ХIилла-рекIкI гьабулезда кколеб рагIи абизе буго
ДРялъул премьер-министрасул ишал тIуралев ГIабдусамад ХIамидовас тIобитIараб данделъиялда бицана исана марталда тIоритIизе ругел улкаялъул президентасул рищиязде хIадурлъиялъул хIакъалъулъ. Данделъиялда гIахьаллъана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидовги.
«Нилъеда тIадаб буго рищиял ракIбацIцIадго тIоритIизе. Рищиязул заманалда тIатуна рекIкI гьабиялъул гIемер хIужаби. Пачалихъиял идарабаз хIаракат бахъизе ккола гьединал хIужаби тIагIинариялъе ва ритIухъал рищиял тIоритIиялъе», — ян абуна ГIабдусамад ХIамидовас.
Рищиязде гьабулеб хIадурлъиялъул бицунаго, Дагъистаналъул Рищиязул комитеталъул председатель МухIамад Дибировас абуна, гьеб хIалтIи унеб бугин чIезабураб низамалда рекъон. «Президентасул рищиязда гIахьаллъулев вуго 14 кандидат. Гьезул 12-яв вихьизавун вуго батIи-батIиял партиязги жамгIиял хIаракатазги. ХIадурун руго избирателазул сияхIги – гьабсагIаталда гьелда хъван буго цо млн 677 азаргоялдаса цIикIкIун чиясул цIар.
Республикаялда буго 1970 рищиязул комиссия: 55 территориалиябги 1915 участокалъулабги. Исана хIалтIизабизе буго гьаркьал рикIкIиналъул цIияб къагIида. Гьелъие хIажатал алатал щвезарун руго рищиязул комиссиязухъе. Гьаркьал рикIкIине хIадурун вуго избиркомалъул членлъун кколев 13 азаргогIанасев чи.
Рищиязул участоказда гIадамазул гIумруялъе хIинкъигьечIолъи букIинабизе буго. Гьелъул мурадалда хIадурун буго 401 стационариябги 701 портативиябги металлодетектор», — ан бицана МухIамад Дибировас.