КьучI гьечIел бугьтанал лъоге

15 январалда ДГПУялда данделъи тIобитIана вице-премьералъул ишал тIуралей йикIарай Екатерина Толстиковалъ

 

Данделъиялда бицунеб букIана къватIисел улкабазул мацIазул цогояб пачалихъияб экзамен чарагьечIеблъун гьабиялъул хIакъалъулъ. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъул вакилзабиги, Дагъистаналъул вузазул ректоралги, муниципалиял районазулги шагьаразулги лъайкьеялъул управлениязул нухмалъулелги, школазулги колледжазулги директорзабиги.
Педуниверситеталъул коллективалъул вакилзабаз Екатерина Толстиковалдаса тIалаб гьарулел рукIана жидерго суалазе жавабал. Масала, гьез гьикъулеб букIана, пед­университеталда цIали гIуцIиялъул масъалабазул хIакъалъулъ рекъечIеб хабар щай бицарабин. Пятигорскалда тIобитIараб данделъиялда Толстиковалъ абун букIана вузалда хашаб хIалги бугин, студентал дарсаздеги хьвадуларин, вузги къан, къватIисел улкабазул мацIазул учительзабилъун цIализе гъира бугел абитуриентал ритIизе кколин Пятигорскалъул университеталдеян.
ДГПУялъул къватIисел улкабазул мацIазул факультеталъул декан ГIубайдула ГIусмановас гьелдаса хадуб вацапалдасан тIибитIизабун букIана ДРялъул ишал тIуралев Владимир Васильевасухъе хъвараб кагъат. Гьелда гьес хъван букIана, жинца нухмалъулеб факультеталъул халгьабизе бокьараб мехалда комиссия битIеян ва гьеб къабул гьабизе преподавательзабиги студенталги хIадурго ругилан. Данделъиялдаги ГIусмановас Толстиковалда гьикъана: «Щай вузалъул хIакъалъулъ дуца бицунеб Пятигорскалда? Гьеб хабар щай гьабичIеб вузалдаго, коллективалда цебе?» — ян. Жиндир суалалъе жаваб кьечIеб мехалда ГIубайдула тIаде вахъана ва абуна: «ГьабсагIаталда нижер гьанир дарсал унел руго. Рилълъа къватIире», — ян.
ХъачIго кIалъана психологиял гIелмабазул доктор Анжелика Цахаеваги. «Кинаб ихтияр бугеб дур, цогIаги сагIаталъ вузалдаги хIалтIичIого, нижер хIалтIуда бан бадирчIваял гьаризе? Дуца хIакъир гьаюна дун…», — ан абуна гьелъ Екатерина Толстиковалда.
Данделъиялдаса хадусел къоязда ниж кIалъана ГIубайдула ГIусмановасухъе. Гьес гьадин бицана: «11 декабралда Екатерина Толстиковалъ Пятигорскалда тIобитIун буго данделъи. Гьениб бицун буго гьелъ нижер вузалда камилаб лъай кьоларин, выпускникал школазде хIалтIизе унарин. Абун буго, Пятигорскалъул лингвистикияб университеталде ритIизе кколин, ай нилъер гIолилал цIализаруралъухъ дозие гIарацги кьун. Лъица кьезе бугеб гьеб гIарац? Гьелъ хIакъир гьабуна Дагъистаналъул тIолабго лъайкьей. «Гьениб бокьа-бокьараб гьабизе бегьула», — ян абун буго гьелъ. Гьелде данде кIалъан руго цогидал: гьедин квешаб хIал гьениб гьечIин, жал чанцIулго щунги рукIанин, гьенир цIаларалги ругин нижер цо-цоялин. Амма гьелъ гьезухъ гIинтIамунго гьечIо. Гьелъул аслияб мурад букIана нилъ какизе. ЛъикIаб жого бихьулеб гьечIо. Гьелъие бокьун буго, респуб­ликаялъул цIияв нухмалъулесда цее жийго берцин йихьизе.
Нижее республикаялъул бюджеталдаса капек кьоларо. Ниж хьезарула федералияб министерствоялъул бюджеталдаса. Нижер министр йиго Ольга Васильева. Лъайкьеялъул куратор хIисабалдаги Толстиковалъул кинабгIаги ихтияр гьечIо нижеда кIалъазе. Амма республикаялъул нухмалъиялъ йиччантеялъ, кIалдибе бачIараб абулеб буго гьелъ. ГьечIила программаби, гьезул нухмалъулелъ, бокьарав преподавателас бокьараб жо бицунила… Программабиги гьечIони, цогидабги камун бугони, кин кьолеб аккредитация лъайкьеялъул идараялъе? Гьеб суалниги ботIролъе бачIине ккелароанищ хIакималда?
Студент, цIали лъугIун хадуб, школалда хIалтIизе унарин абун, нижеде гIайибчIвазе бегьуларо. Кин инев гIолохъанчи школалда хIалтIизе, гьениб мукъсанаб гурони харж кьолеб гьечIони? Гьеб иш вузалда тIалъуларо.
ТIолгороссиялъул онлайн диктанталда нижер анлъго студентас чIел босана. Студентазул стажировка гьабула МГУялдаги, Англиялдаги, Бельгиялдаги, Польшаялдаги, Турциялдаги ва цогидал улкабаздаги.
Толстиковалъ абун рагIула, РФялъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министр Ольга Васильевалъ жинда тIадкъанин Пятигорскалда данделъи тIобитIеян ва гьенире Дагъистаналъул гIолилал цIализе ритIизе кколин. Нижеца Васильевалда гьикъана, букIанищ гьединаб тIадкъай кьунан. Гьелъ абуна, гьей жиндир хIалтIухъан гурила, гьелъие кинабгIаги тIадкъайги кьечIила, жиндир вице-премьерги гьей кколарилан. Гьелъ махсараде ккуна Кавказалъул вузазул ректоралги.
Педуниверситеталда Толстиковалъ тIобитIун букIана данделъи. Жакъа гIадин щай данделъи гьаниб тIобитIичIебан гьикъана дица гьелда. ГIемер суалал кьуна гьелъие вузазул ректоразги, школазул директорзабазги, гIалимзабазги. Киназдаго чIалгIун буго кагътал цIезари. Цониги суалалъе жавабги кьечIо гьелъ. Интернеталдаса рахъарал киналалиго программабиги росун, гьезда рекъон хIалтIизе кколин тIирун чIола гьей. Кинаб школалде щваниги, учительзабазулги гIарзал руго жал кагътазулъ къазарун ругилан, дарсал кьезе регIизе толарин абун. Дагъистаниязул гьоболлъи-адабалдаса пайдаги босун, нилъеда тIад елъанхъизе тезе бегьуларо гьей», — ан.
Темирхан ХIасанов