Метер магIарул мацI хвезе батани…

Умумузул ирсалъул ахирисеб хъала

 

Россиялъул чанго регионалда хъвана магIарул мацIалъул диктант

Диктант тIобитIизе ракIалде ккана «Аварал» абураб жамгIияб гIуцIиялда. Гьелъие кумекалъе рахъана МагIарул мацIалъул учительзабазул ассоциацияги ДРялъул Хъвадарухъабазул союзги. Диктанталъул аслияб мурад букIана рахьдал мацI машгьурлъизаби, гьелде рокьи куцай, умумузул ирсалъул адаб гьаби. ТIобитIана магIарул мацIалъул диктант анлъабилеб апрелалда МахIачхъала, Москва, Санкт-Петербург ва Южно-Сахалинск шагьаразда. Гьеб къоялъ Россиялъул шагьаразда ва Дагъистаналда диктант хъвана азаргогIан магIарулас.
МахIачхъалаялда тадбир гIуцIун букIана «Россия – дир тарих» абураб музеялда. Гьелда гIахьаллъана анлъгоялдаса 80 сонил ригьалде рахарал магIарулал. Гьез тIубазабуна кIиго бутIаялдаса гIуцIараб тIадкъай: магIарул мацIалъул тесталъе жавабал кьейги диктант хъвайги. Диктанталъе босун букIана Расул ХIамзатовасул текст. Гьеб цIалана Гъизилюрт шагьаралъул №7 школалъул магIарул мацIалъул учительница, «Рахьдал мацIалъул бищун лъикIав учитель» абураб конкурсалда чIел босарай Сарат МухIумаевалъ.
МахIачхъалаялда диктант хъвана ункънусгоялдаса цIикIкIун магIа­рулас (цогидазе бакI гIечIо). Гьезда гьоркьор рукIана тахшагьаралъул мэр Салман Дадаевги, МагIарул театралъул директор МухIамадрасул Му­хIамадрасуловги, «АхIулгохI» жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев Гъайирбег ГIабдулаевги, магIарул маданиябгун миллияб автономиялъул нухмалъулев ШагIбан ХIапизовги ва цогидалги.

ацIалда кучIдул, рихьизаруна халкъиял гIадатазул бицунел сценкаби. ГIицIго мацI лъан тIубаларо – лъазе ккола умумузул рукIа-рахъинги. Гьелъул хIакъалъулъ музеялде рачIаразда бицана Унсоколо районалдаса Фатима ГIабдурахIмановалъ.
Москваялда диктант хъваялъул тадбир гIуцIана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистаналъул вакиллъиялда. Гьелъи­е хIаракат бахъана «Сенат» абураб бахIсазул клубалъ, гьеб тIо­битIизе кумек гьабуна «Намус» абураб лъайкьеялъул централъ. Диктант хъвазе вачIана 55 магIарулав. ГIахьаллъи гьабуна батIи-батIиял гIелаз — бищун гьитIинасул — 14, бищун цIикIкIарасул — 58 соналде щвезегIан. МагIарул мацIалъул байрамалда гIахьаллъана цIалдохъабиги, студенталги, тохтурзабиги, пачалихъиял хъулухъчагIиги, чIахIиял компаниязул менеджералги.
Инстаграммалда – видеороликазул флешмоб
Флешмобалда загьир гьаруна гьадинал пикраби:
Арсен МухIамадов (Сахалин областалда бугеб Дагъистаналъул халкъазул маданияб централъул председатель): «Диктант хъваялъул аслияб мурад буго магIарул мацI машгьурлъизаби, гье­лъул масъалабазде кIварбуссинаби. Жакъа диктант хъваялъухъ шапакъатал кьезе гьечIо – щивав гIахьалчиясе кьезе буго гьелда гIахьаллъиялъул сертификат».
МухIамад МухIамадов (ДНЦялъул ИЯЛИялъул гIалимчи): «МацI лъалареб халкъалъул букIинесеб гьечIо. Гьединаб халкъалъул къисмат пашманаб букIуна».
ГIабдулрашид СагIадулаев (Олимпиялъул чемпион): «Нилъеца цIунизе ккола нилъерго мацIги, цIарги, яхIги, намусги. Дир дандекколеб гьечIо гьениве вачIине (хIадурлъулев вуго Европаялъул чемпионаталде), амма диктант хъвазе рачIунезе гьарила щулияб сахлъи, рохел ва аваданлъи».
Мурадис Салимханов (адвокат, адвокатазул коллегиялъул председатель, «Биологиялъул учитель» ва «ТIоцебесеб гIазу» абурал тIахьазул автор): «Нилъеца къимат гьабизе ккола рахьдал мацIалъул, нилъер умумузул мацIалъул. Ва гьеб нилъеца цIунизеги ккола».
Шамил МухIамадов: «АхIулел гьечIо концерталде, ахIулел гьечIо къецалде. Киналго ахIулел руго магIарул мацIалъул диктант хъвазе. ЦIакъ лъикIаб букIинаан, нилъер тарихалъулги маданияталъулги адаб-хIурмат гьабун гьенире рачIунел магIарулаз цадахъ лъималги лъималазул лъималги рачани».
Флешмобалъул рахъккуна цевеккун ДРялъул гIолилазул ишазул рахъалъ министрлъун вукIарав Арсен ХIажиевасги. Даргияв вугониги, гIураб къадаралда магIарул мацI лъалеб букIун буго гьесда. Гьесги ахIулел рукIана магIарулал мацIалде диктант хъвазе.
Кавсарат Сулейманова