Гьалбал разиго хутIана

Каспийск шагьаралда тIобитIана халкъазда гьоркьосеб «чаялъул» форум

 

«Развитие инфраструктуры Великого Чайного пути» абураб форумалда гIахьаллъи гьабуна Китаялъул, Монголиялъул ва Россиялъул чанго батIи-батIиял шагьаразул бутIруз, министерствабазул вакилзабаз, ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулез, журналистаз ва цогидазги.
КIалъазе рахъараз бицана Дагъистаналда туризм ва экономика цебетIолеб бугеб куцалъул хIакъалъулъ, рихьизаруна батIи-батIиял видеороликал ва рорхана туризмалда хурхараб проект гIумруялде бахъинабизе ккеялъул суалал.
Лъабго къоялъ халатбахъине бугеб форумалда гьалбадерида рихьизаризе руго Дагъистаналъул тарихиял памятникалги, рорхатал мугIрулги, гьалагал гIоралги, некIсияб Дербент шагьаралъул берцинлъиги.
Гьеб киналъулго хIакъалъулъ нижеца гIатIидго бицине буго газеталъул иргадулаб номералда.
ПатIимат Расулова