КъватIисезул бакIалда — нилъералго
Росдал магIишаталъе хIажатал хьонал Дагъистаналдаго гIезаризе руго
29 январалда ДРялъул бетIер Владимир Васильевас тIобитIараб данделъиялда гIахьаллъана «Овощал гIезариялъул федералияб гIелмияб центр» абураб федералияб пачалихъияб гIелмияб идараялъул директор Алексей Солдатенко.
Республика цебетIезабулеб аслияб нухлъун Васильевас рехсана Дагъистаналъул нухмалъиялъулги, гIалимзабазулги, росдал магIишаталъул махщелчагIазулги цадахъаб хIаракат. «Цадахъаб хIаракаталдалъун рес щола ругел шартIаздаса цIикIкIун пайда босизе. Дагьалъ цеве дун дандчIвана «Бабушкино лукошко» абураб лъималазе нигIматал хIадурулеб кIудияб компаниялъул вакилзабигун. Гьез абуна, жидее цIакъ гIоларого бугин кабачок ва цогидал овощал. Щивав чи ургъизе ккела: сундул букIунеб цIикIкIараб пайда – хьонал ричиялъулищ яги гIезарун овощал ричиялъулищ?
Нилъер республикаялда цебегоялдаса нахъе хIалтIулеб буго овощал гIезарулеб федералияб гIелмияб центр. Дагъистаналда гIезарурал хьонал ричула тIолабго улкаялда. Гьезие бокьун буго республикаялда гIуцIараб хIалтIи жеги гIатIид гьабизе», — ян бицана гьес.
Алексей Солдатенкоца бицана гIелмияб институталъул планазул хIакъалъулъ. «Овощазул хьонал гIезариялъул рахъалъ цебехъанлъун буго Дагъистан. Гьелъул кIудияб бутIа буго улкаялдаго гIезарурал овощазул рахъалъги. ГьабсагIаталда Россиялде рачIуна къватIисел улкабаздаса хьонал. Гьезул бакIалда нилъералго чIезаризе хIаракат гьабизе ккола. Улкаялъ хьонал росизе кколел руго 7-8 млрд гъуршиде. Гьебго заманалда овощазул ва бахчаялда гIезарулел нигIматазул хьонал гIезарулел руго гIицIго кIиазаргоялдаса цIикIкIун гектаралда, хIажалъулеб буго 17 азаргониги гектар ракьул. Дагъистаналъул гьава-бакъ цIакъ рекъонккола хьонал гIезариялъе. Гьаниб хьонал гIезариялъул центр рагьани, импорталъул хьонал хисиялъул масъала тIубазе бигьалъула нилъее, хIата ресцин щола нилъерго хьонал къватIисел улкабазда ричизе», — ян бицана гIелмияб централъул директорас.
Хьоназул центр рагьиялда бан дандчIвазе бегьулел масъалабазулги гьел тIураялъе санагIатал нухазулги хIакъалъулъ данделъиялда бицана «Дагъистан Республикаялъул федералияб аграрияб гIелмияб центр» абураб ФНБУялъул директор ХIасан Догеевасги, «Кавказалъул хьонал» абураб «Росдал магIишаталъул гIелмиябгун производствоялъул фирма» ОООялъул генералияв директор СолтансагIид ИсмагIиловасги, цогидазги.
ДРялъул хIукуматалъул вице-премьер – ДРялъул росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул министр ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас гьадин бицана гьабсагIаталда республикаялда бугеб хIалалъул хIакъалъулъ: «Республикаялда гIуцIун буго хьонал гIезарулеб ункъо магIишат: Гъизляр районалъул «Нива» ОООялдаги, «Сириус» ОООялдаги ва Хасавюрт районалъул Кировасул цIаралда бугеб ХIалбихьиязулгун производствоялъул магIишаталдаги гIезарула могьолал культурабазул хьонал. «Н. И. Вавиловасул цIаралда бугеб Хурдузул генетикиял сурсатазул тIолгороссиялъул институталъул федералияб гIелмияб центр» абураб ФГБУялъул Дагъистаналъул хIалбихьиязул станциялда бугеб хьонал гIезарулеб магIишаталъ хIадурула овощазулги могьолазулги хьонал, ва гьеб идараялъ, жидеего бокьун, гьабула сертификацияги.
Дагъистаналдаго гIезарурал тIадегIанаб даражаялъул хьоназдалъун республикаялъул росдал магIишаталъул производителал хьезарун руго 3-5 проценталъ, хутIараб бичун босула цогидал регионаздаса. Рекьулел могьолал культурабазул хьоназдалъун республика хьезабун буго 65 проценталъ ва овощазул – 15 проценталъ», — ан бицана министрас.
Гьес лъикIаб къимат кьуна Овощал гIезарулеб федералияб гIелмияб централъулгун цадахъаб хIалтIиялъе. «20-ялдаса цIикIкIун соналъ гьебгун хIалтIулеб буго Дагъистаналъул гIелмияб центр. Гьелъул гIалимзабаз Дербент районалъул Жамикент росдал жалго бетIергьанал магIишатазул 10 гектаралда хIадурулел руго хъапустIаналъулги, дайконалъулги, чIакIултIаналъулги, кольраби тайпаялъул хъапустIаналъул ва цогидалги овощазул хьонал. Кинабниги лъагIалида жаниб хIадурула щугоялдаса цIикIкIун тонна хьоназул ва гьел ритIула федералияб гIелмияб централде. Техникаялъул рахъалъ кумек гьабуни, гьел магIишатаз хIадуризе руго жеги цIикIкIун хьонал», — ан бицана ГI. ГIабдулмуслимовас.
«ХIалтIи бигьаяб гьечIо, буго конкуренцияги. Гьединлъидал, щибаб рахъалъул мухIканго халги гьабун, хIасил кколедухъ хIалтIизе ккола», — ян хIасил гьабуна Владимир Васильевас.