Республикаялъул гIумру

Хасавюрталъул масъала – федералияб нухмалъиялъул берзукь

 

Дагъистаналде ячIана Роспотребнадзоралъул бетIер, Россиялъул бетIерай санитарияй тохтур Анна Попова

Дагъистаналъул бетIер Владимир Васильевасги Анна Поповалъги тIобитIана данделъи. Гьелда бицана Хасавюрталда бакьазул инфекция ккеялъулги гьелде дандечIеялъул мурадалда гIуцIарал тадбиразулги хIакъалъулъ.
ГьабсагIаталда Хасавюрталда бугеб хIалалъул хIакъалъулъги бицун, В. Васильевас баркала кьуна ДРялъул премьер-министр Артем Здуновасеги гьесул нухмалъиялда гъоркь хIалтIулеб букIараб оперативияб штабалъеги – инфекция жеги тIибитIунгутIиялъул мурадалда гьарурал тадбиразухъ. Гьелдаса хадуб ДРялъул бетIерас бицана, росабалъе лъикIаб гьекъолеб лъим бачиналъул мурадалда, республикаялъул бюджеталдаса цо миллиардгун 700 млн гъуруш биччан бугилан абун. «Хьул буго, гьебго мурадалда федералияб бюджеталъги нижее кумек гьабиялдеги», — ян абуна гьес.
Анна Поповалъ лъикIаб къимат кьуна «инфекциялде дандечIарал тадбирал заманалда ва махщалида гIуцIиялъе». «Жеги тIибитIизе рес букIараб инфекциялъе заманалда нух къазе бажарун буго. Аслияб ма­съала буго инфекция загьирлъарал тIоцересел къояздаго гьеб тIибитIунгутIиялъе гIоло къеркьей. Гьеб масъала тIубазабун буго махщалида. КъатIинабун буго гIадамазухъе бачIунеб бу­кIараб заралияб лъим ва гье­лъул бакIалда халкъ хьезабун буго лъикIаб даражаялъул лъедалъун. Гьабун буго медицинаялъул кумек», — ан бицана Роспотребнадзоралъул бетIералъ.
Гьелъул пикруялда рекъон, хIаракат гьабизе ккола лъим бацIцIад гьабулел къагIидаби хIалтIизаризе, хасго республикаялда туризм цебетIезабизе ракIалда батани. «БацIцIадаб лъим» абураб федералияб проект Дагъистаналдаги гIумруялде бахъинабизе бегьилин абураб пикруги загьир гьабуна гьелъ.

* * *
ДРялъул хIукуматалъул председатель Артём Здуновги Рос­потребнадзоралъул бетIер Анна Поповаги щвана Хасавюрта­лъулги МахIачхъалаялъулги лъел обектазде.
Хасавюрталда гьез халгьабуна «Сулахъ» абураб насосазул станциялъул: гьенисан бачIуна гьанже шагьаралдеги Юбилейный поселокалдеги гьекъолеб лъим.
Гьалбал щвана МахIач­хъа­лаялъул Кировский, Совет­ский районаздеги Ленинкент по­селокалдеги лъим кьабулеб стан­циялде. Гьеб станциялде лъим бачIуна «Миякьоб-МахIач­хъала» лъел мухъалдаса.
КIиябго объекталъул хIалтIу­хъабазулгун гара-чIвариял гьаруна Здуновасги Поповалъги, халгьабуна лабораториял анализазулги.

* * *
31 марталда тIобитIана Хасавюрт шагьаралда бакьазул инфекция тIагIинабиялъул мурадалда гIуцIараб оперативияб штабалъул данделъи. Гьеб нухда бачана ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здуновас.
ГIадамал унтиялъе гIилла­лъун ккана гьекъолеб лъим чороклъи. Гьединлъидал, Артем Здуновасул пикруялда рекъон, гIадамаз хIаракат гьабизе ккола рацIцIалъи чIезабизеги, вакцинаби гьаризеги, шагьаралде бачIунеб лъим бацIцIад гьабизеги.
Данделъиялда бугеб хIала­лъул хIакъалъулъ бицана ДРя­лъул сахлъицIуниялъул ми­нистр Жамалудин ХIажи­иб­ра­гьимовас. Гьес абуна: «Хасавюрталъулазе бацIцIадаб лъим щвезабулеб буго. Гьелде тIадеги, гIуцIун буго халкъалъе бичIчIикьеялъулаб хIалтIиги. ГIураб къадаралда чIезарун руго вакцинабиги», — ян.
ГIадамазе зарал ккунгу­тIия­лъул мурадалда гьабулеб хIал­тIул хIакъалъулъ данделъиялда бицана Роспотребнадзоралъул Да­гъистаналда бугеб управлениялъул нухмалъулей Элеонора ГIумариевалъги.
Артём Здуновас лъазабуна, гьоркьоса къотIичIого, халгьабизе кколин лъел бацIцIалъиялъул, хасго ихдал, гIазу бииндал, гIоразулъ лъим гьарзалъараб заманалда лъим жеги чороклъизе бегьулелъул. ГьабсагIаталда А тайпаялъул гепатиталъ унтун­гутIиялъул мурадалда прививка гьабун буго 700-ялдаса цIикIкIун чиясе, дизентериялдаса – 133 чиясе ва тифалдаса – 80 чиясе. Лъималазул ахазда лъун буго 40 кулер (бацIцIадаб лъел къали) ва школазда – 90.