Сессия

38 гъуршицаги бер бахъиларо

 

Лъималазе кьолеб гIарцул къадар цIикIкIинабуна

Халкъияб Собраниялъул анлъабилеб ахIиялъул къоло ункъабилеб сессиялъул байбихьуда, гIадатлъун билълъухъе, фракциязул депутатаз гьарулел рукIарал кIалъаял гьаб нухалда гьаричIо. Гьединлъидал сессияги байбихьана гьоркьор лъезе росарал суалаздасан. Масала, тIоцебесеб суал букIана «Дагъистан Республикаялда патриотизм куцаялъул суалазул правовиял кьучIазул хIакъалъулъ» абураб. Аслияб куцалда гьениб пикру буссинабулеб буго дагъистаниязулъ ватIаналдехун рокьи бижизабиялъулъ гьаризе кколел тадбиразде.

Кьищни-къул бакIариялъул, гьелдаса битIун пайда босиялъул суал Дагъистаналда букIине кколеб даражаялда гьечIолъи ва рацIцIа-ракъалъи цIуниялъулъ нилъер гIумруялда гIемерал гIунгутIаби рукIин лъиениги балъголъи гуро. Гьелда хурхараб букIана сессиялда депутатаз халгьабураб кIиабилеб суалги.
Сессиялъул хIукмуялда рекъон, «Респуб-ликаялъул муниципалияб хъулухъалъул хIакъалъулъ» законалда хиса-басиял гьаруна. Гьелъул магIна ккола муниципалияб гIуцIиялъул администрациялъул бетIер вищулаго гIуцIулеб конкурсалъулаб комиссиялде гъорлъе щибаб росдал собраниялъ рихьизарурал вакилзаби рукIине ккелилан абураб. Гьелъ рес кьезе буго, бетIер вищулаго, хадубккун гьезул пикру хIисабалде босизе.
Бесдаллъиялда хутIарал лъималзе социалияб рахъалъ гьабулеб кумекалъул хIакъалъулъ законалда хиса-басиял гьариялъул суалалъухъги халгьабуна сессиялда ва гьеб нилъер республикаялъе кIвар бугеб суалги буго.
Киназдаго хъатIулеблъун букIана «Лъималазе щибаб моцIалъ кьолеб пособиялъул хIакъалъулъ» законалда хиса-басиял гьариялъул суалги. ГьабсагIаталда гьелъул къадар бащалъула 112 гъуршида. Дагъистаналъул захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министр Расул Ибрагьимовас бицана республикаялда лъималазе гьабулеб социалияб кумекалъул, тIоритIулел тадбиразул хIакъалъулъ. Гьес абуна исана 1 январалдаса байбихьун, лъималазе кьолеб пособиялъул къадар бахинабун бугин 150 гъуршиде. Гьеб къадар цIикIкIинабиялъе хIажатаб гIарац кьолеб буго республикаялъул бюджеталдаса.
ТIабигIат цIуниялъул масъала Дагъистаналда къойидаса къойиде кIвар бугеблъун лъугьунеб букIиналъ, экологиялъул ахIвал-хIал республикаялда цебетIезаби мурадалда, сессиялда халгьабуна гьеб суалалъухъги.
Сессиялда гьоркьоб лъуна «ДРялда бакъул, гьорол энергиялдаса пайда босиялъул хIакъалъулъ» закон къабул гьабиялъул суалги. Гьелда тIасан кIалъазе вахъарав Халкъияб Собраниялъул ралел бакIазул, коммуналияб магIишаталъул, транспорталъул ва бухьеназул комитеталъул председателасул заместитель МухIудин МухIудиновас абуна гьеб цIатариялдаса пайда босани, экономика щула гьабиялъе ва тIабигIат бацIцIадго цIуниялъе кIудияб кумек букIине бугин.
Гьединго сессиялда халгьабуна «ДРялъул Росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул министерствоялъул хIакъалъулъ» законалда хиса-басиял гьариялъул суалалъухъги.
Сессиялъул ахиралда лъагIалида жаниб гьабураб хIалтIул хIисаб кьуна спикер Хизри ШихсагIидовас. Гьес бицухъе, лъагIалида жаниб Халкъияб Собраниялъул депутатаз 47 законги анцI-анцI хIукмабиги къабул гьарун руго. Гьединго гьес бицана гьарурал аслиял хIалтIабазулги церечIарал масъалабазулги хIакъалъулъ. Гьезда гьоркьоб буго республикаялъул хIукуматалъ хадубккун республикаялда рахьдал мацIал цIуни мурадалда хасаб программа къабул гьабизе ккеялъул суалги.
Гьелдалъун сессия лъугIизе тун, депутаталги, каникулазул заман бугелъул, хехго рикьа-риххун ана.
Нижер мухбир