1944 соналъул 21 июлалда мотораздалъун хьезабураб автоматчиказул батальоналъул командир, гвардиялъул капитан Бендряковас гъулбасараб шапакъаталъул тIанчида хъвалеб буго гвардиялъулав мухъилав МухIамадов ГIабдула вихьизавун вугин Совет Союзалъул БахIарчиясул цIар кьеялъе. Гьеб кагъат батун буго гъоркьиса ноябрь моцIалда Хасавюрт районалъул Октябрьское росдал школалъул историялъул мугIалим Халипат Расуловалъул нухмалъиялда гъоркь гIуцIараб тарихиял лъугьа-бахъиназул цIех-рех гьабиялъул цолъиялъул цIалдохъабазда.
