Иерусалималъул килисаялдаса баракатаб цIа Дагъистаналдеги бачIана
Насраниязул пасха кIодо гьабулел къоязда баракаталъулабин абулеб цIа щвезабула дунялалъул щибаб бакIалде. Насраниязе гьеб ккола кIудияб байрамлъун. Гьал къояздайин абуни, Иерусалималдаса гьеб цIа бачIана Дагъистаналдеги. Республикаялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимовас бицана дагъистаниял-насраниязда байрам барканин муфти АхIмад-хIажи ГIабдулаевасги, ягьудиязул жамгIияталъул вакил Валерий Дибияевасги.
«Гьеб ккола гIолеб гIелалъе ватIан бокьиялъулгун рухIияб тарбия кьейлъунги», — ян абуна министрас.
МахIачхъалаялъул ва Грозныялъул архиепископ Варлаамида байрамги баркун, ДРялъул бетIер Владимир Васильевас гьесухъе кьуна пасхаялде хIадурулел хасал гьуинчадал – куличал.
«МахIачхъалаялда гIумру гьабулеб буго Шахсалан ГIисаевалъ. Гьей ккола кондитеразул искусствоялъул рахъалъ дунялалъул чемпионаталда чIел босарай бусурманчIужу. Гьелъ гьал гьуинчадал хIадурана ва соборалде рачIунел насраниязе сайгъаталъе ритIана. Гьеле гьединаб буго гIемермиллатазулаб нилъер Дагъистан», — ан бицана ДРялъул бетIерас лъималазе сайгъатал рикьулаго.
Хадуб гьес киназдаго байрам баркана ва гьарана рекъелгун хинлъи.