Миллиял проектазе — 17 миллиард гъуруш
Республикаялда микьго завод базе ракIалда буго
22 январалда, ДРялъул бетIер Владимир Васильевасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIараб данделъиялда «РФялъул пачалихъияб федералияб программа ва миллиял проектал гIумруялде рахъинаризе Дагъистаналъе субсидиял риччаялъе гIоло республикаялъул исполнительнияб власталъул гIуцIабаз федералиял гIуцIабазулгун къотIи-къай гьабиялъул хIакъалъулъ» абураб суал гьоркьоб лъун букIана.
Гьеб программаялъул хIакъалъулъ бицун кIалъана ДРялъул хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместитель ХIажимухIамад ХIусенов. Гьес бицухъе, 2019 соналдаса Дагъистан гIахьаллъулеб буго 12 миллияб проекталдаса гIуцIараб РФялъул миллиял масъалаби тIураялъул проект гIумруялде бахъинабиялъулъ. Гьезул кумекалдалъун улкаялъул социалиябгун экономикияб цебетIеялъул захIмалъаби тIуразе руго. Гьеб проекталда рекъон, 67 федералияб проект гIумруялде бахъинабизе буго. Дагъистан гIахьаллъулеб буго гьезда гьоркьоса 48 проекталъулъ. 2019 соналда, регионалда гIумруялде рахъинаризе ругел киналниги проектазе 17 миллиард гъуруш биччалеб буго, гьезда гьоркьоб 14,4 миллиард гъуруш федералияб бюджеталдаса биччараб, 1,1 миллиард – республикаялъул бюджеталдаса, 1,5 бюджеталъул гуреб гIарац.
Регионалда гьел киналго къотIи-къаял гьариялъул хIалтIи гьабизе байбихьун бугин ва 15 февралалде киналго къотIи-къал гьарун рукIине кколин бицана ХIусеновас.
«Исана республикаялъул бюджет 22 миллиард гъурушалъ цIикIкIана ва республикаялъул инвестициязул программаги гIатIилъана. Гьеб программаялда рекъон, республикаялда разе ракIалда буго: 27 школа, 22 лъималазул ах, ункъо сахлъицIуниялъул гIуцIи, 102 километр халалъиялъул газалъул мухъал, лъабго спортивияб объект, гIадамал лъедалъун хьезарулеб 26 бакI, лъим бацIцIад гьабулеб кIиго бакI, цо административияб мина. Регионалияб инвестициялъулаб программаялда (РИП) рекъон, 174 бакI базе ракIалда буго, гьезда гьоркьоса 101 исанаго бан лъугIизе ккола», — ян бицана ХIажимухIамад ХIусеновас.
Гьелъул бицунаго, Владимир Васильевас абуна: «Нилъее кьун буго гIемераб гIарац, кIудияб жавабчилъи ккола гьеб. Цебе гьеб гIарац унеб букIана хасал инвесторазул цогидал «программабазе». Жакъайин абуни нилъер рес буго гьеб гIарац республикаялъе, халкъалъе хIажатал ишазда тIад хвезабизе. Гьеб букIана киназулго анищлъун. Дида гьанив жиндирго ватIан бокьулев чи вихьулев гьечIо. Жакъа киназулго рес буго ватIаналде бугеб рокьи бихьизабизеги», — ян.
Республикаялъул министерствабазул нухмалъулез бицана миллияб проект гIумруялде бахъинабизелъун гьабулеб бугеб хIадурлъиялъул хIакъалъулъ.
Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министр Уммупазил ГIумаровалъ бицана министерствоялъ гIахьаллъи гьабулеб бугин «Демография» абураб миллияб проекталъулъ, «Лъайкьей» миллияб проекталъул микьго федералияб проекталъулъ ва цогидалги пачалихъиял программабазулъ.
ДРялъул ралел бакIазул ва ЖКХялъул министерствоялъ гIумруялде бахъинабизе кколеб лъабго регионалияб программаялъул хIакъалъулъ бицана министр Малик Баглиевас. Гьел программаби гIумруялде рахъинариялъе биччан буго 1,3 миллиард гъуруш. Министрас рагIи кьуна бихьизабураб заманалда жаниб хIалтIи гьабун лъугIизе бугин.
ДРялъул тIабигIиял нахърателазул ва экологиялъул министр Набиюла Гъарачаевас бицана министерствоялъ гIахьаллъи гьабулеб бугин «Экология» абураб миллияб проекталда гьоркьоре унел «БацIцIадаб лъим» ва «Рищни-къул (ТБО) батIа гьабун къачIай» федералиял проектазулъ.
«Рищни бакIариялъул суал тIубазелъун гIуцIун буго «нухлул карта», гьелъие гIоло биччан букIана 1,4 миллиард гъуруш. Хадубккун жеги 600 миллион гъуруш тIадеги биччана. Гьеб гIарцуде республикаялда рищни-къул батIа гьабулеб анкьго завод базе ракIалда буго, жеги цо завод базе буго РФялъул Оборонаялъул министерствоялъги. Гьеб къагIидаялда, рищни-къулалъул миллион тонна батIа гьабун къачIазе буго. Тюбе поселокалда базе буго кIиабилеб нухалда хIалтIизабулеб материалалъул завод»,- ан бицана Н. Гъарачаевас.
Гьесул рагIабазда рекъон, кIиго соналда жанир разе руго рищни-къул батIа гьабулел комплексал, 2020 соналдайин абуни завод бан лъугIизабизе буго. «2024 соналде щвезегIан гьеб захIматаб суал нижеца тIубазе буго», — ян рагIи кьуна Набиюла Гъарачаевасги.