Рагъда гIахьаллъарал улкаби

(Цебесеб 12-аб. номералда)
Греция
Рагъда гIахьаллъараб заман: 1940 соналъул 28 ок- тябралдаса 1945 соналъул 8 маялде щвезегIан. Хал- къалъул къадар (1940 сон): 7,4 млн чи.
1940 соналъул 28 октябралда Италиялъул рагъулал 
аскарал Грециялде кIанцIана. 1941 соналъул анлъа- билеб апрелалда Грециялде кIанцIана немцазул аска- ралги.
Греция асир гьабун хадуб, гьелъул ракьалда хан- лъи гьабулеб букIана Германиялъул, Италиялъул ва 
Болгариялъул аскараз.
1944 соналъул октябралда Грециялда рукIарал 
немцал нахъе рачана: Балканазде гьужум гьабулел 
советиял рагъухъабаз гьел асир гьарилин хIинкъун 
рукIана немцазул аскариязул нухмалъулел. Немцазул 
бакIалда Грециялде кверщел гьабун чIана ингилисал.
Гьеб заманалда улкаялда коммунистазда ва монар- хиялъул рахъкколезда гьоркьоб гражданияб рагъ бай- бихьана, ва гьеб халалъана 1945 соналъул февралалде 
щвезегIан. Гьеб рагъулъ бергьана монархиялъул рахъ 
кколел.
Дания
Рагъда гIахьаллъараб заман: 1940 соналъул 9 апре-
лалдаса 1940 соналъул 10 апрелалде щвезегIан. Хал-
къалъул къадар (1940 сон): 3,6 млн чи.
1940 соналъул ичIабилеб апрелалда немцал Дани-
ялде рачIана. Рагъ лъугIизегIан гьел гьениса нахъеги 
инчIо.
Доминиканалъул Республика
Рагъда гIахьаллъараб заман: 1941 соналъул 8 дека-
бралдаса I945 соналъул 2 сентябралде щвезегIан. Хал-
къалъул къадар (I940 сон): 1,7 млн чи.
СШАялда бараб гIумру гьабулеб букIиналъ, 1941 
соналъул 8 декабралда рагъулъе лъугьине ккана. Цин 
Япониялде ва хадуб Германиялде данде рагъ лъаза-
буна Доминиканалъул Республикаялъул хIукуматалъ.
Рагъулел улкабазул армиязе гьездасан кинабгIаги 
хIакъикъияб кумек щвечIо. 1943 соналда СШАялъ 
гьеб улкаялда жидерго рагъулаб идара гIуцIана.
Доминиканалъул Республикаялъ рагъдаса лъутун 
рачIунел къабул гьарулел рукIана.
Египет
ГIахьаллъараб заман: 1945 соналъул 24 февралал-
даса бахъараб 1945 соналъул 2 сентябралде щвезегIан. 
Халкъалъул къадар: (1939) 16,5 млн чи.
1939 соналда Египеталъул къирал Фарукъица 
Германиялъулгун гьоркьорлъаби хвезаруна ва жи-
деца Британиялъул рахъ кколин лъазабуна. Рагъда 
гIахьаллъи гьабичIониги, Египеталъул портаздаса 
пайда босизе изну кьуна Британиялъе. 1940 соналда 
гьоркьорлъаби хвезаруна Италиялъулгунги. Гьебго 
соналъул сентябралда Италиялъул аскараз кверщел 
гьабун букIана Египеталъул ракьалда, амма Брита-
ниялъул кумекалдалъун мисриялъулаз гьел рача-
хъана.
Германиялдагун Япониялда Египеталъ рагъ лъаза-
буна 1945 соналъул 2 февралалда.
Индия
ГIахьаллъараб заман: 1939 соналъул 3 сентябралда-
са бахъараб 1945 соналъул 2 сентябралде щвезегIан.
Халкъалъул къадар (1939): 390 млн чи.
1940-1943 соназ Индиялъул аскарияз, британиялъ- улазда цадахъ, гIахьаллъи гьабуна Северияб Афри- каялда немцаздегун италиялъулазде данде гьабураб 
рагъулъ.
1943-1944 соназ гьел рагъана Италиялдаги ва 1942-
1945 соназ гIахьаллъи гьабуна Япония-лъул кверща-
ликьа Бирма ва Малайскияб бащдаб чIинкIиллъи эр-
кен гьариялъулъ.
(Хадусеб букIине буго)