Warning: Undefined variable $cmsmasters_heading in /www/wp-content/themes/etnoholding/theme-framework/theme-style/function/template-functions.php on line 12

Warning: Undefined variable $cmsmasters_heading in /www/wp-content/themes/etnoholding/theme-framework/theme-style/function/template-functions-post.php on line 11

Deprecated: Creation of dynamic property nxs_wpAddnEngine::$k is deprecated in /www/wp-content/plugins/nxs-snap-pro-upgrade/nxs-snap-pro-upgrade.php on line 11
Гьудуллъиялъул кьо бана щулияб - ХIакъикъат

Гьудуллъиялъул кьо бана щулияб

Расул ХIамзатов гьавуралдаса 100 сон тIубай кIодо гьабуна улкаялъул тIолалго регионазда. Щибаб областалъул, щибаб республикаялъул, щибаб краялъул маданияталъул кIалгIабахъ, библиотекабазда, школаздагун лъималазул ахазда кIодо гьабуна кIудияв шагIир гьавураб къо. ГIемерисел бакIазда «ХъахIал къункърабазул» къоялги тIоритIана. Киназего асар гьабуна Доналда бугеб Ростов шагьаралъул майданалда хоралъ ахIараб шагIирасул «ХъахIал къункъраби» кечIалъ. Хоралда гIахьаллъана азарго чи. Шагьаралъул цо къватIалъе кьуна Расул ХIамзатовасул цIарги.

ТIолабго Россиялъ кIодо гьавуна 
Дагъистаналдаса гьалбалги ахIун, Расул ХIамзатовасул юбилей кIодо гьабуна Брянск шагьаралдаги. Гьениб «Перспектива» абураб лъай кьеялъул идараялда цIалдохъабаз шагIирасул кучIдул цIалана ва ахIана. ТIобитIана «ХъахIал къункърабазул къоял» ва поэзиялъул фестивалалда — кучIдул рекIехъе рикIкIиналъул къецги. Гьелда гIахьаллъана нилъер ракьцоял: Брянск областалда Дагъистаналъул вакиллъун вугев ГIалим Султанов, областалъул Думаялъул депутат Мухтар Бадирханов, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат, тахшагьаралъул №1 больницаялъул бетIерав тохтур ХIажимурад Малаев, Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб МахIачхъалаялъул № 50 школалъул директорлъун йикIарай Хадижат Рамазанова. Хадижатица гьениб Расул ХIамзатовасул хIакъалъулъ бицана, рикIкIана магIарул мацIалда гьесул кучIдул. Гьелъ ракIалде щвезабуна школалъе Расул ХIамзатовасул цIар
кьеялъул хIакъалъулъги: — Расулица абуна жиндир лъабго ясги, гьезул ункъо ясги ругин, гIагараб заманалда гьезие
васги гьавун жиндир цIар лъезехъинги гьечIин. Школалъе цIар кьей жиндир гьабураб адаблъун бихьулин абун. Щивав цIалдохъанасда рекIехъе лъалаан Расул ХIамзатовасул цо-цониги кечI. Байрамкъоязги нижехъе вачIунаан гьев, нижги
унаан гьесухъе гьоболлъухъ. Расул ХIамзатов вукIана гIадатияв, ракI лъикIав, жавабияв, халкъияв, унго-унгояв инсан, — ан бицана Х. Рамазановалъ. Москваялда бугеб Дагъистаналъул вакиллъиялъги Расул ХIамзатов гьавуралдаса 100 сон тIубаялда бан тадбир тIобитIана. Гьелда гIахьаллъана республикаялъул нухмалъулевлъун вукIарав Рамазан ГIабдулатIипов, Пачалихъияб Думаялъул депутат СултIан ХIамзаев ва цогидалги.

«Нилъер Расул» 

12 сентябралда Москваялда «Дир Дагъистан. Нилъер Расул» абураб фестиваль байбихьана Маргарита Рудоминол цIаралда бугеб къватIисел пачалихъазул адабияталъул пачалихъияб библиотекаялда. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул бетIер Сергей Меликов, РФялъул президентасул администрациялъул нухмалъулесул заместитель МухIамадсалам
МухIамадов, культураялъул министр Зарема Бутаева ва республикаялдаса цогидалги вакилзаби. Фестивалалде рачIун рукIана Расулил творчествоги лъалел, гьелъул хIурматги гьабулел батIи-батIиял улкабаздаса вакилзабиги. Боливиялдаса, Сириялдаса, Алжиралдаса, Колумбиялдаса, ИзрагIилалдаса ва цогидалги бакIаздаса вакилзабаз
цIалана жидерго мацIазде руссинарурал Расулил кучIдул. Фестивалалда кIалъазе вахъарав
Сергей Меликовас абуна: — Дунялалъулго ва росдал поэт Расул ХIамзатовасул 100 сонилаб юбилей къватIисел пачалихъазул адабияталъул библиотекаялда тIобитIи цIакъ рекъон бихьула дида. Дунялалъул 52 улкаялдеги щун гьев лъугьана нилъер кIудияб улкаялъул маданияталъул гIаламатлъун кколеб ракълил ва эркенлъиялъул вакиллъун.
Нилъер Расулица дунялалъулго унтарал бакIазул хIакъалъулъ хъвалеб букIана ва хIаракат бахъулаан щибаб рагIи дарулъун лъугьинабизе. Гьесухъа бажарана батIи-батIиял миллатазул ва диназул гIадамазда гьоркьоб гьудуллъиялъул кьо базе, — ян. 1983 соналда Расул ХIамзатов рикIкIана Европаялда бищун лъикIав шагIирлъун, 1986 соналда — Азиялда бищун гьунар бугев шагIирлъун. Гьединго Москваялда тIобитIана магIарул мацIалда тоталияб диктантги.
Расул ХIамзатовасул юбилей кIодо гьабуна улкаялъул батIи-батIиял жамгIиял гIуцIабаздаги.
Расулил къункърабазул кечI ахIана ОАЭялъул Абу-Дабиялдаги ва дунялалъулго батIи-батIиял улкабаздаги.

Дагъистаналда 

Дагъистаналда ва тIолабго улкаялда тIоритIана концертал, Расулил асаразда рекъон гIуцIарал церерахъинал. Гьединго «ХъахIал къункърабазул къоял», «Нижер Расул», «Россиялда тIад къункъраби» абурал художествияб, халкъияб творчествоялъул фестиваль ва цогидалги проектал тIоритIана. Расул ХIамзатов гьавураб къоялъул хIурматалда ДРялъул бетIер Сергей Меликовги, Расулил яс СалихIат ХIамзатоваги ва цогидалги шагIирасул хабада тIугьдул лъезеги ана. Дагъистаналъул халкъияв поэт гьавураб къоялъул хIурматалда республикаялъул бетIерас, РФялъул президентасул культураялъул суалал тIуралев Владимир Толстойгун, сенатор Иляс ГIумахановгун, Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул председатель Николай Ивановгун, хIукуматалъул нухмалъулелгун,
хъвадарухъабигун, Расулил хъизамалъул вакилзабигун цадахъ гьев ракIалде щвезавуна.
ХIамзатовасул «ХъахIал къункърабазул» къоязул х1урматалда митингги тIобитIана МахIачхъалаялда.
Гьеб рагьулаго, ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас абуна:
— Гьев лъала ва вокьула гIелцоязе, гьесул асарал цIалула гIолилаз. ГIагараб магIарул мацIалда хъвадарарав росдал вас, дунялалъулги росдалги шагIир, миллионал гIадамазул рекIелъе жиндир асараз нух бахъарав Расул ХIамзатов.
Санайил гьаб Рагъухъанасул памятникалда цере ракIараралго нилъеца баркалагун ракIалде щвезарула нилъее гIоло рухI кьурал, нилъее букIинесеб сайгъат гьабурал КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIиги. Жиндаго рагъул къварилъиги кьогIлъиги бихьарав Расулицаги гIемерал асарал хъвана рагъул хIакъалъулъ, — ан.
Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб № 50 школалда тIобитIана рахьдал мацIазда пасихIго кучIдул рикIкIиналъул «ХъахIал къункъраби» абураб къецги. Гьениб МахIачхъалаялъул № 35 гимназиялъул (Ленинкент) цIалдохъабаз лъабго батIияб мацIалда ахIана Дагъистаналъул гимн. Гьебго къоялъ тахшагьаралда ва республикаялъул щибаб росулъ, щибаб шагьаралда кIодо гьабуна кIудияв шагIирасул юбилей. Тахшагьаралъул аслияб — Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб къотIнор — тIоритIана батIи-батIиялтворческиял акциял. Художествияб творчество, кучIдул рикIкIине бугеб гьунар, миллияб махщелчилъиялъул ва ХIамзатовасул суратазул выставкаби рихьизе рес букIана тахшагьаралъул аслияб къотIнобгун маданияталъул идарабазда. Расул ХIамзатовасул «АхIун бахъинчIеб кечI» поэмаялда рекъон, театралияб сценкаги бихьизабуна Авар театралъул артистаз. Дагъистаналъул халкъияв шагIир
гьавуралдаса 100 сон тIубаялъул хIурматалда ГIурус театралда тIобитIараб юбилеялъулаб сордоялде рачIун рукIана улкаялъулго адабияталъул хIаракатчагIи, хIакимзаби, къватIисел пачалихъалдаса гьалбал.
Гьелда гIахьаллъана ДРялъул бетIер Сергей Меликов, хIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимов, шагIирасул гIагарлъи ва цогидалги. Республикаялъул бетIерас киназдаго баркана дунялалдаго машгьурав Дагъистаналъул халкъияв шагIир гьавуралдаса 100 сон тIубай: — Расул нилъедаса ватIалъун 20 соналдасагицин кумек гьабулеб буго ВатIаналъе. Гьесул кучIдул, «Хъа хIал къункърабазул» хвел гьечIеб полк кинигин, ритIухълъиялде ва ракълиде киналгоги ахIулаго роржунел руго гIасрабигун гIорхъабаздасан, — ан абуна гьес.
Владимир Толстояс РФялъул президент Путинил рахъалдасан киназдаго баркана Расул ХIамзатовасул 100 сонилаб юбилей.

МагIарухъ 

БежтIа росулъги кIодо гьабуна Расул ХIамзатов гьавуралдаса 100 сон тIубаялъул юбилей. Гьениб ракIалде щвезабуна 1980 соналъул августалда Дагъистаналъул халкъияв поэт БежтIе вачIиналъул хIакъалъулъ. Расулил ВатIан — Хунзахъ районалъул ЦIада росулъ рагьана Эбелалъеги лъимадуеги памятник. Гьеб рагьиялъул тадбиралда гIахьаллъана ДРялъул бетIер Сергей Меликов, РФялъул президентасул СКФОялда вугев вакил Юрий Чайка, республикаялъул нухмалъиялъул вакилзаби ва цогидалги. Памятник лъун буго «ХъахIал къункъраби» мемориалияб комплексалда аскIоб. Эбелалъеги лъимадуеги памятник лъезе анищ букIанин абула Расул ХIамзатовасул. Памятник бана Дагъистаналъул халкъияв художник, Гьигьалъ росулъа ГIали МухIамадовас. Расул ХIамзатов гьавуралдаса 100 сонилаб юбилеялде Хунзахъ къачIана школа-интернат ва культураялъул кIалгIа. Гьениб тIобитIана «ХъахIал къункъраби» фестивалалъул концертги. Расул ХIамзатовасул асаразда рекъон, театралиял постановкаби рихьизаруна,
ахIана кучIдул. Гьенир гIахьаллъана Санкт-Петербургалдаса лъималазул кочIол хор, республикаялъулго батIи-батIиял районаздаса творческиял коллективаз рихьизаруна миллиял кьурдаби. «ХъахIал къункъраби» фестивалалъул хIакъалъулъ гьадин бицана ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министр Энрик МУСЛИМОВАС:
— «Расул ХIамзатовасул юбилеялде тIоритIулел киналниги тадбирал РФялъул президентасул тIадкъаялда рекъон гьарулел руго. Гьелъ бихьизабулеб буго ХIамзатовасул творчество цо республикаялъул, цо улкаялъул творчествоялдаса кIудияб букIин. КъватIисел улкабаздагицин тIоритIулел руго тадбирал. Жакъа къоялда нусгоялдаса цIикIкIун
тадбир тIобитIана машгьурав шагIирасул хIурматалда. Нилъер улкаялдаса вакилзаби унел руго къватIисел пачалихъазда тIоритIулел гьединал тадбиразда гIахьаллъизеги. Расулица хъвалеб буго «Дие рокьула киналго халкъал, лъабцIулго нагIана буго кинабгIаги халкъалда бугьтан лъолесе», — абун. Щивасул буго жидерго мацI, маданият. Гьеб цIикIкIанагIан нилъ бечедаллъун рукIуна. Расулица хъвана: «МетермагIарул мацI хвезе батани, хваги дун жакъаго жаниб ракI кьвагьун», — абун. МацI буго халкъалъул ракI.
БукIинесеб заманалда нилъерго лъималгун рокъор рахьдал мацIалда кIалъазе ругищалиги бараб буго нилъехъа гьеб цIунизе бажариялда. Расул ХIамзатовасул творчество бокьулезда тIадаб буго рахьдал мацI цIунизе. Амма гьелъул магIна кколаро гьев гIурус мацIалде данде чIарав чи вукIанин абураб. Гьес абулаан: «ГIурус мацI букIинчIебани, дун цохIо росдал шагIирлъун хутIилаан», — абун.

Марина АхIмадова, ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул председатель: «ЦIакъ лъикI ана Расул ХIамзатов
гьавуралдаса 100 сон тIубаялъулаб юбилей. Нижеца, хъвадарухъабаз, гьеб тIобитIизе байбихьана январалдаса нахъего. ТIоритIана гIемерал адабияталъул, шигIрабазул сардал. Нилъехъе рачIана дунялалъулго батIи-батIиялда улкабаздаса гIезегIан хъвадарухъаби. МахIачхъалаялда тIобитIараб гьесул творчество ва гIумру бихьизабулеб юбилеялъулаб концерталъги гьел цIакъ пана гьаруна».

НурмухIамад Задиев, Хунзахърайоналъул бетIер: — «Расулил юбилеялъулаб байрам жеги лъикI гьабизе бокьун букIана,
ратизе бегьула цо-цо гъалатIалги, гьарула тIаса лъугьаян. Расул ХIамзатовасул тIахьаздалъун лъималазе тарбия кьезе, гIакълу малъизе бегьула. КIудиязул адабги гIисиназул хъатирги гьабизе кколеб куц малъула гьесул тIахьаз».

Республикаялда ва хасго шагIирасул ВатIаналда тIоритIарал тадбираздаса рази гьечIелги рукIана. Гьединаз хъвалеб буго дунялалдаго машгьурав шагIирасул юбилей жеги лъикI, тIадегIанаб даражаялда тIобитIизе бегьулаанин абун. ЦIада росулъ цIидасан къачIан рагьараб мемориалияб комплексги Эбелалъегун лъимадуе лъураб памятниги щвалде щун къачIан лъугIун гьечIин гIайибал чIвалел рукIана гьез. Дагъистаналъул бетIер Сергей Меликовас жиндирго Телеграм-каналалда хъвалеб буго юбилей мустахIикъаб даражаялда тIобитIанин абун. Гьес тадбирал тIоритIарал киналго гIуцIарухъабазе баркалаги загьир гьабуна: «Цо-цо бакIазда гьава-бакъ хисиялдалъун квалквалги ккана, цогидал бакIазда батIиял гIиллаби сабаблъун ккана. Кин букIаниги, гIемерисел дагъистанияз ва нилъехъе рачIарал гьалбадерица тIадегIанаб къимат кьуна гьел тадбиразе», — ян.
ЦIада росулъ балеб бугеб «ХъахIал къункъраби» мемориалияб комплекс шагIирасул юбилеялде тIубанго рагIалде бахъинчIолъиялъе ккараб гIиллаги бицана Сергей Меликовас: «Гьенир гьарулел хIалтIаби рагIалде рахъинаризе ургъунго гIедегIичIо ниж. Гьенир хIалтIаби гьаризе ккана мемориал хадубккун регьел бахиналдаса цIунулеб
къагIидаялда. Щвалде щвечIого, гIедегIун гьабураб хIалтIи хIажат гьечIо. Гьеб буго к1удияв шагIир ракIалдещвеялъул комплекс. Ва гьениб нилъее гIицIго чIухIун къачIараб сверухълъи гуро хIажат бугеб, хIажат буго абадиялъго
букIунеб бакI».

П. СУЛТIАНМУХIАМАДОВА