Тохтурас малъулеб буго: синтетикиял наркотиказдаса цIуне!

 

Ахирал соназда Дагъистаналда гIемерлъун руго синтетикиял наркотикал хIалтIизарулел гIолилал. Наркотиказде данде къеркьеялъул ва битIараб нух тIаса бищизе гIолеб гIел кантIизабиялъул мурадалда, республикаялъул психоневрологияб диспансералда тIобитIана хасал тадбиразул анкь.

 

Диспансералъул махщелчагIи дандчIвана лъай кьеялъул идарабазул цIалдохъабигун ва бицана наркотиказул заралалъул хIакъалъулъ.

 

Цо чияс наркотик хIалтIизабулеб бугони, балагьалъукье цIала жиндаго сверухъ вугевщинав чи – педагогал, эбел-эмен, тохтурзаби, низам цIунулел идарабазул хIалтIухъаби, хIатта жамгIиятцин. Гьединлъидал нилъеца кутакалда цIодорлъи гьабизе ккола. РакIчIун абила, гIолилазда тIаса бер босизе бегьулареб заман бачIун буго.

 

Щиб гьабунги живго бечелъизе хиял бугев чияс Интернеталдасан тIибитIизабула синтетикиял наркотиказул кинабгIаги зарал букIунарин абураб пикру. Бицуна гьез къуват бачIинабулин, гIакълу цIубазабулин, цогидазукьа хIинкъуларевлъун гьавулин абун. Синтетикиял наркотиказул багьа учузаб буго. Гьелъги квербакъула гьел тIиритIизариялъе.

 

Амма рехсарал наркотиказул зарал цIакъ кIудияб буго. Масала, цIикIкIараб къадаралда синтетикияб цIам (соль) хIалтIизабурав чиясе гьабула кутакалда лъикIаб асар. Гьединлъидал цоги нухалда гьеб асар гьабизе бокьун, цIидасанги наркотик тIалаб гьабула черхалъ. Ва дагь-дагьккун гьеб гьечIого чIезе кIолареб хIалалде ккезавула чи. Гьеб цIам хIалтIизабурав чиясул гIадалнахулъ лъугьуна сах гьаризе рес гьечIел хиса-басиял. Гьединав чи анкьалъги кьижизе кIоларого вукIуна.

 

Кин ватIавахъилев синтетикияб наркотикалда гъоркь вугев чи? ТIоцебесеб иргаялда, гьесул букIуна гIантав чиясул гIадинал гьагал берал. Гьесул гIамал-хасият хисула. Гьев рокъоса къватIиве гIемер уна ва тIагIуна. Берал унтун яги канлъукълъун гьечIониги, байбихьула бадибе дару тIинкIизе. Гьесул кверал, бохдул, бетIер тIуртIудизе лъугьуна. Ккола психикаялъулги хиса-басиял: жив цогидаздаса тIокIавлъун рикIкIуна, хъачIлъула, гIилла гьечIого согIлъула. Цо-кIиго нухалда синтетикияб цIам хIалтIизабурав чиясухъа бажаруларо бичIчIуледухъ жиндир пикру загьир гьабун. Заман гьоркьоб индал, квандаса тIубанго инкар гьабула ва, кигIан гIемер лъим гьекъаниги, гьесул къеч хьоларо.

 

Кин цIунилел лъимал? Гьезулгун накъитал гьаризе ккола, 6-7 сон баралдаса нахъе бицине ккола наркотиказул букIунеб заралалъул хIакъалъулъ. Бегьула наркоманал сахлъизарулел клиникабазде сапар гьабизеги. Къокъго абуни, лъималазул бидулъе бессизабизе ккола наркотиказде рокьукълъи.

Асият Тихилова,

участковияй тохтур-психиатр, МахIачхъала шагьар