…Дун — Дагъистаналъул магIарулалъул Ункъабилеб лъимер, лъабабилев вас…

…Дий ирслъун батана дир эбел-инсул
Гъасда гордухъ къаси гвангъараб чирахъ.
Гьелъул канлъи дида киналго саназ
ГIумрудул сапараз цадахъ букIана…

…Лъикьаго, сункьаго хIинкъуларо дун, —
ХIасратги канлъиги буго дир каранлъ.
Сункьаго, лъикьаго хIинкъуларо дун, —
Дагъистан кидаго буго дир берзукь…