Жакъа тIолабго дунялалъ халкколеб буго Казахстаналда кколел лъугьа-бахъиназда хадуб. Лъиданиги ракIалде кколеб букIинчIо, ватIаналъул экономикияб цебетIеялъулги цолъиялъулги мурадалда миллияв цевехъанасда сверухъ гъункараб ва захIмат бокьулеб Казахстаналъул халкъ гьединаб ахIвал-хIалалде ккелин абун. КантIичIо гьелде республикаялъул хасал хъулухъалъул вакилзабицин. Сунцаха цоцалъ базабураб жамгIият? Гьеб суалалъе жаваб жеги батичIо, заманалдасан тарихчагIазги политологазги кьезе батила гьелъие къимат. Амма якъинго лъала гьелъие багьана: халкъ хIабургъинабуна дармил электрониял сурсатаздаги биржабаздаги газалъухъ багьа цIикIкIинабиялъ.
ДандечIеялъул тадбирал байбихьана Жанаозен шагьаралда ва хехго тIиритIана Алма-Атаялде, Актауялде, Актюбеялде ва цогидал шагьаразде. Цо-цо шагьаразда ццидахараб халкъалъ байбихьана тукаби ва цогидал бакIал хъамал гьаризеги хIукуматалъул къуваталде данде рахъинеги. Ярагъгун рагъулаб техника бахъиялъул мурадалда гьез гьаруна рагъулал частаздегун аскариязул блокпостазде гьужумалцин. Пачалихъиял низам цIунулел къокъабаз хIаракат гьабулеб буго гIадлу-низам чIезабизе, амма ахIвал-хIал жеги хIалуцухъе хутIулеб буго.
Дагъистаналъул ракьалдаса Россиялъулгун гIаммал гIорхъаби ругеб къватIисеб улкаялъул щуго пачалихъалда гьоркьобе уна Казахстанги. Гьениб гIумру гьабулеб буго лъабкъоазаргоялдаса цIикIкIун дагъистанияс. Гьединлъидал нилъеца кидаго халкколаан мадугьалихъ бугеб гьеб вацлъиялъулаб пачалихъалда кколел ишазда хадуб.
Дун гIемерал соназ хIалтIана Дагъистаналъул Миллияб политикаялъулгун информациялъул ва къватIисел бухьеназул министерствоялда. РакIалда буго, Украинаялда, Казахстаналда ва Ставрополь краялда тIоцере рагьана нилъер республикаялъул вакиллъиялъул идараби. Казахстаналда гьеб рагьана 1995 соналъул 24 ноябралда ДРялъул Пачалихъияб Советалъул №240 хIукмуялда рекъон. Дагъистаналъул вакиллъиялъул тIоцевесев нухмалъулевлъунги тIамуна Нариман ГIалиев. «Россиялъул Федерациялъул субъектазул халкъазда гьоркьоселги къватIисел экономикаялъул бухьенал рекъонккезариялъул хIакъалъулъ» абураб РФялъул законалда рекъон, РФялъул хIукуматалъулгун ва МИДалъулгун дандги бан, РФялъул ДРялъул хIукуматалдаги Казахстаналъул хIукуматалдаги гьоркьоб гьабун букIана дармилгун экономикиял, гIелмиялгун техникиял ва маданиял бухьенал гьариялъул хIакъалъулъ къотIи-къай. Гьединго къотIи гьабун букIана Дагъистаналъулгун гIорхъи цогояб Атыраус областалъулгунги. Гьел къотIи- къаязда рекъон гьабураб дармил хайир 2002 соналда бахана ункънусазарго долларалдаса тIаде. Аслияб къагIидаялда Казахстаналде ричулаан гьанал нигIматал, ччугIа, минералияб лъим, сепараторал, боцIул цIоко-тIехь, хIухьлал хьагал ва гь.ц.
Дагъистаналде Казахстаналдаса рачIунел рукIана эфиралъул нахал, парфюмерия ва косметика, чIегIермахх, машинаби, рокъоб лъолеб къайи ва гь. ц. 2006 соналда Дагъистаналдаса Казахстаналде битIана СШАялъул 520,4 азарго долларалде къайи ва республикаялде бачIана – 1305 азарго долларалде къайи, ай нилъехъе гIемер къайи бачIунел улкабазул сияхIалда Казахстан букIана лъабабилеб бакIалда (Украинаялдасаги Беларусиялдасаги хадуб). Дол соназда жигаралда гIуцIун букIана МахIачхъалаялъул ралъдал порталдасан Казахстаналъул чIегIернарт баччиялъул ишги: 1999 с. — 213 азарго тонна, 2000 с. — 767 азарго тонна, 2001 с. — 2374 азарго тонна, 2002 с. — 2937 азарго тонна, 2003 с. — 3500 азарго тонна.
Дагъистаналдаги Казахстаналдаги гьоркьосел бухьенал камил гьариялъул мурадалда Алма-Атаялда рагьун букIана «Каз-Даг» абураб банк, гьелъул филиал хIалтIулеб букIана МахIачхъалаялдаги.
Амма 2014 соналдаса хадуб ахIвал-хIал хисана: 2020 соналда нилъеца Казахстаналъе бичараб къайиялъухъ хайирлъана СШАялъул 8 235 азарго доллар, 2021 соналъул ичIго моцIалда жаниб – 8 088 азарго доллар.
Казахстаналъулги Дагъистаналъулги бухьенал церетIезариялъул аслулъун ккола дозул 14 областалда анцIаза-азар дагъистанияс гIумру гьабулеб букIин. Аза-азар чи уна гьениве заманаялъ хIалтIизеги. ГIуцIулаан, халкъазда гьоркьосеб гьудуллъи щулалъиялъул мурадалда, маданияталъулгун спорталъул цадахъал тадбирал. Жакъаги квешаб гIумру гьечIо Казахстаналда ругел нилъер ракьцоязул. Камуларо масъалабиги. Масала, мацIалъул масъала; гьелъие квербакъана «МацIазул хIакъалъулъ» закон къабул гьабиялъ: гьелда рекъон, казахазул мацI лъазабуна пачалихъияблъун ва гIурус мацIалъе кьуна миллатазда гьоркьосеб бухьеналъул мацIалъул статус. Гьелдалъун хIалуцана миллатазда гьоркьосеб бухьеналъул ахIвал-хIал. Гьебго заманалда, гIемерал дагъистанияз цадахъ гIумру гьабулел бакIазда рагьана Дагъистаналъул халкъазул культураялъул централ (Гурьев областалъул Атырау шагьаралда, Мангыстау областалъул Актау шагьаралда, Алма-Атаялда). Гьениб байбихьана нилъер ракьцоязул лъималазда рахьдал мацIал малъизе. ДРялъул вакиллъиялда хIалтIулеб букIана «Диадаг» абураб гуманитарияб фонд – гьелъ кумек гьабулаан дагъистаниязул ресукъал хъизамазе, сакъатал лъималазе ва гь.ц.
2003 соналда РФялъул Транспорталъул министерствоялда хал гьабулеб букIана Астрахань – МахIачхъала – Актау портазда гьоркьоб паромазул рагьараб бухьен гьабиялда бан ва МахIачхъала – Актау портазда гьоркьосеб маххул нухалъул ва паромазул бухьеназул хIакъалъулъ ДРялъул хIукуматалъ загьир гьабураб пикруялъухъ. Гьел пикрабазги дагьалги камиллъизарилаан Россиялъулги Казахстаналъулги регионазда гьоркьосел бухьенал.
Амма 2014 соналдаса хадуб ахIвал-хIал квешаб рахъалде хисана. Казахстаналъул нухмалъиялъе бокьуларого гуро – хисана Дагъистаналъул нухмалъиялъул къватIисеб политика гIуцIиялде бербалагьи. Араб гIасруялъул 90-абилел соназдаса нахъе риххана улкаялъул жанисел регионазда гьоркьосел экономикиял бухьенал, цере гIадин, республика-ялъе щолел рукIинчIо оборонаялъул предприятиязе пачалихъиял заказал. Гьеб захIматаб заманалда къватIисел бухьенал гIуцIизе хIаракат гьабулаан ДРялъул хIукуматалъул РФялъул ва улка тун къватIирехун ругел вакиллъабаз. Гьезул жигаралдалъун щолел рукIана республикаялъе инвестициялги. Амма гьел вакиллъаби, Миллияб политикаялъул министерствоялъухъаги рахъун, «кьезе» байбихьана цо министерствоялъухъа цогидаб министерствоялъухъе: ДРялъул Промышленносталъул нухмалъиялъухъе, хадуб – Эконо- микаялъул министерствоялъухъе. ЧанцIулго хисана вакиллъабазул статус, гьелдаго цадахъ СНГялъул улкабазда гьел тIубанго къана. Гьезин абуни, жамгIияб кьучIалда гIуцIарал ругониги, гьабулеб букIана гIемераб хIалтIи ва квербакъулеб букIана Дагъистаналъул къватIисел улкабазулгун бухьенал гьариялъеги доба гIумру гьабулел ракьцоял хIалтIудалъун хьезариялъеги. Нилъеда, дагъистаниязда, бичIчIизе ккола: нилъ хIажат гьечIо, масала, Беларусиялъе, Азербайжаналъе, Ставрополь яги Краснодар краязе. Гьелъул гIаксалда – дол хIажат руго нилъее, щайгурелъул рехсарал ва цогидал бакIазда гIумру гьабун ругел дагъистаниял ватIаналде тIад руссани, гьезие кьезе хIалтIиги жанир рукIине рукъ-бакIги гьаниб гьечIо. Гьеб нилъеда бихьана, масала, 1989 соналъул 17-28 июналда ЦIияб Узен шагьаралда Северияб Кавказалдаса гIолохъабаздаги казахаздаги гьоркьоб кIудияб кьалги ккун, Дагъистаналде лъутун вачIана ункъазаргогIанасев чи. Гьелъие гIиллаги букIана гIолилал кьурдулеб бакIалда нилъераз гIадлу хвезаби. Гьел къабул гьаризеги гьезул рукIа-рахъиналъе квербакъизеги бигьаяб масъала гуро доб мехалъ Дагъистаналъе букIараб.
Гьединлъидал дида ракIалде ккола, жакъаго байбихьизе кколин мадугьалихъ ругел пачалихъазулгун (гьезда гьоркьоб Казахстаналъулгунги) ва регионазулгун лъикIал бухьенал гьариялда тIад хIалтIизе. Гьеб мехалда республика тун къватIир хIалтIулел ругел нилъер ракьцоязе рес щвелаан жидерго ватIаналъе бажарараб кумек гьабизеги, Дагъистаналде инвесторал рачIиналъе квербакъизеги, экономикаялда цадахъго, миллиял бухьеналги щула гьаризе.
ГьабсагIаталда Дагъистаналъул къватIисеб экономикаялъул рахъалъ гIуцIулеб политикаялда цебечIараб аслияб масъала буго Дагъистаналъул къайи-алатазеги хъулухъазеги Россиялъулги тIолабго дунялалъулги базаралда бакI бати, республикаялъул экономикаялде къватIисел инвестициял рачIинари, Дагъистаналъул нигIматал ричизе дармил бухьенал гIатIид гьари. Гьеб масъала тIубазабиялъе кIудияб квербакъи букIинаан улкаялъул регионаздаги мадугьалихъ ругел пачалихъаздаги Дагъистаналъул вакиллъаби рагьиялъул. Гьеб рахъалъ нилъее кIудияб пайда щвелаан Казахстаналъулгун бухьенал щула гьариялъулги. РакIалде ккола кватIичIого гьениб ахIвал-хIал рукIалиде бачIинин ва нилъер республикабазда гьоркьор бухьеналги щулалъилин.
Зикрула ИЛЬЯСОВ