В. Васильев: «Нилъее хIажат буго бацIцIадаб республика»
ДРялъул нухмалъулев дандчIвана журналисталгун
«Рокъор гIодорги чIун хIукуматалъул хIалтIи какун рукIунеб гьаб роччараб къоялда нилъ ракIарун руго тIасияб соналъул бюджеталъул суалал дандразе», — ян махсараги гьабун, байбихьана Дагъистаналъул бетIер Владимир Васильевас 31 октябралда журналистазулгун Дагъистаналъул телевидениялда (РГВК) букIараб данделъи. Хадуб гьес гIаммаб куцалда бицана бюджеталъул бугеб экономикиябгун политикияб кIваралъул, гьабсагIаталда республикаялда лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъул, унел ругел хиса-басиязул. Васильевасул рагIабазда рекъон, ахирал соназда Дагъистаналъул бюджет букIана социалияб балагьиялъул, амма тIасияб соналда гьеб букIине буго цебетIеялъулаблъун. Гьединаб рес нилъее щвана бюджеталъул гIарац бикъиялъе рукIарал шартIал тIагIинариялъул, налогал ракIариялъулъ гIадлу-низам чIезабиялдалъун бюджеталде бачIунеб гIарцул къадар борхиялъул ва федералияб централъ гIарцудалъун гьабулеб кумек дагьабги цIикIкIиналъул хIасилалда. Республикаялда бикъулеб букIараб гIарцул бицунаго, мисал хIисабалда, гьес тIадчIей гьабуна ТФОМСалда бюджеталъулаб гIарац пасат гьабулеб букIараб куцалда. РакIчIезабуна гьениб мисалияб низам чIезабизе ва гьединабго низам чIезабизесел идарабазул ирга гIезегIан халатаб букIиналда.
Хадуб рагIи кьурав хIукуматалъул председателасул заместитель ХIажимухIамад ХIусеновас жеги мухIканго бицана бюджеталъул хIакъалъулъ. Гьес абухъе, бюджет гIуцIун буго харжаздаса хайир дагьаб цIикIкIунеб (400-500 млн гъуруш) хIисабалда. Гьединаб бюджеталъ рес кьезе буго киналго социалиял тIадеросиялги тIуразе, инвестициязулал проектазе нухги рагьизе.
ТIадеялъул бищун гIодобегIанасеб моцIрол харж бахинабизе буго 12280 гъуршиде, тIоцебесеб январалдаса нахъе анлъго проценталъ борхизабизе буго социалиял хIалтIухъабазул (тарбиячагIи, лъайкьеялъул ва сахлъицIуниялъул хIалтIухъаби ва гь.ц) харжги.
Цинги В. Васильевас ва ХI. ХIусеновас кьуна журналистазул суалазе жавабалги. ГIезегIанго рагьун кIалъарав В. Васильевас цо-цо суалал тана гьезде жеги заман щун гьечIинги абун, цогидазе кьуна чIванкъотIарал жавабал.
Мисалалъе, МахIачхъалаялда унел ругел хиса-басиял кида щвезе ругел цогидал муниципалиял гIуцIабазде абураб суалалъе гьес кьуна гьадинаб жаваб:
– Хиса-басиял жеги гьаризе руго. ГьабсагIаталда хIажат буго республикаялъул идарабазда низам чIезабизе, квер гIунтIулеб гьечIо, къуват гIолеб гьечIо, гьелда цадахъго киналго муниципалитетазда жанире лъугьинеги. Щвела гьездеги ирга.
— ЧIороголъулел руго магIарухъ ругел росаби, гIадамал гочунел руго гIодоблъиялде. Гьеб масъала тIубаялъе щибго жо хIисабалде босун бугищ бюджеталда?
— Гьеб буго цIакъго захIматаб, амма кIвар бугеб масъала. Ниж ургъулел руго гьелда тIад. Гьеб буго республикаялъул идарабазулги муниципалитетазулги цадахъаб хIалтIи. ТIасияб соналда, гьеб мурадалда, бюджеталда лъун буго 80 млн гъуруш, цебехун киданиги букIинчIо гьединаб гIарац.
— ТIадеялъул газет-журналазе биччалеб гIарац 28 млн гъурушалъ дагь гьабун буго. ГьечIищ гьеб хIал хисизабизе рес?
— Гьеб буго нужерги бербалагьиялда гъоркь букIине ва тIадал идарабазда цебе цоги нухалъ борхизе кколеб суал. Нижги ургъулел руго гьелда тIад, киналго шартIалги хIисабалде росун, дандбан, цо рес батизе ккола.
— ТIадеялъул чиновниказул харжал цIикIкIинаризе хIисабалда босун букIин битIараб бугищ?
— ХIалтIи цебетIезабизе, гьелъул даража борхизабизе нилъее къваригIун батани, гьелъие къваригIуна профессионалиял хIалтIухъаби. Москваялда лъикIаб хIалтIиги тун, гьаниве вачарав, ришваталги росичIого хIалтIулев чиновникасе букIине ккола хIалтIуда рекъараб харжги. Дагьаб харжги кьун ришватазда теялдаса, лъикIаб харжги кьун чиновник ришватаздаса рикIкIад гьави битIараблъун бихьула дида.
РукIана жеги гIемерал суалал. Киналъулго хIасил гьабулаго, В. Васильевас абуна:
— Дагъистаниязда бичIчIизе ккола нижеца гьабулеб хIалтIул мурад республика цебетIей, гIадамазул рукIа-рахъин лъикI гьаби, чороклъиялдаса гьеб бацIцIад гьаби букIин. ЛъугIана доб, ай бюджет тIутIулеб, нич тIагIун буголъи бикъулеб, гIарцухъ хъулухъал росулеб заман. Нилъее къваригIун буго бацIцIадаб республика, хIалтIулеб экономика, профессионалиял хIалтIухъаби. Гьелде нилъ унел руго, гьедин букIинеги буго, — ян.
ГIабаш ГIабашилов