Дербент шагьар цебетIезабизе бокьун буго 10 улкаялдаса 64 компаниялъе
ДРялъул бетIер Владимир Васильевасул нухмалъиялда гъоркь гIуцIун букIана халкъазда гьоркьосеб рагьараб къецалъул жюриялъул тIоцебесеб данделъи. Гьениб халгьабуна къецалде ритIун рачIарал мастер-планазул ва тIасарищана бищунго лъикIал.
Мастер-планалъул буго кIудияб кIвар. Гьелда рекъон цебетIезабизе буго Дербент шагьаралъул социалиябгун экономикияб рахъ. Къецалъул хIасилал гьаризе руго ноябралда.
Жюриялде хитIаб гьабулаго, гьадин абуна В. Васильевас: «Нижее бокьун буго Дербенталъул букIинесеб загьирлъулеб проект щвезе. Гьелдалъун тIуразе руго цIакъ захIматал масъалаби – гьелъул кIудияб кIварги буго», — ян.
Дербенталъул мэр Хизри Абакаровас бицана, къецалда бан, шагьаралда тIобитIанин социалияб цIех-рех. Къец тIобитIизе кумек гьабуралъухъ гьес баркала кьуна «Центр» абураб стратегияб цебетIеялъул агентствоялъул генералияв директор, къецалъул гIуцIиялъул комитеталъул председатель Сергей Георгиевскиясе. Проект гIумруялде бахъинабун хадуб Дербенталде рачIунел туристазул къадар гIемерго цIикIкIине бугиланги абуна мэрас.
Рехсараб къецалъул халкъазда гьоркьосев кураторлъун вуго Эдуард Моро – машгьурав архитектор ва эксперт. Данделъиялъул гIахьалчагIазе гьадинаб малъа-хъвайги гьабуна гьес: «Мастер-план хIадурулеб мехалда мугъчIвазе ккола халкъалъул маданияталдегун тарихалде», — ян.
«Къецалда гIахьаллъизе бокьун букIин загьир гьабуна 31 улкаялдаса 183 компаниялъул вакиллъун кколев 144 архитекторас. Гьезда гьоркьоса 97-яб ккола Россиялъул компания. КъватIисел улкабазда гьоркьоса бищун гIемер руго Италиялъул проектал.
ТIоцебесеб иргаялда, къецалда гIахьаллъулес кьезе ккола эссеги порт-фолиоги. Хадуб гьес хIадуризе ккола Дербентги гьелъул ралъдал рагIалги церетIезариялъул хIакъалъулъ мастер-проект. ГIаммаб призалъулаб фондалда буго 14 миллионгун 500 азарго гъуруш», — ан бицана Сергей Георгиевскияс.
Данделъиялъул хIасилалда проектазда гьоркьоса тIасабищуна лъабгояб. Гьел гIахьаллъизе руго къецалъул финалияб бутIаялда. Гьелги ккола гьал хадур рехсарал компаниял: 1. «АйЭнДи Аркитектс» абураб компаниялъул нухмалъиялда гъоркь бугеб консорциум (Россия). Гьелда гьоркьор руго: ADEPT (Дания), SWA (США), «Найт Фрэнк» (Россия), «РашаДискавери» (Россия) компаниял. 2. Москваялъул генералияб планалъул институталъул нухмалъиялда гъоркь бугеб консорциум. Гьелда гьоркьоре уна: «Гинзбург ва архитекторал» (Россия), СКЦ (Россия) компаниял. 3. МАДМА абураб компаниялъул (Нидерландия) нухмалъиялда гъоркь бугеб консорциум. Гьелда гьоркьобе уна РТДА абураб Россиялъул компанияги.
Жюриялъул данделъиялдаса хадуб Дагъистаналъул бетIерас халгьабуна Дербенталъул къватIалгун паркал ва цогидал бакIал къачIаялъул мурадалда хIадурарал проектазухъги.
Бихьа-таралъул хIакъалъулъ жиндирго пикраби загьир гьаруна гьес республикаялъул СМИязул журналистазулгун гара-чIвариялда. «Дербенталда руго гIемерал масъалаби. Гьел тIуразе захIмалъулеб буго, шагьар цивилизациялъул кинилъунги ЮНЕСКОялъул сияхIалде босараб объектлъунги букIиналда бан. Щибаб гали тIамизе ккола ургъун, киналго рахъал хIисабалдеги росун, борца-къотIун. ЦIадал лъим чвахулел бакIаздаса байбихьун, транспорталъул нухазде гIунтIун – щибаб рахъалъул буго кIудияб кIвар. Проекталде гьел росиги проект гIумруялде бахъинабиги букIине буго цогидал шагьаразеги мисаллъун», — ан бицана регионалъул нухмалъулес.
Хизри Абакаровас абуна, республикаялъул нухмалъиялъ кумек гьабичIони, щибго гьабун бажаризе гьечIин абун. «Шагьаралъул къватIазул лъелго унеб нухалъулцин гьарун руго «зеленкаби», ай пуланав чи гьелъул бетIергьанлъун кколин абураб документ. Республикаялъул кумек щвечIони, нижехъа бажаризе гьечIо, гьел ракьал гIадамазухъа ричунги росун, гьезие цогидал ракьал кьезе ихтияр кьолеб закон къабул гьабизе», — ян бицана Дербенталъул мэрас.
МадихIат ХIажиева