинчI-гъедуялъецин хирияб буго жидерго ватIан. Кире щвезаруниги гьел жидерго ватIаналде тIадруссуна. Гьеб буго инсанасулъги гIадамасулъги Аллагьас лъураб гIамал. Нилъер аварагас  (с.гI.в.) абулаан сапаралде арав чи хехго рокъове тIадвуссине кколилан. ГIемерал хIадисал руго ватIан бокьизе тIадаб бугин инсанасдаян абурал.

Имам АхIмадица бицараб хIадис: «Пуланав чи вачIана Палестинаялдаса МухIамад аварагасухъе ва гьикъана «ВатIан ва жиндирго халкъ бокьи миллатчилъилъун кколищ?» — ан абун. Аварагас (с.гI.в.) жаваб кьола: «Кколаро, гIицIго цохIо бакIалда хутIизегIан — жиндирго халкъалъе цогидаб халкъалъе зулму гьабизе кумек гьаби. Жиндир халкъ цогидаб халкъалдаса цIакъаблъун рикIкIин — ккола миллатчилъи».

Имам Шамилица абулаан ватIаналде рокьи бищунго къуватаб хъалалъун кколин абун. Нилъее киназего хирияв вуго имам Шамил, киназго хIаракатги бахъула гьесдаса мисал босизе, гьесул хIакъалъулъ тIахьал цIализе. Ахираб заманалда халкъалда гьоркьор дагIба бижизабулел къватIиса пачалихъазда ругел цо-цо питначагIаз щиб бицаниги, нилъеда кIочене бегьуларо имамас Россиялъулгун рекъел гьабун букIин, ва гьеб рекъел нилъее ирсалъе тун букIин. Гьеб суал имам Шамилицаги гьесул муридзабазги 175 сон цебеккунго тIубан букIана.

Социалиял гьиназда цо-цояз тIибитIизабулеб буго имам Шамилица Россиялъулгун ракълил къотIи-къай гьабун букIинчIин абун. Бихьизабеха, гьедин батани, цогIаги рагIи Россиялда дандечIаян имамас нилъее васият гьабураб. Нилъеда лъала рекъел гьабун хадубги, гьесие хIажатабщинабги чIезабун, Шамилил хIурмат гьабулеб букIараб куц. ХIежалде инеги щвана имамасе. Улка бахун къатIивехун вугеб заманалдаги Россиялъулгун ракълида рукIин лъикIаб бугин абураб пикру хисизабичIо Шамилица. Нилъги имамасул гIакъиллъиялдаса пайдаги босун, нилъерго ватIанги бокьун, рекъелги цIунун рукIун лъикI гурищ, ВатIанги рехун тун, къватIисел пачалихъазде лъутарал питначагIазухъ гIенеккичIого? Гьезул ихтиярцин гьечIо имамасул цIаралда нахъаги рахчун хабар бицине.

Жакъа нилъер кIудияб ватIан – Россиялда, гIемерисел цогидал улкабазде дандеккун рес буго нилъерго дин гьабизе. Лъица гьукъулеб бугеб Аллагьасе тIагIат гьабизе, кIал кквезе, как базе, дин гъваридго лъазабизе, гьеб халкъалда гьоркьоб тIибитIизабизе? Гьединлъидал, дица Аллагьасда гьарула нилъер ватIаналъе тIегьай ва цебетIей», — ан лъугIизабуна Шамил ГIумаровас жиндирго хитIаб.

 

П. СултIанмухIамадова