Тахшагьаралъул аслияб майдан цIигьабизе буго

Владимир Васильевас тIобитIараб данделъиялда бицана

Дагъистаналда шагьарал раялъулги архитектураялъулги хIакъалъулъ

Лъабабилеб авгутсалда тIобитIана ДРялъул бетIерасда цебе бугеб ДРялъул шагьарал рай ва архитектура цебетIезабиялъул советалъу­л данделъи. Гьенир церелъурал масъалабазда гьоркьоб букIана Ма­хIач­хъалаялъул аслияб майдан цIи­гьабиялъул суалги. Гьениб бицана тахшагьаралъул тарихияб сипат цIуниялъулги, рекламабазул хIа­ракат низамалде ккезабиялъулги, аслияб майданалдасан транспорт хьвадиялъе рес кьеялъулги хIакъалъулъ.
Регионалъул нухмалъулес абуна, гIемерал соназ тIурачIого тун ругин рехсарал масъалаби. «РукIана хIукмаби гьарун, изну гьечIого ва низам цIуничIого тахшагьаралда рарал минаби риххизариялъул хIакъалъулъ. Гьел риххизаризе байбихьунги букIана, амма, гIадамал гьелда разилъунгутIиги кьочIое босун, хIукмаби гIумруялде рахъинаричIого тун руго. Хадубккунги гьединал ишал ккунгутIизе хисана бетIерав архитекторги гIуцIана Шагьар баялъулгун архитектураялъул комитетги. Гьелъул нухмалъиялда тана дагъистанияв, гьеб рахъалъ лъайгун бажари бугев махщелчи. Хьулги буго, гьесулги нилъерги цадахъаб хIаракаталдалъун гIемерисел масъалаби тIуразе бажарилин», — ян бицана Владимир Васильевас.
Рехсараб комитеталъул бетIер­лъуда тIамун вуго Незир ХIусейнов. Гьес абуна, МахIачхъалаялда хIал­тIи гьабулаго, аслияб кIвар­буссинабизе бугин тахшагьаралъу­л тарихияб сипат цIуниялде. «ГIум­руялъул шартIал хисиялда цадахъго хисулеб буго чIахIиял шагьаразул сипатги. Гьебго бихьулеб буго МахIачхъалаялдаги. Шагьаралъул архитектуриябги, тарихиябги, миллиябгун маданиябги хаслъи цIунизе хIаракат бахъизе буго нижеца, цIияб инфраструктураги, маданиялгун выставкабазул комплексалги, цогидал объекталги ралеб мехалда. Щибаб шагьаралъул букIине ккола гIицIго жиндие хасиятаб бакI. Гьединал бакIазде ракIцIазе ккола гIадамазул ва гьел рукIине ккола транспорт хьвадулареллъун», — анги бицун, ХIусейновас рехсана тахшагьаралда гьаризе ракIалда ругел тадбирал.
ДРялъул маданияб нахърател цIуниялъул агентствоялъул нухмалъулев Заур Кагьримановас абуна, республикаялда бугин маданияб ирслъун кколеб 6354 объект ва гьелда гьоркьоса кIиазаргогIанасеб кколин федералияб кIваралъул объектлъун. Гьел киналго росун руго федералияб реестралде ва щибалъул буго паспортги. МахIачхъалаялда бугин пачалихъалъ цIунулеб 48 памятниканги тIаде жубана гьес.
МахIачхъалаялда рекламалъул хъар­щал чIваялда тIасан букIуна гIемераб хабар. Гьеб иш низамалде ккезабиялъул мурадалда, Незир ХIусейновасул пикруялда, хIа­ду­ризе ккола цIиял тIалабал ва гьезда мухIканго хъвазе ккола, кинаб ро­ценалъул хъарщи яги цогидаб конструкция букIине колебали ва кинаб бакIалда гьеб базе бегьулебали. Гьел тIалабазде рекъонкколарел рекламаби шагьаралъул къватIазда разе риччазе бегьиларин абуна гьес. «КъотIи гьабулелъул чарагьечIого хIисабалде босизе ккола пуланаб реклама архитектуриябгун художествияб сипаталде рекъонкколищали», — ян абуна бетIерав архитекторас.
Данделъиялда Незирица бихьиза­буна МахIачхъалаялъул Ленинил цIаралда бугеб аслияб майдан цIигьабиялъул проектги. Вла­димир Васильевас абуна, майдан цIи­гьа­биялъе гIарцул кумек гьабулеб бугин Москваялъул мэриялъги – 350 млн гъуруш. «КъачIазе ккола Ленинил памятник. Ургъизе ккола Дагъистаналъул улбул абураб памятник киб лъелебалиги. Цебеккун абулеб букIана гьеб лъезе кколин аслияб майданалдаян. Гьеб пикру жамгIияталъулгун дандбазе ккола. Цо пуланаб рахIмуялъул гIуцIиялъ улкаялъул шагьаразе рикьулел руго фонтанал – кватIичIого гьелъул вакилзаби рачIине руго Дагъистаналде. Ургъе, кинаб бакIалда гьеб фонтан лъуни, гIадамазе цIикIкIун пайда букIинебалиги», — ян кIалъана гьев.
Дагъистаналъул нухмалъуле­с кIварбуссинабуна шагьарал­де ра­чIунел шагьранухазул рагIал­лъа­баз­да гъутIби чIеялдеги. «Нилъер къва­тIал, шагьраби чIорого руго. Нижеца къотIи гьабун буго, Дагъистаналда ругьунал гъутIби гьенир чIезе. Шагьарбалъул масъалаби тIуралаго, гьеб суалги кIочонге», — ян абуна гьес.