Эбелалъ рагьараб бакъул дуниял

Нилъер гIумруялъул къисматалда бищун кIудияб бакI ккола улбуз

 

Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев гIахьаллъана Эбелалъул къоялда ва, «Дагъистаналъул Руччабазул союзалъ» 25 сон тIубаялда бан, «Дагъистаналъул букIинесеб — улбузул кодоб» ахIиялда гъоркь тIобитIараб данделъиялда.

«Эбелалдаса хирияв инсан гье­чIо. Гьелъ квер ккун рачуна нилъ гIумруялъул сухъмахъаздасан, кьола тарбия-лъай, бичIчIизабула лъи­кIабги квешабги. Эбелалъе къва­ригIун букIуна жиндир лъимер бищунго лъикIаблъун букIине. Амма нилъ цо-цо мехалъ мекъи ккола, тIасабищула гьелъ бихьизабураб гуреб, батIияб нух. Гьари буго, цIуне улбул, гIинтIаме гьезул малъа-хъваязухъ. Дир гIумруялъул къисматал­да кIудияб бакI ккола эбелалъ. Гье­лъул гIакълуялъ вачана дун гьаб да­ражаялдеги. Баркала буго улбузе», — ян абуна Владимир Васильевас.
Гьес бицана Эбелалъул къоялда цее республикаялде ячIун йикIарай РФялъул лъайкьеялъу­л ва гIелмуялъул министралъулгун ккараб гара-чIвариялъул хIа­къалъулъги. «Ольга Васильевалъ лъикIаб къи­мат кьуна гьаниб бихьараб-таралъе, нилъер гIадамазе. Гьоркьохъел лъайкьеялъул учреждениязда хIалтIи лъикI гIуцIун бугин абуна министралъ. Бицана ЕГЭ кьеялъул даража борхулеб бугин. Гьелъул рагIабазда рекъон, гIемермиллатазул Дагъистаналда гIурус мацI лъалеб буго лъималазда лъикIго. Олимпиадабазда рихьизарулел руго тIадегIанал хIасилал. Амма вузазда хIалтIи букIине кколеб къагIидаялда гIуцIун гьечIо. Гьеб рахъалде кIвар буссинабизе буго», — ян абуна Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралес.
Данделъиялда Владимир Васильевас бицана нухазда низам цIуниялъул хIакъалъулъги. «Ахираб заманалда республикаялда цIикIкIун руго авариял. Гьал къоязда ДТПязул хIасилалда Дагъистаналда къадаралде щун вуго 16 гIолохъанчи. Гьеб ками гIицIго улбузул гуреб Дагъистаналъулго буго. Нухал къачIалел руго, амма гьелдаго цадахъ авариялги цIикIкIунел руго. Гьеб буго шофераз ва лъелго хьвадулез нухазда киназего гIаммаблъун кколеб низам цIунунгутIиялъул хIасил. РачIа законалъе мутIигIаллъун рукIине»,-янги тIаде жубана Дагъистаналъу­л бетIерасул ишал тIуралес.
Ахиралда Владимир Васильевас орденал кьуна лъикIаб тарбия лъималазе кьурал ва хъизамалъул хIуби щулаго ккурал улбузе. Гьел щвана Россиялъул бахIарчи Мутей ГIисаевасул эбел Язимат АхIмадовалъеги Наталья Молчановалъеги. КIиабилей ккола хун хадуса Бихьинчилъиялъул орден кьурав Марат Молчановасул эбел.
Гьединго Дагъистаналъул бе­тIерасул ишал тIуралес баркалаялъул кагътал кьуна гIемер лъимал ругел ва бесдаллъимал хьихьулел улбузе.

Эбелалъул къо
Хириял руччаби! РакI-ракIалъ баркула нужеда тIолгохалкъалъул байрам – Эбелалъул къо.
Эбелалъул рокьуца ва тIалаб-агъазалъ цIунула нилъ гIумруялъул, рукIа-рахъиналъул захIмалъабаздасаги, къварилъабаздасаги. Нилъ куцала бечедаб рухIияб тIадегIанаб хьвада-чIвадиялъул къагIидабазде, яхI-намус бугеллъун рукIине, культураялъул къиматабщи­наб, гIагараб ракьалъул берцинлъи – тIабигIат цIунизе. Гьелъ нилъеда малъула квешлъиги лъикIлъиги ба­тIабахъизе, лъикIабщиналде хьул гьабизе, ВатIан бокьизе ва гьеб цIунизе.
Нилъеда тIадаб гIаммаб борч буго чIужугIадан–эбелалъе жамгIияталда мустахIикъаб бакI букIинелъун бажарарабщинаб кинабго гьабизе. Гьелъул сахлъи цIуниялъе, лъимал махщел бугеллъун, гражданаз хIурмат гьабулеллъун куцаялъе, гьезие лъикIаб тарбия кьеялъе Эбелалъе киналго хIажатал шартIал гIуцIизе.
Жакъа, Дагъистаналъул жамгIия­талъ гIицIго хIукуматалда гурелги, щивав гражданинасда цереги тIадегIанал моралиялгун яхI-намусалъул, хьвада-чIвадиялъул рахъалъ тIалабал церелъолеб мехалда, къабул гьаре баркалаялъул рагIаби эбелалъул щибабкъойилаб гьунаралъухъ, къадруябщинаб цIунизе гьелъ хIаракат бахъаралъухъ, гьелъул хIалимлъиялъухъ, хIеренлъиялъухъ, сабруялъухъ, нилъер республикаялъул ва Россиялъул гьайбатаб букIинеселъе гIоло гьабулеб ишалъулъ лъураб тIаде­гIанаб къиматалъул бутIаялъухъ.
Гьарула нужее щулияб сахлъи, гIа­га-божараздехун рокьи, рекъел, икъ­бал-талихI.
В. Васильев,
Дагъистан Республикаялъул бетIерасул ишал тIуралев