ЦIарчIвана лъикIазда

Министерствоялъ лъагIалил хIасилал гьаруна

 

ДРялъул Физкультураялъу­л ва спорталъул министерствоя­л­ъ тIобитIараб данделъиялда цIарчIвана 2017 соналъул бищунго лъикIал спортсменазда. Гьел ккола Россиялъул, Европаялъул ва дунялалъул чемпионатазда, Сурдлимпиялъул хIаязда, гьединго Европаялъул ва дунялалъул гIолилазул къецазда тIадегIанал хIасилал рихьизарурал спортсменал.

Гьеб сияхIалда руго спорта­лъул батIи-батIиял тайпабазул рахъа­л­ъ олимпиялъул программаялде гьор­­кьоре унел спортсменал — гугарухъаби: ГIабдулрашид Садулаев (ХIамидовасул цIаралда бугеб СДЮШОР, МахIачхъала, тренер – Шамил ГIумаров), ХIажимурад Рашидов («Энергия» ДЮСШ, Каспийск, тренер – Гъазиганд Рашидов), Заур Угуев (М. Батировасул цIаралда бугеб СДЮСШОР, Хасавюрт, тренер – Шеме Шемеев), Иляс Бекбулатов (СДЮСШОР, Гъаякент район, тренер – МухIамад МухIамадов), Даурен Куруглиев (ГI. Садулаевасул цIаралда бугеб ДЮСШ, МахIачхъала, тренер – Рашид Зираров), Аскар Аскаров (Ш. ГIумаровасул цIаралда бугеб СДЮСШОР, Хасавюрт, тренер – Мутао КIудияв).
Гьеб сияхIалда гьединго руго дзюдоистал: ХIамзат Заирбегов (речIчIухъанлъиялъул рахъалъ СДЮСШОР, МахIачхъала, тре­нер – ХIайбула ЧIегIеров), Рус­лан Аскеров (ДЮСШ, Сулейман Стальск район, – тренер Тельман Къурбанов), Мурад МухIамадгIалиев, Инна Танашева (кIиялго – речIчIухъанлъиялъул рахъалъ СДЮСШОР, МахIачхъала, тренер – Шамил ГIалиев), Къур­бан МуртазагIалиев (речIчIу­хъан­лъиялъул рахъалъ СДЮСШОР, МахIачхъала, тренер – ХIамзат ХIажиев); тхэквондистал: Шамил ГIисакъов (ДЮСШ №3, МахIачхъала, тренер – Арсен Къурбанов, ГIалиасхIаб Рамазанов (ГI. ГIалиевасул цIаралда бугеб СДЮШОР, МахIачхъала, тренер – Арслан Биярсланов), МухIамадзагьир ГIисалдибиров (Ш. ГIумахановасул цIаралда бугеб СДЮСШОР, Хасавюрт, тренер – Иманпаша ГIумаханов), КъадимухIама ГIумаров, Амир Рекалаев (кIиявго – ГI. ГIалиевасул цIаралда бугеб СДЮСШОР, тренерал – Арслан Биярсланов, ГIабдул Жамалов); боксер Муслим ХIажимухIамадов (ГI. ГIалиевасул цIаралда бугеб СДЮСШОР, МахIачхъала, тренер – Рашидбег АхIмадов) ва регбистка Байзат ХIамидова (спортивиял хIаязул рахъалъ ДЮСШ, МахIачхъала, тренер – МухIамад ХIажимухIамадов).
Спорталъул олимпиялъул гурел тайпабазул рахъалъ лъагIалил бищунго лъикIазул сияхIалда руго: армрестлинг – Юсуп ЮсупгIалиев, ГIумар Нурадинов (кIиявго — ГI. ГIалиевасул цIаралда бугеб ССШОР, МахIачхъала, тренер – ХIасан ГIалибегов); ушу-саньдистал: ГIали МухIамадов, Аслан Бектемиров (кIиявго – ДЦБИ, МахIачхъала, тренер – Багьавудин Чаптиев); ММАялъул рахъалъ речIчIухъаби: Муслим МухIамадов (ММАялъул академия, МахIачхъала, тренер – Расул МухIамадгIалиев), Ризван Кушев, Наби ГIашуралиев (кIиявго – СК «Горец», тренер – Шамил ГIалибатиров); грэплерал Ризван Ризванов (СШ «ГЦСЕ», тренер – Заур АхIмадов), Марат Къурбанов (СШ «Олимп», МахIачхъала, тренер – Мурад ГIабдулаев); рагъулал самбистал (речIчIухъабазул рахъалъ СДЮСШОР, МахIачхъала, тренер – Расул ХIасанханов), Султан ГIалиев (речIчIухъабазул рахъалъ СДЮСШОР, МахIачхъала, тренер – Камил Булатов).

 

Спорталъул мастер ракIалдещвеялъе
Турниралда гIахьаллъана 420 дзюдоист

24 декабралда МахIачхъалаялда волейболалъул универсалияб базаялда гIисинал гIолилазда гьоркьоб тIобитIана халкъазда гьоркьосеб классалъул спорталъул мастер ЖабрагIил Баркалаев ракIалдещвеялъе дзюдоялъул рахъалъ турнир.

ЖабрагIил Баркалаев вукIана дзю­доялъул рахъалъ Россиялъул чем­­пионатазул призер. Гьев ккола Дагъистаналда дзюдоялъе кьучI лъу­разул цояв ГIабдулахIажи Бар­ка­лаевасул вас. 2010 соналъул декабралда МахIачхъалаялда Жаб­рагIил чIвана щалали чIезаризе кIвечIел чагIаз. ГIумруялъул ахи­рал соназда гьес тIубазабулеб бу­кIана Дагъистаналъул Дзюдоялъул федерациялъул вице-президентасул хъулухъ, гьединго гьарулаан тренерасулал ишалги.
Турниралда гIахьаллъана 420 дзюдоист. 2004-2006 соназда гьарурал гIолилазда гьоркьор хIалуцарал къецал рукIана 10 категориялъул цIайиялда. Спортсменазда турнир рагьи баркизе рачIун рукIана республикаялъул Спорталъул министерствоялъул, регионалияб Дзюдоялъул федерациялъул вакилзаби, гьединго ЖабрагIил Баркалаевасул лъале-хъвалел ва гIага-божарал.
«Спорталъул министерствоялъу­л ва хасгьабун министр МухIамад Юсуповичасул цIаралдасен гьанир данделъарал киназдаго баркула кIи­абилеб нухалъ тIобитIулеб гьаб турнир рагьи. Нилъеда лъала кинав сундулъго мухIканлъи, ритIухълъи бокьулев чи ЖабрагIил вукIаравали, гьединавлъун хутIила гьев нилъер ракIазулъ. ГIемерал ишал гьаруна гьес Дагъистаналда дзюдо цебетIеялъе. Турниралъул киналго гIахьалчагIазе дица гьарула ЖабрагIил гIадинал спортсменаздаса мисал босулеллъун рукIине. Дида ракIалде ккола гьаб турнир Россиялда тIоритIулел гIолилазул къецазул бищунго къад­руяблъун лъугьинилан. Гьарула киналго гIахьалчагIазе битIккей ва бергьенлъаби», — ян абуна турнир рагьулаго республикаялъул физкультураялъул ва спорталъул министрасул заместитель, олимпиялъул чемпион ХIайдарбег ХIайдарбеговас.
Турнир тIобитIун хадуб, Дагъистаналъул Дзюдоялъул федерациялъул рахъалдасан гIарцулал сайгъатал кьуна исана ТIолгороссиялъул ва халкъазда гьоркьосел къецазда лъикIал хIасилал ккарал дзюдоистазе.
Турниралда бищунго лъикIал хIасилал ккана МахIачхъалаялъул ва Гъизилюрталъул дзюдоялъул школазул «къебелъухъ» куцарал дзюдоистазул.