Дида бихьана рагъ – балагьалъул рагъ

Дида бихьана рагъ — балагьалъул рагъ,
Мегъалги хурзалги бица лъалъараб.
Лъимер эбелалъул каранда чIвалеб,
ЧIварай эбелалда лъимер хахулеб.

Гьедин хъвана КIудияб ВатIанияб рагъда Прибалтикаялъул ва Донецк фронтазда вагъулевги вукIун, гIемерал орденалгун медалалги росун, тIад вуссарав Дагъистаналъул шагIир, драматург, «БагIараб Байрахъ» газеталъул жавабияв хIалтIухъан ГIабдулмажид Хачаловас (1925- 1994). Гьеб рагъул захIмалъи, кьогIлъи миллионал цогидал миллатазул халкъазда цадахъ хIехьана дагъистаниязги.
КIудияб ВатIанияб рагъда бергьенлъи босаралдаса 75 сон тIубаялда бан гьаб соналъ нижеца газетазул гьурмазда лъолел руго редакциялъул архивалдаса 1941-1945 соназда «МагIарул большевик» газеталда КIудияб ВатIанияб рагъалда, гьениб бергьенлъи босиялда хурхун рахъун рукIарал цо-цо кIвар бугел макъалаби. Дагъистаналъул цIар рагIараб тарихалде арал гьел лъугьа-бахъиназде жакъасеб гIелалъул пикру буссинаби, 75 соналъ цере рукIарал лъугьа-бахъинал халкъалъул рекIелъ цIи гьари – гьеб ккола нилъер умумузул гIумруялъул, гьезул пикрабазул, ВатIаналде букIараб рокьиялъул хIакъалъулъ гьел ургъизе тIами.
РакIалде ккола анцI-анцI соназ цебе букIараб рагъул кьогIлъиги, гьениб нилъер умумуз бихьизабураб бахIарчилъиялъул кIварги, нилъее гьаб гIумру гIуцIулаго, гьезда бихьараб къоги гIолеб гIелалда лъазе чара гьечIого хIажатаб бугин. Гьеб лъанагIан, бичIчIанагIан, гьел аралъул къимат гьабизеги лъикIаб букIинеселде анищ гьабизеги ругьунлъизе руго.
Гьал макъалабазул грамматика, битIун хъвай редакциялъ цIунулеб буго дол соназ газеталда бахъараб къагIидаялда.
Гьадин хъвалеб буго 1941 соналъул 23 июналда бахъараб «МагIарул большевикалда»:

Гъуниб районалъул захIматчагIазул ццим бахъун буго

Гъуниб. 22 июнь (телефоналдасан кьураб). Германиялъул фашистикиял болъоназ Советский пастIанибе мегIер бегьиялдалъун Гъуниб районалъул захIматчагIаз жидер гIорхи гьечIеб ццим бахъи
загьир гьабулеб буго.
Районалъул росабалъ киса-кирего митингал гьарулел руго.
Жакъа къадинахъе Гъуниб букIана захIматчагIазул данделъи. Гьениве вачIун вукIана 400 чи.
Митинг рагьун хадуб кIалъазе рахъана гьал. Къурбанов (столоваялъул зав), колхозница Рашидова ва гь. ц.
Гьез жидерго кIалъаязулъ бихьизабуна фашистскиял тIурарал гьабзаз жидерабго гьабун бугилан ва гьел чIухIдарухаби мустахIикъаб кьабиги гьабун Советский халкъалъ шушах рихизаризе ругилан.
— Красная Армиялъ ва Красный Флоталъилан, — абуна гьал. Рашидовалъ, — рижизего рижичIел анищан ккезабулеб кьаби гьабизе буго тушбабазда.
Гьединалго митингал Хьаргаби ГЭСалда, МохIоб, Ругъжаб, Сугъралъ, Бухтиб ва цогидал росабалъги ккана.
КIалъазе рахъараз ахIана щивав чи жиндир ишалда, намусалда хIалтIиялде ва гьелдалъун нилъерго ватIаналъул оборонный къуват жегиги цIакъ щула гьабиялде.
Гьал. Молотовас радиоялдаса кIалъай гьабун хадуб Гъуниб районалъул военкоматалде росабалъан гIарзаби цинтIаго рачIине лъугьана. Тушманасдаса ватIан цIунизе жидер бугеб гъира бихьизабулел ва жал Красная Армиялде ахIеян гьарулел гIарзаби кьун цере жал Красная Армиялда рукIарал Сугъралъа Дибиров МухIамадица (загототделалъул агент), Шуланиса ГIумаров Абулмуслимица (райуполнаркомзагалъул агент).
Гьединго ватIан цIунизе жидер бугеб гъира захIматчагIаз киса-кибего бихьизабулеб буго. Масала, «Парижская коммуна» колхозалъул членаз ва КIогьори росдал захIматчагIаз тIаде босана 15 июлалде квасул, нахул обязательстваби тIуразаризе заемалъул гIарацги бакIарун.

Ниж кидаго хIадур руго

Дагъистаналъул росдал хозяйствоялъул ва медицинский институтазул профессорско-преподавательский составалъул, хIалтIухъабазул ва хъулухъчагIазул митинг букIана 22 июналда. Гьениб гIахьаллъи гьабуна 430 чияс. Митинг рагьана росдал хозяйствоялъул институталъул первичная парторганизациялъул секретарь гьал. Стаюшкиница радиоялдасан гьал. Молотовас гьабураб кIалъаялъул хIакъалъулъ информацияги гьабун.
КIалъазе рахъараз жидер кIалъаязулъ бихьизабуна Советский ватIаналдехун бугеб рокьи ва гьелъул тушманзабазде бугеб ццимги.
— Нилъер къей гьечIеб Красная Армиялъ фашизмалъул тIурарал гьабзазда щущах рихизарулеб кьаби гьабизе буго, — йилан абуна сельхоз институталъул аспирант гьал. Кисриевас, — гьелда божилъи гьабун мугъ чIвалеб бакIлъун буго Ленинил – Сталинил партиялда ва Советское правительствоялда сверух нилъер халкъалъул бугеб цолъи абун.
Институталъул тIоцебесеб курсалъул студент гьал. Киселиевас абуна: гьабсагIаталда нилъер щивав кидагоялдасаги цIакъ хIадур вукIине ккола ва нилъеда тIадабги буго рагъулаб иш мухIканго лъазабизе. Дир цIакъ ццим бахъун буго. Дун хIадур вуго ватIан цIунизе бокьараб минуталда вахъине – абун гьес жиндирго кIалъай лъугIизабуна.
Данделъиялда рукIараз жидерго хIукмуялда хъвана жалго мобилизовать гьарураллъун рикIкIине ва социализмалъул ватIан цIунизе рахъине советское Правительствоялъул приказалъух балагьун ругилан.

Бергьенлъи нилъех букIине буго

ТIолго Советский Союзалъул киналго фабриказда, заводазда, учебныял заведениязда, колхозазда гIадинго Дагъистаналъул предприятиязда ва колхозазда, учебниял заведениязда, учрежденияздаги рукIана митингал Германиялъул тIурарал фашистаз СССРалда тIадекIанцIиялъул хIакъалъулъ бугеб Советское Правительствоялъул лъазабиялъул хIакъалъулъ. ГIемерал гIадамал ругел митингал рукIана Карабудахкент, Буйнакский, Гъуниб, Хунзах ва гь. ц. районазда.
Киса-кибего хIалтIухабаз, колхозниказ ва советская интеллигенциялъги нагIана кьолеб буго нахъегIанал фашистазе. Гьез бихьизабулеб буго социалистический ватIан цIунизе гIоло рухIги кьезе жал хIадурал рукIин. Гьез тасдикъ гьабулеб буго: бергьенлъи нилъех букIине буго! – ян.