Якъинаб ахирищ яги…
Юнус-Бег Евкуров хъулухъалдаса ана
Ингушетиялъул бетIерас лъазабуна, жив хъулухъалдаса нахъе унев вугин абун. Ингушетиялде чанцIулго щварал нижеда, экспертаздагун жамгIиятчагIазда, лъалаан кида-къадги гьедин букIине бугеблъи. Щайгурелъул Ингушетиялъул халкъалъ кинго къабул гьабичIо Чачаналъулгун гIорхъода ругел ракьазул рахъалъ гьес
гьабураб хIукму. Дица гьединаб хIасил гьабуна ингушазул тухумазул советалъул хIукмуялъул кьучIалда. Рехсараб советалда гъорлъе уна 53 тухумалъул вакил. Гьезда гьоркьоса 50 яги 51 вакилас лъазабуна Евкуровасде букIараб божилъи тIагIанилан абун. Гьеб пикруги загьир гьабуна, Чачаналъулгун гIорхъода ругел ракьазул рахъалъ гьабураб хIукму хисизабизе бажаруларин абун Ингушетиялъул бетIерас лъазабун хадуб, ай гьелъие кьучIлъун ккана халкъалъулги Ингушетиялъул парламенталъул бащдалдаса цIикIкIун депутатазулги пикруялъул сан гьабичIолъи.
Республикаялъул бетIерасда божунгутIи загьир гьабилъун рикIкIине ккола тухумазул советалъул гьадинаб хIукмуги: Евкуровазул тухумалдаса бихьиназе, цогидал тухумаздаса ясал ригьнаде кьезеги гьезул ясал цогидаз рачинеги инкар гьаби. Ингушазул гIадаталда рекъон, гьеб буго хIакъирлъи. Гьелде тIадеги, Ю.-Б. Евкуровасде божилъи тIагIин загьир гьабуна ингуш халкъалъул тIолгодунялалъул конгрессалъги гIаммаб миллияб митингалъул гIуцIиялъул комитеталъги. Къокъго абуни, Ингушетиялда цониги чи ватуларо гьесул рахъкколев. Гьелеха, дида бичIчIухъе, унго-унгояб халкъ.
Гъоркьиса ноябралда Ингушетиялде щун вукIарав дунги лъарагIазул гIалимчи, Султан-Мутил цIаралда бугеб фондалъул председатель Надирсолтан ГIабдулкъадировги дандчIвана Евкуровгун ва хIалбихьана, халкъалъул ритIухъаб пикруялъул рахъкквеян бицун, гьев мукIур гьавизе. Амма гьес абуна, «цо-цояз халкъ хIабургъинабулеб бугин ва жив витIаравги кколин» абун.
КъанагIат гурони ритIухъаб рагIи бицунарел хIелхIелчагIаз сверун ккурал парчахIазулги гиназазулги унти ккола гьеб. Гьанже гьев «вигьана», дидани ракIалде ккола, гьелъие «кумек гьабунин» Кремлялъ. «ГIела, гьалмагъ. Дуца абун букIана, халкъалъ дур рахъкколин абун, амма жакъа данде бахъун буго тIолабго халкъ! Нижее бокьун гьечIо федерация носол балалде ккезабизе» — гьединаб батизе бегьула чIахIиял кабинетазда кIусарал хIакимзабаз Евкуровасе гьабураб накъиталъул хIасилги.
Политикияб рахъалъ гьев вукIун вуго хадубккун ккезе бугелъул хIакъалъулъ пикру гьабизе бажари гьечIевлъун. Халкъалъ къватIиве витIана гьев. ХIинкъи лъаларев рагъухъан, генерал Евкуровасул реццалъе мустахIикълъичIеб хIакъираб ахир. Дир ракI гурхIана гьесда. Хьулги буго, халкъалда цеве живго ритIухъ гьавизе гьесие Аллагьас рес кьеялде.
Денга Халидов