Казахстаналъ изну кьуна СШАялъе Курык ва Актау портаздаса рагъулал мурадазда пайда босизе
Араб анкьида Казахстаналъул парламенталъул Сенаталъ къабул гьабураб протоколалда рекъон, ихтияр кьолеб буго Каспиялда ругел Курык ва Актау абурал портаздаса Америкаялъул рагъулаб къайи Афгъанистаналде рехизе. Гьелде тIадеги, рехсарал улкабазул вакилзабаз 2017 соналда гъолбасараб «Рагъулал бухьеназул хIакъалъулъ» къотIиялда рекъон, Актауялда базе буго НАТОялъул рагъулаб базаги. Гьелъ СШАялъе рес кьезе буго, Россиялдаги гьикъичIого, Афгъанистаналда ругел жидерго аскариял хьезаризе.
Дагьалъ цебе, бакътIерхьул улкабазда ругел халкъазда гьоркьосел судаз хIукмуги гьабун, туснахъ гьаруна Казахстаналъул миллияб фондалъулги нухмалъиялъулги мулклъун кколел банкалъул счетал. Гьениб букIараб гIарац нахъбуссинабизе захIмалъулеб букIана. Счетаздайин абуни букIана СШАялъул долларазул 22 млрд. Цо улкаялда счет эркен гьабурабго, цогидаб улкаялда гьеб къалаан. Нурсултан Назарбаевасул рахIатхвараб гурони къо букIунароан. Дида ракIалде ккана, гьанжеги цогIаги жо гьарулеб батилин. Астанаялъ цебеккунги СШАялъеги НАТОялъеги кьун рукIана Актауялда ракьалги складалги. Щибдай жеги хIажалъун бугеб гьезие? Гьанже бичIчIана, счетал туснахъ гьариялъе гIилла щиб букIарабали: законалда рекъон, кидаго хIалтIулеб Каспиялъул рагъулабгун ралъдал база. Божизе захIматаб иш буго гьеб. Амма политика аслияб къагIидаялда гьабула пардавалда нахъа: халкъалъе берцинаб мацIги бицун, гьудуллъи-вацлъиялъул гьуинал бакъналги рачун, нахъарокъоб жидеего бокьарабги гьабун. Каспиялъул рахъалъ къабул гьарурал халкъазда гьоркьосел документазда рекъон, Каспиялъул рагIаллъабазда ругел улкабазул гурони ихтиярги букIинчIо гьенир рагъулал базаби разе. Гьанже…
Вашингтоналъе кинабгIаги ургъел гьечIо гьел документазул. Гьезие бокьун буго «кваназе», кидагосеб ишаналда гъоркь чIезаризе Иранги, Россияги, Китаялдаса Европаялде бугеб «КIудияб Чиллайдул нухги». Каспиялда база баялдалъун, гьел киналго кIвар бугел масъалаби тIуралелги руго Америкаялъ.
КIочонищха тараб ОДКБ – «Цадахъаб хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул хIакъалъулъ къотIи»? Гьеб къотIиялда гъоркь гъолбасун букIана Эрмениялъги, Белоруссиялъги, Казахстаналъги, Гъиргъизиялъги, Россиялъги, Тажикистаналъги. Щайха гьеб гIуцIунго букIараб? Икраялде данде пивогун гIаракъиги гьекъолаго, Советияб Союзалде букIараб рокьул хIакъалъулъ бицунеб гьудулзабазул гIодобчIейлъунги букIинчIелъул гьеб. Гьеб къотIи биххи ккола Россиялъул Федерациялъе бугеб битIахъеяб хIинкъи. Евразиялъул экономикияб союзалъеги, ШОС-6-ялъеги (гьениб аслияблъун ккола Китай) бугеб экономикияб хIинкъиги.
Щайха «тIадегIанав Бабайица» (гьедин абула Назарбаевасда казахаз) цоцада хадур къабул гьарулел Россиялдаса тIезарулел ва Китаялъул интересазе рекъонкколарел хIукмаби?
Нурсултан Назарбаевасул рукIине бегьула гьадинал пикраби: «Москваялъ хIаракат бахъулеб буго БакътIерхьул бутIалъун лъугьине. Амма жиндиего лъикIал шартIал ралагьулеб буго. Патриотизмалъул бицин – гьеб буго халкъалъул берал рухьине гьабулеб иш. Гуребани, щайха Россиялъул элита (хасго, хIукуматалъул экономикияб блокги, олигархалги, журналисталги, гIалимзабиги) – БакътIерхьул улкабазе рагьараллъун ругел яги гьезул гьудулзабилъун кколел. Гьелде тIадеги, Кремлялда лъаларо ва гьелъ баян гьабуларо: кире ине кколел нилъ цадахъго (ОДКБ, ЕАЭС), кин гIуцIизе бугеб стратегияб, хадубккунисеб гIумру. Кремлялъул гьечIо нижеца киназго рахъкквезе рес кьолеб кIудияб проектги. Россиялъул нухмалъи жибгоги буго бакътIерхьул улкабазул гьоркьоса къотIулареб тIадецуялда гъоркь, гьединлъидал гьеб кIичIардулеб буго жиндиего нух батиялъул мурадалда. Ва бичIчIулеб гьечIо, гьеб кIичIардиялъул хIасилалда Россия кибе ккелебалиги.
БатIияб иш буго Китай. Пекиналъул буго кIудияб проект, гьелда буго «Датун» – Цогояб къисматалъе гIоло, БакътIерхьул маданият хъинтIичIел улкабазул халкъазул кIудияб цолъи» абураб цIарги. (БичIчIулеб мацIалда абуни, гьелъул буго гьадинаб магIна: цадахъаб гIумру гьабиялъул мурадалда бакътIерхьул маданият рахъкколарел халкъазул цолъи). Гьез гьеб проекталъе нух бахъулеб буго ШОС-6 абураб гIуцIиялъул кумекалдалъун (гьелда гъорлъе уна анлъго пачалихъ, руго гьезда гьоркьор Россияги, Казахстанги ва гь.ц.), Китаялъулазда лъала щиб бокьун бугебали гьаб дунялалдаса ва, гьелгун цадахъ ругони, нижееги лъикIаб букIина.
Щибха гьабилеб СШАлъул рахъалъ? Гьеб аздагьоялъ хIалхьи теларо гурищ нижее?! Нижерин абуни, руго бакътIерхьул улкабазда счетал, гьезул чIегIернартилгун газалъул компанияз нижер сурсатал раччулел руго ва гьезухъ нижее щолеб буго гIарацги. Узухъда, дарам гьабулеб буго гIицIго долларалги хIисабалде росун, ва щвараб хайиралъул бащалъиги нижеца толеб буго, бакътIерхьул банказул счетазда. Гьеб релълъуна балъгояб колониялда (гьеб буго «культурияб» хъачагълъи). Аммаха… щибаб къоялъ Америкаялде данде кIалъалеб бугониги, гьебго гурищ гьабулеб бугеб Россиялъги? ЧIезе кколищ ниж кидаго Москваялъухъги ралагьун? Ахиралдаги, гьединаб хIукмуялдалъун, нижехъа бажаризе буго лъабабго рахъ бащалъизабун: цонигиясул хьул букIинаро нижеда хъинтIизе, жавабалъе «цогIаги квешлъи» жидедего щвезе гурин абураб пикруялъ. Гьелде тIадеги, Америкаялъ квербакъила нухмалъи ирсилазухъе кьеялъеги. Гьел рукIине бегьула диргун бицояллъун, дирго тухумалъул чагIилъун. Щай гьедин бегьулареб? Азербайжаналъухъа бажаранагури гьеб. Ниж гьезукьа загIипалищ кколел?!»
Дун мекъи ккезеги рес буго. Амма Назарбаевасул – бакъбаккул мухъалъул гIакъилав сахIибасул – аслиял мурадал гьединаллъун рихьула дида. Бокьарав чиясул рес буго гьеб гIаксалда бугин чIеабизеги. Кинниги, Назарбаевасул гIакъиллъиялъе ахир лъезе бегьула Аллагьасул хIалкIолъиялъги: Къуръаналда хъван буго, «мун сихIирлъана, Аллагь вуго дудасаги сихIиравин» (магIна). Огь, киредай рачина нилъ «тIадегIанав Бабайил» хIаяз…
Щибха гьабулеб бугеб Россиялъ, Владимир Путиница? Дие якъинаб буго, «берцинаб яги квешаб рагIудалъун» батаниги, Путиние хIалхьи тезе гьечIо англосаксаз (Вашингтоналъги Лондоналъги). Сириялда бажаричIо – гьале дуе Казахстан, «гIурусазе нижер сайгъат!» Рес буго Эрмениялдеги ирга щвезе, хадуселлъун рукIине бегьула Азербайжангун Белоруссия, яги Тажикистан.
Кинабго букIине ккола геополитикаялъулги рагъулаб гьунаралъулги къануназда рекъон. Дандияв (Россия) сверун кквезе ва, «къвалги бан», гъанкъизе ккола, анаконда борхьица жиндиего щвараб чан гIадин. БакътIерхьул геополитикаялда буго гьединаб, анакондаялъулаб принцип. Гьелда рекъон, тушман сверун ккола гьелъул тушбабаз яги гъоркьан хIалтIулез. Прибалтикаялъул улкабиги, Польшаги, Украинаги, Гуржияги – гьел руго СШАялъул союзникал, ай Россиялде дандечIарал. Иргаялда руго Монголияги, Казахстанги, Азербайжанги, бажарани – Белоруссиягун Гъиргъизияги. Гьебмехалда Кремль «жибго бекерун бачIина нижее наку чIвазе» – гьелде хьул буго Англиялъулгун Америкаялъул стратегазул. Гьел ритIаралги руго: кинабго гьабулеб буго геополитикияб гIелмуялъулги рагъулаб гьунаралъулги кьучIалда (некIсияб Китаялъул гIалимчи Сунцзыл малъиялда рекъон), ай, рагъ гьабичIого, тушман асир гьавиялъул мурадалда. Гьеб кинабго гьабизеги ккола Китай гучлъилалде. Америкаялъул стратегазул пикруялда рекъон, 2022-2024 соназда кватIизе бегьула. Гьединлъидалин гIедегIулелги ругел.
Щибха Москваялъул кколеб бугеб? Дун щаклъулев вуго, бакътIерхьул улкабазул загьиралги балъгоялги гьудулзабаз сверун ккурав Владимир Путин дагь-дагьккун нахъекъазе вукIиналда. Щайгурелъул, батIияб нух нилъее гьечIилан абун, гьез щуризе буго бетIерав рагъулав командующиясул гIинзунире жидерго гIакъилал рагIаби. «ХIал гьединаб буго, бичIчIулищ, кьуризе бакI гьечIо?!» БитIараб буго: анакондаялъ габур дандекъараб мехалда, щибго гьабун бажаруларелъулха?!
Дица гьел Кремлялъулги РФялъул МИДалъулги (МИДалдани гьабсагIаталда хIалтIулел руго гIезегIан гIакъилал ва улкаялъе ритIухъал гIадамал; гьел рокьуларо Путинида сверухъ ругел «бакътIерхьул гьудулзабазеги») хIаракатчагIазда абилаан: «ГьанжелъизегIан кире ралагьун рукIарал нуж, киб бугеб нужер стратегияги тактикаги? Нужгун хIалеб буго «бридж» (яги Китаялъул «го»), нужеца данде хIалеб буго гIурус «дурак» яги шахматал. Лъимал кинигин, къезарулел руго нужги», — ян. Узухъда, дица хитIаб гьабулезда гъорлъ гIемер руго къезе бокьаралги. Щайгурелъул гьеб кколеб букIун гьезул бергьенлъи.
Амма «ящикалдаса» кинабго бихьизабила «тIадегIанасул гIакълуялъул» бергьенлъи хIисабалда, дандечIеялъе къуват кьечIеб гучлъун. Трибуназдасан чвахила патриотизмалъул хIакъалъулъ бицунел рагIабазул гIорал. ГIададисел, чIорогоял харбазулги пайда гьечIеб дагIбаялъулгун телевидениялдасан кьолел ток-шоуязулги хъуялда цадахъго тIагIине рес буго суверенитеталъул хутIелги. Дица такрар гьабила: суверенитеталъул хутIелилан, щайгурелъул 1990-абилел соназдаса нахъе нилъер гьечIо экономикиябгун финансазулаб тархъанлъи.
Амма гIумру буго гIумру: тIубанго хьулкъотIун рукIинеги бегьиларо…
Денга Халидов,
ДГУялда цебе бугеб Геополитикаялъулги тарихиялгун политикиял цIех-рехазул НИИялъул директор, Геополитикиял масъалабазул академиялъул президиумалъул член