Нилъер лъимал… Лъицадай тIалаб гьабила?

Лъимал гьечIесе – цо, ругесе – кIиго ургъел

 

Аби буго «Лъималазул бетIер унтани, эбелалъул ракI унтулин». Гьаб макъала хъваялъе гIилла ккана шагьаралда цо-цо маршруткабазул водителазул лъималаздехун бугеб бербалагьи бихьидал.
Хинаб шагьарилан рикIкIуна МахIачхъала. Амма дагьаб гIазу-цIад базе лъугьарабго, гьороца «ургьибе» лъугьинабула квач. ГIемер беццизесеб нухлул шартIал гьечIеб шагьаралда гьединаб гьава-бакъ рекъечIеб заманалда гIемераб къобихьула школалдаса тIадруссунел цIалдохъабазда.
Гордухъан балагьарай дида бихьулеб букIана нухда маршрутка чIезабизе хIалбихьулев гьитIинавго вас. Нахъа бараб портфелалъ бицунеб букIана гьев школалдаса вачIунев вукIин. ЦIакъ квачараб къо букIана. Васасда ракIбухIун букIана дир. Пикру гьабулеб букIана, водителасул ракIбухIичIодаян квачан холаго машина чIезабизе хIалбихьулев гьитIичасда.
Дун, чайги тIун, хIалтIул столалда нахъа гIодой чIана. Хинаб кабинеталъуб дида гордул доб цояб рахъалда бугеб квачайги, маршрутка чIезабизе хIаракат бахъулев гьитIинавго цIалдохъанги кIочон тана. Бащдаб сагIатниги ун букIун батила, дун гордухъе йилълъана, гIазу жеги балеб бугодаян халгьабизе. ЦIакъ гIажаиблъизе ва гурхIизе бачIана довго гьитIинав цIалдохъан цоцалъ лъулъалаго квералгун, квачаялъ кьабезарулаго хIатIалгун добго хIисабалда маршрутка чIезабизеян хIалбихьулев ватидал. Жеги балеб гIазуги, бахъунеб гьуриги бугоан. Амма маршрутка чIезабулев чи кколев вукIинчIо.
Гьадинаб лъугьа-бахъин чанги ккола шагьаралда. Гьелда тIасан бачIараб гIарзаги буго редакциялда. Нижеца гьеб суал гьоркьобккун гара-чIвари гьабуна цIалдохъабазул улбузулгун. Кин гьеб суал тIубазе бугеб?
Асият, лъабго лъимадул эбел: «Дида бихьула къойил хIалтIудеги нахъеги унелъул цо-цо водителаз цIалдохъабазе машина чIезабулареблъи. ЦIадакьги гIазукьги гIисинал цIалдохъаби эхетизе кколел руго гIемераб заманалъ. Амма лъималаздехун гьединаб бербалагьи гьабуни, хадубккун нилъецаго куцалеб буго согIаб гIел. ГIемерисез абула гIолохъаби квешлъулел ругин, гьелъие гIайибаллъун нилъго рукIинги кIочон тун. Гьезда бихьулеб бугелъулха ритIухълъи гьечIолъи, жидедехун хъачIаб кIалъай, мекъаб бербалагьи. РакIалде ккола щивасул лъимал ратилин, ратичIони яцалъул вацасулниги ратилин. Щайха согIлъи бихьизабулеб гIолохъанаб гIелалда?!»
Каримат, кIиго лъимадул кIудияй эбел: «Дун хIалтIула школалда. Гьединлъидал щибаб къойил рекIине ккола маршруткаялда. ГIарацги кьечIого къватIире рекерун унилан ахIдолел рукIуна водителал, амма дида щибаб къоялъ рихьулелъул, унаро лъимал гIарац кьечIого. Эбел-инсуцаги лъималазухъе гIарац кьечIого толареблъиги лъала. Цо-цо гIисинал цIалдохъаби мекъи ратани, бадибчIвайги гьабун, битIараб нухде ккезаризе тIадаб буго нилъеда, чIахIиязда. Маршруткаялда лъимал рекIинаричIолъиялъ гьеб масъала тIубалищ? Дир пикруялда, гьеб битIараб гьечIо. Цо-цо лъималазул квешал рахъал рихьани, киназулго гьединаб гIамал букIине ресги гьечIо. КIудиял гIадамазда цадахъ жанире лъугьине хIаракат бахъаниги, къватIире ахIулелги камулел гьечIо. Бегьуларищ, цебеккунго гIарацги босун, эхетун рукIаниги рачине. Батила гьелъие гIиллаги, тIубанго водителазда гIайиб гIунтIизабулеб гьечIо, руго гIарацги босичIого лъимал рачунелги».
Аминат, кIиго васасул эбел: «Дир вас цIалула № 5 лицеялда, 5 классалда. ГIумру гьабун ниж руго ГIахъушиясул къот1ноб бугеб минаялъуб. Гьединлъидал рекIине ккола маршруткаялда. Дарсал лъугIараб заманалда васасухъе ахIулаан дица къватIиве вахъаравищ, маршруткаялда рекIаравищ мунилан. ГIемерисеб мехалъ гьес дида абула водителас чIезабулеб гьечIин, кIудиязда цадахъ жаниве лъугьине яхI бахъаниги, къватIиве гъолин гьаб «школалъул автобус гуринги» абун. Цо къоялъ битIахъе сагIатгун бащдалъ эхетанин абун вачIана рокъове. Гьелда бан дица ахIана шагьаралъул администрациялде. Гьез абуна жидеца гьелъул жаваб кьезе ва водителазда хадуб халкквезе кколила. Гьелъул тIалабги гьабилин абун чIванкъотIараб жавабги щвана, амма лъаларо хIасил ккелищали. Хьул буго шагьаралъул администрациялъ гьелъул тIалаб гьабиялда ва лъималазул ихтиярал цIуниялда».
Хадижат Дамаданова