Политика ва психология: пачалихъалъе хIинкъи буго

Владимир Путиница Сибиралъул федералияб округалде гьабураб сапаралъул «лъалкIда» хадуб

 

Дица кидаго хIаракат бахъула улкаялъулги дунялалъулги политикиял балъголъа­базда хадувгъезе. Амма жакъагицин гIемерал руго жаваб батуларел суалал. Гьел суалазе жаваб батизе кумек гьабула «мухъазда гьоркьосеб» магIна цIализе бажарани.
Сибиралъул федералияб округалде (СФО) Путиница гьабураб сапаралъул хIакъалъулъги цIализе ккола прессаялда рахъа­рал макъалабазул «мухъазда гьоркьосан». Кемеровоялдаги, Омскалдаги, Новосибирскалдаги ва цогидал шагьараздаги гьев дандчIвана «захIматчагIигун», амма гьебги рикIкIине бегьиларо цIияб хабарлъун. ГьечIо гьел дандчIваязулъ дунялалъул сипат бичIчIизе рес кьолеб цIилъи: гьединал дандчIваял гIемер рукIана. Туваялъул рохьаз­да (РФялъул оборонаялъул министрасул ватIан), Сергей Шойгудаги Александр Бортниковасдаги (ФСБялъул директор) цадахъ чанаве вахъинги ккола Владимир Путинил сахлъи лъикIаб букIиналъул хIужа. Чан гьа­булаго, сундул хIакъалъулъ хабар бицараб гьез? Гьеб буго жаваб батизе гъирабалеб суал.
СФОялъул шагьараздаги рохьаздаги щибха балагьулеб бугеб нилъер президентас? Гьеб суалалъе жаваб кьелалде цебечIезабизе ккола сапаралъе квербакъараб хIал.