Баркула, «Ёлдаш», гIасруялъул нух!

ЛъарагIазул газеталъул байрам кIодо гьабуна

 

Байрамалда бан данделъи тIобитIана ЛъарагIтеатралда. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул хIукуматалъулги, Халкъияб Собраниялъулги, республикаялъул газетазулгун журналазулги, муниципалитетазулги вакилзаби.
«Ёлдаш» газеталъ нахъа тараб нухлул хIакъалъулъ бицана гьелъул бетIерав редактор Камил ГIалиевас. «1917 соналъул лъабабилеб апрелалда къватIибе бачIун буго «Ёлдашалъул» тIоцебесеб номер. Гьелда цIарги букIана «Заман» абун. ГIасруялъго газета буго халкъалда цадахъ, гьелъул гIумруялда жанир ккарал жамгIиялгун политикиял ва рукIа-рахъиналъул хиса-басиязул хIакъалъулъги бицунаго. Газеталда рукIуна улкаялда ккарал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ макъалабиги. Гьеб цIалула Дагъистаналдаги, Россиялдаги, тюрказул улкабаздаги. Ахирал соназда цIалдолесухъе гьеб щолеб буго Интернеталдасанги», — ян бицана редакторас.
Республикаялъул нухмалъиялъул рахъалдасан газеталъул редакциялда байрам баркана тIоцевесев вице-премьерасул ишал тIуралев Анатолий Карибовас. Гьес бицана газеталда кIудияб бакI кколин тарихалъул суалазги цIалдолезе пайдаял малъа-хъваязгун баяназги. «Ёлдашалъул» хаслъилъун гьес рехсана чиясде лъикIаб бербалагьи букIинги, хIалтIухъабазул махщел камиллъиги, ритIухълъи цIунизе хIаракат гьабиги.
Редакциялъул хIалтIухъабазе Карибовас кьуна «Республикаялъе гIоло гьабураб пайдаяб хъулухъалъухъги гIемерсонилаб хIалтIухъги» абурал ХIурматалъул грамотаби.
Редакциялда юбилей баркана ДРялъул печаталъулгун информациялъул министрасул ишал тIуралев Рашид Акавовасги. «Газета букIине ккола заманалда рекъон хIалтIулеблъун. Гьединаблъун буго «Ёлдаш» нусабго соналъ. ЗахIматаб заманалда гьелъие кьучI лъуна пагьмуял гIадамаз. Гьезул аслияб мурадги букIана пайдаяб, хIажатаб информация халкъалъухъе щвезаби. Гьез кьучI лъурал тIалабазе мутIигIаблъун буго жакъасеб газеталъул коллективги», — ян бицана гьес.
Баркияздаса хадуб бихьизабуна концертги.

Жеги нусго соналъ рази гьабе халкъ!

Байрам кIодо гьабизе хIадурлъулаго, «Ёлдашалъул» бетIерав редактор щвана «ХIакъикъаталъул» редакциялде – гьелъул коллектив байрамалде ахIизе. Газеталъул къисматалъул хIакъалъулъ гара-чIвари гьабулел рукIана кIиявго редактор – ГIали Камаловги Камил ГIалиевги. Гьез ракIалдещвезаруна нилъер халкъаз нахъа тараб тарихги дандчIварал захIмалъабиги, бицана газетал цIунизе гIоло жакъа гьабулеб хIаракаталъул хIакъалъулъги.
«Халкъалъул гIумруяллъулъ гIемер ккана хиса-басиял. Гьелъ хIехьана гражданияб ва КIудияб ВатIанияб рагъазул къварилъи-гIакъубаги колхозал-совхозал ва социализм гIуцIиялъул захIмалъигун рохалил лахIзаталги. Газетазда бицана киналъулго хIакъалъулъ –миллияб газета кидаго букIана захIматхалкъалда хьолбохъ гьелъул кумекчилъунги насихIатчилъунги. Цересел соназул газетал регулаго, ратула нилъер республикаялда жагьиллъи тIагIинабизеги культура цебетIезабиялъеги журналистаз гьабулеб букIараб хIаракат. Хасаб рекIел асаргун хъван руго рагъул заманалъул макъалаби. Гьез ахIула ватIаналъе ритIухълъи цIунизеги тушмангун къеркьезеги – гьезулъ бессун буго тIадегIанаб даражаялъул ватIан бокьиялъул шавкъ.
Нилъер газеталдаса байбихьана гIемерал миллиял шагIирзабазулги, гIалимзабазулги, жамгIиял хIаракатчагIазулги нух. РукIана, политикиял гIиллаби сабаблъун, газеталда бицине гьукъарал темабиги, ракIалъе бокьичIониги, цо-цо макъалаби рахъизе кколеб заманги. Амма миллияб газета, хиси гьечIого, хIалтIана халкъалъе пайдаялъе», — ян бицана гьез.
«У, хисулеб букIана заман, хисана газетазда цIаралги гьезда рахъулел макъалабазул темабиги. Амма кидаго аслияблъун хутIана цо чIва – республикаялъул гIумру рагьи, захIматчиясул къисмат цебелъей, Дагъистаналъул цебетIеялъеги халкъалъул рухIияб тарбиякьеялъеги хIаракат гьабурал церехъабазул хIакъалъулъ бицин», — ян тIаде жубана Камил ГIалиевас. Гьесул пикруялда, жакъаги хисун гьечIо «Ёлдашалъул» хIалтIухъабазул аслияб мурад – халкъалъул рухIияб цебетIеялъеги, моралияб сипат берцин гьабиялъеги, миллияб хасият цIуниялъеги кьолеб буго гьез аслияб кIвар.
Камилица рекIел пашманлъигун баян гьабуна жакъа редакциялда церечIарал масъалабазул хIакъалъулъги. «Цогидал миллиял газетазулго гIадин, загIиплъун буго «Елдашалъулги» материалияб рахъ. Бугеб ресалда рекъезабизе кколеб буго хIалтIиги. ГIодобе кколеб буго газета хъвалезул къадар. Дагьлъулел руго лъарагI мацIалъул басма цIализе лъалел гIадамал, къанагIалъулел руго рахьдал мацIалда макъалаби хъвазе бажари бугел журналистал. Гьел масъалаби тIуразаризе хIажат буго тIоцебесеб иргаялда. Хьул буго республикаялъул нухмалъиялъ гьезде кIварбуссинабиялдеги», — ян абуна редакторас.
Масъалаби руго. Амма буго, гьел масъалабазухъ балагьичIого, гъуждул гурун, хIалтIизе хIадураб коллективги. Божула, захIмалъабазе гьеб къуркьизе гьечIеблъиялда ва жеги гIасруялъ вацлъиялъулаб халкъалъул газета чIаго хутIиялда.
Баркула, ишцоял, нужеда байрам! «ХIакъикъаталъул» коллективалъ нужее гьарула халкъалъе хIажатаблъун нужер басма хутIиги, щибаб анкьалъ ракIразиял, лъикIал харбазул чапарлъун щивав лъарагIазул рагьтIе рещтIинги!
Кавсарат Сулейманова