«Анжи-Аренаялда» дандчIвай гьабуна UFCялъул чемпион ХIабиб НурмухIамадовасда
Гьенире рачIун рукIана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председателасул тIоцевесев заместитель СайгидахIмад АхIмадов, ДРялъул хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместителасул ишал тIуралев Анатолий Карибов, Россиялъул спортивияб гугариялъул федерациялъул тIоцевесев президент ГIумар МуртазагIалиев, ДРялъул спорталъул министрасул ишал тIуралев МухIамад МухIамадов, республикаялъул министерствабазул, ведомствабазул нухмалъулел, чемпионасул гIага-божарал, гьудулзаби ва болельщикал.
Аза-азар чи гIахьаллъараб гьеб дандчIваялда кIалъалаго Анатолий Карибовас гьадин абуна:
«ГIемерисел дагъистаниял, спортивиял лъугьа-бахъиназда хадуб кидаго халкколарелцин, анкьабилеб октябралда нугIзаллъун лъугьана UFCялъул речIчIухъанлъиялъул къеркьеялда ХIабиб НурмухIамадовас бихьизабураб бахIарчилъиялъул нугIзаллъун. Гьес, жиндирго бажариялдалъун, таваккалалдалъун, ишалдалъун тIолабго дунялалдаго бихьизабуна Россия кIудияб спортивияб пачалихъ, Дагъистан – спортивиял регионазул цояб букIин.
ХIабибица бихьизабуна речIчIухъанасул унго-унгояб хасият. ТIолабго Россия чIухIараб буго МугIрузул улкаялъул васасул къуркьунгутIиялдаса ва бахIарчилъиялдаса. Нилъер бахIарчиясул эмен ва тренер ГIабдулманап НурмухIамадовасги гьеб бергьенлъиялъулъ кIудияб бутIа лъуна. Баркала, ГIабдулманап, дуе гьединав бахIарчияв, кьураб рагIуеги гьабулеб ишалъеги ритIухъав васасе тарбия кьуралъухъ.
Хирияв ХIабиб, республикаялъул ва тIолабго улкаялъул аза-азар лъималазеги гIолилазеги мун ккола унго-унгояв бахIарчи. Гьарула дуе, гьединго Дагъистаналъул киналго спортсменазегун тренеразе, спортивиял гIуцIарухъабазе, спорт бокьулелщиназе щулияб сахлъи, сах-саламалъи, парахалъи, нилъер ВатIан машгьур гьабиялъе жеги чIахIиял цIиял бергьенлъаби», — ян.
«Байбихьудаса нахъего нужеца халккун букIана лъугьа-бахъунебщиналда хадуб, — ан кIалъана ХIабиб НурмухIамадовги. – ГIемерал лъугьа-бахъинал рукIана турнир байбихьилалде цереги. Амма тIадегIанав Аллагьасда дица гьарулеб букIан цо: октагоналда дандиявгун дандчIвазе нижее рес кьейилан. Дие бокьун букIана нилъер халкъазда гьоркьоб бугеб батIалъи гьесда бихьизабизе. Клеткаялда жанире лъугьиналде, Конорица гIемераб чороклъи тIуна. Дицайин абуни, гьесие жаваб кьуна къеркьолелъул бихьилин дур хIалилан. Щибха букIараб къеркьей лъугIун хадуб: цоцояз абулеб буго гьеб битIун букIинчIин, цогидаз рикIкIунеб буго дица битIун гьабунин. Дица гьадин абила: «Клеткаялъур тIамун цIумал чIоларо!» Ва дица дандиясда ва гьесул командаялда гьеб бихьизабуна. Нужее киназего кIудияб баркала буго».