РФялъул министрал – Дагъистаналда

Федералиял министраз МахIачхъалаялда тIобитIана данделъи

 

31 маялда республикаялде ра­чIун рукIана РФялъул МЧСалъул министр Евгений Зиничевги РФялъул тIабигIиял сурсатазулгун экологиялъул министр Дмитрий Кобылкинги. Гьезул гIахьал­лъигун тIобитIараб данделъиялда бицана тIабигIиял балагьаздасаги, цIа ккеялдасаги, цогидал къварилъабаздасаги гIадамал цIуниялъул мурадалда гьаризе тIадал тадбиразул хIакъалъулъ.

Данделъиялда гIахьаллъана РФялъул президентасул СКФОялда вугев вакиласул заместитель Максим Владимировги, РФя­лъул Лъел сурсатазул федералияб агентствоялъул нухмалъулев Дмитрий Кирилловги, ДРялъул бетIер Владимир Васильевги, ДРя­лъул хIукуматалъул председатель Артём Здуновги, РФялъул МЧСалъул ДРялда бугеб бетIераб управлениялъул начальник Нариман КазимухIамадовги, ДРялъул тIабигIиял сурсатазулгун экологиялъул министр Набиюла Гъарачаевги.
«2018 соналде дандеккун, 2019 соналда дагьлъана термоточкаби (спутникалъул кумекалдалъун цIакъго цIикIкIараб температура бугел ракьул бутIаби): 2018 соналда букIана 194, исана хутIун буго 189. ЦIа ккунгутIиялъул мурадалда тадбирал гьариялъе харж гьабураб щибаб гъурушалъ экономикаялъе кьолеб буго 12 гъуршил хайир», — ан бицана Евгений Зиничевас.
Дмитрий Кобылкиница бицана цIадул ва лъел балагьаздаса Дагъистаналъул росабигун шагьарал цIуниялъул мурадалда гIуцIулел ругел тадбиразул хIакъалъулъ. «2019 соналда гьелде биччан буго 187 миллионалдаса цIикIкIун гъуруш. «Экология» абураб миллияб проекталда рекъон, цIигьабизе буго рохьоб цIа свинабулеб техникаялъул парк. Федералияб гIарцухъ босизе буго 38 машина. Дагъистаналда буго 10 азаргоялдаса цIикIкIун лъел объект, гьезул гIаммаб халалъи бахуна 50 азарго километралде. Терек гIоралъул кIудияб кIвар буго Северияб Кавказалъул щуго республикаялъул экономикаялъе. Гьеб гIор цIакъго бахунеб заман буго июнь-июль моцIал. Гьединлъидал хIажат буго, сордо-къоялъ гьоркьоса къотIичIого, гьелда хадуб халкквезе», – ян бицана гьес.
Владимир Васильевас абуна МЧСалъе щвараб цIияб вертолеталъ кумек гьабулеб бугин къварилъи ккараб бакIалде заманалда щвезе. Республикаялъул аслияб «унтилъун» гьес рехсана магIарухъ минаби цIакъго аскIор ран ругеблъи – гьелъ МЧСалъул техникаялъе рес кьоларо бухIулеб минаялде гIагарлъизе. Ихдал гIорал щолеб заманалде, лъел балагьалдаса цIунизелъун, гьезул тIину гъварид гьабизе кколинги бицана гьес. «ГIурул рагIалда ракьул гъунал гьариялъул хIасил кколеб гьечIо ва лъим чвахулеб буго рекьарал хурзабахъеги минабахъеги. ГIурул тIину гъварид гьабизе рес щвани, гьел балагьал дагьлъилаан, дир пикруялда рекъон», — ан абуна регионалъул нухмалъулес.
Данделъиялъул ахиралда СКФОялъул субъектазул спасателазе шапакъаталги кьуна.
ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги администрациялъул пресс-хъулухъ