Стратегияб сессия

В. Васильев: «Диего бокьун вачIинчIо…»

 

ДРялъул нухмалъулесул ишал тIуралес лъазабуна жив республикаялде хIалтIи гьабизе вачIун вугин

«Дагъистан Республикаялъул социалиябгун экономикияб цебетIеялъул стратегия хIадурулаго, транспорталъул логистияб комплекс цебетIезаби» абураб темаялда стратегияб сессия тIобитIана Дагъистаналъул пачалихъияб техникияб университеталда. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевги, ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здуновги, ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги администрациялъул нухмалъулев Владимир Ивановги, стратегиял инициативазул агентствоялъул генералияв директорасул гIакълучи Анвар ХIажиевги, министерствабазулгун ведомствабазул ва муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулелги, гIелмуялъулги, бизнесалъулги, жамгIиял гIуцIабазулги вакилзабиги.

КIицIул цIикIкIун разе руго

Данделъиги рагьун, Владимир Васильевас абуна, гIадамазул гIумру лъикIлъизабулебги улкаялъул экономика цебетIезабулебги иш кколеблъиги хIисабалде босун, нухал рахъиялъул, къачIаялъул къадар кIицIул цIикIкIинабеян лъазабун бугин улкаялъул президентас. Гьес ракIалдещвезаруна ахираб заманалда республикаялъул нухазда ккарал пашманал лъугьа-бахъиналги. «Ахирисел баяназда рекъон, 875 чи лъукъана, 160-яв хвана. Хасавюрталда 15 сон барав васас, машинаги тункизабун, чIвана чIужугIаданги лъимерги, цоги чIужугIадан захIматго лъукъана. Исана, гъоркьисаялде дандеккун, нухазда автоавариязде ккун хваразул къадар гIемерго цIикIкIана. Гьеб буго пашманаб хабар, ва гьелда тIад ургъизе ккола нилъ», — ан абуна республикаялъул нухмалъулес.

Налогал кьечIони…

Дагъистаналда руго гIемер масъалаби. Гьел тIуразе хIажалъула гIарац. Бюджеталда гIарац букIунаро, бакIалъулал идарабаз налогал ракIаричIони. Масала, чанги росу буго гьекъезе лъим гьечIого хутIараб яги лъим бацIцIад гьабулел алатал гьечIеб. Васильевасул пикруялда рекъон, гьединал масъалаби тIуразе бегьулаан, бюджеталде рачIунел налогазул къадар цIикIкIани. «Пуланаб фирмаялъул цо чанго заправкаялдаса щвезе кколаан 80 млн гъуруш налогазул. Гьеб щун букIарабани, школазул автобусал хисизеги, больницабазе цIиял алатал росизеги рес щвелаан. Исана бюджеталдаса 200 млн гъуруш кьолеб буго басрияб 100 школа къачIазе», — ян кIалъана Владимир Васильев.

2000 электрик

КватIичIого Дагъистаналде вачIине вуго Россиялъул регионаздаса 2000 электрик ва хIалтIизе буго 700 машина. Гьез лъезе буго 9000 токалъул хIубиги, токалъул хIисаб гьабулеб 17000 алатги, рачине руго хехго рухIуларел ва ток бикъизе рес кьоларел кваралги. Федералияб централъул электрикал хIалтIизе руго Дагъистаналъул
анлъго мугIрузулаб районалда. Гьеб хIалтIи гьабизе биччан буго цо млрдгун 300 млн гъуруш.
КьучI гьечIел харбал

«Дагъистаналъул хIакъалъулъ рицунел руго кьучIго гьечIел харбал. Цо-цо рахъаз нахъекколел руго нилъ, амма хехго хадургъезеги бажарула. Руго гьанже гьединал технологиял. Вуго нилъер хIукуматалъул председатель – лъикIго цебетIолеб букIараб регионалда хIалтIулев вукIарав. Нилъехъаги бажарила ахирисеб гуреб вагоналъуре кIанцIизе. Нилъеца Дагъистаналде гьалбал рачуна гIицIго халкквеялъулги тамихI гьабиялъулги мурадалда гурел, кинабго квеш гьечIеблъи бихьизабизеги», — ян абуна Васильевас рехсараб сессиялда. Гьес бачана гьадинаб мисалги: «Риидал дун гIемер щола ралъдал рагIалде. Цо къоялъ гьениве щведал, хIухьбахъулел гIемер ругоан. Рощнол къалиялда аскIосан унаго, гьелда аскIоб кьишни бан бихьана. ЦоцIул ана, кIицIул ана… Лъабабилеб нухалда кинабго бакIарана. Цо чанго чиясда гьеб бихьана. Гьанже аскIосан уна – лъицаниги кьишни гIодобе баларо».
«Техосмотр» гьабуна

Исана сентябралда тасдикъ гьавизе вуго ДРялъул бетIер. Гьелъул
бицунаго, Владимир Васильевас ракIалдещвезаруна Расул ХIамзатовасул рагIаби. «Расулица абуна, Дагъистан жиндиего бокьун лъугьинчIин Россиялда гъорлъе. Ва гьелда гъорлъаги гьеб нахъе унарин, зулму гьабун гурони. Гьедин дунги, диего бокьун вачIинчIо Дагъистаналде ва гьаниса инавизеги бажарула гIицIго гIадамазул божилъи хвеялдалъун. Амма бокьилаан киназдаго бичIчIизе: гьеб дие гуро къваригIун бугеб, гьеб хIажат буго нилъее киназего», — ян бицана гьес.
Республикаялъул нухмалъулес абуна дагьалъ цеве жив анин Москваялъул кардиологиялъул институталде. «Техосмотр» гьабидал, лъикIаб сахлъиялда вугин абуна дида, гьайгьай, жеги хIалтIизе бажарила», — ян махсараги гьабуна Васильевас.
КIалъазе вахъарав транспорталъулгун логистияб комплексалъул бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ бицана транспорталъулги нухазул магIишаталъулги министр Ширухан ХIажимурадовас. Комплекс цебетIезабулел аслиял рахъаллъун гьес рехсана Дагъистаналъул порталда федералиябги регионалиябги даражаялъул хасаб экономикияб зона гIуцIиги, ралъдал транспортги пассажирал раччулеб ралъдал транспорталъулал мухъалги цIигьари, юк баччулебгун пассажиразулаб флот гIуцIи, гьанжезаманалъул авиатранспорт цебетIезаби ва цогидалги.
Кавсарат Сулейманова