Бухьен тIезе тоге, цIале «ХIакъикъат»!
Цоцазда ричIчIана. ХIасил ккеялде хьул буго
Газеталъул бетIерав редактор ГIали Камалов Шамилхъалаялда дандчIвана «Россиялъул почта» ФГУПалъул мугIрузул районазда гьоркьосеб филиалалъул коллективгун ва гьединго гьелъул отделениязул цо-цо нухмалъулелгун.
Шамилхъалаялда бугеб почтамталъ хъулухъ гьабула 13 районалъе, гьелда гъорлъе уна 76 отделение. ЦIияб сон тIаде щолеб букIинги хIисабалде босун, данделъиялда, аслияб къагIидаялда, бицана газета хъваялъул хIакъалъулъ. Гьебин абуни, беццизесеб хIалалда гьечIо. Соналдаса соналде дагьлъулел руго газетал хъвалел гIадамал. Мисалалъе, чанго соналъ цебе «ХIакъикъаталъул» тираж 20 азаргоялде бахунеб букIун батани, жакъа гьеб ккун буго микьазаргоялде. Бихьулеб буго Интернеталъги социалиял гьиназги дагь-дагьккун газета нахъехун тункулеб букIин. Гьедин бугеб заманалда чара гьечIого хIажат буго миллияб газета цIунизелъун тадбирал гьаризе.
Данделъиялда ГIали Камаловас абуна: «Дун магIарул газеталда хIалтIана 50 соналъ. Гьелъие нухмалъи гьабулеб буго 27-ялде гIагарун соналъ. Гьеб заманалда жанир рукIана гIемер бергьенлъабиги, дандчIвана захIмалъабиги. Амма жакъа гIадин миллиял газетал къорикье ккараб заман ракIалда гьечIо. Гьелъие руго батIи-батIиял гIиллаби. Бищунго аслияллъун ккола росаби чIороголъулел рукIин ва шагьаразда гIурал гIолилазулъ мацIалдехунги миллаталдехунги рокьи гьечIолъи. Гьелдаго цадахъ руго цо-цо нилъерго гIунгутIабиги. Мисалалъе, гIезегIан чагIи рачIуна кIалъан, жиндир заманалда газетал щоларилан. БичIчIулеб жо буго, мукъсаналго харжазухъ букIине кколедухъ хIалтIизе гъира букIунареблъи ва цо чанго газета хъвазелъун нужее къватIире рахъине бокьулареблъиги. Гьедин бугеб мехалда цIалдолелги квер хьвагIун чIолел руго. Гьале дихъ кодоб буго чан газета кибе унебали хъвараб кагъат. РакIчIун абизе кIола, нужеца хIаракат бахъани, гьанир ругел тарихал кIиго нухалъниги цIикIкIинин. Бокьилаан лъазе щай нужеца гьеб хIалтIи тIаса-масаго тун бугебали?» — ян.
Гьелъие жаваб гьабун кIалъазе рахъана районазул росабалъ ругел отделениязул цо-цо нухмалъулел. Масала, ЦIумада районалъул Эчеда росулъ бугеб почалъул отделениялъул нухмалъулев ГьитIинавас ГьитIинавасовасул рагIабазда рекъон, нухал гьечIел бакIаздецин жиндир заманалда газетал щвезарулел руго гьесул хIалтIухъабаз. «Ратила нижерги гIунгутIаби. Амма кинабго рахъалъ ниж гIайибияллъун гьари битIун гьечIо. Цебе районалъул бетIерас щибаб гIуцIиялъул, учреждениялъул нухмалъулезда тIадкъалаан пуланаб къадар газетазул хъваян. Доб заманалда нижееги бигьаго букIана хIалтIи гьабизе. Гьанжейин абуни гьедин гьечIо. Районалъул бутIруз абулеб буго газетал хъвайилан абун гIадамазде тIадецуй гьабизе жидер ихтияр гьечIин. ТIадецуй гьабизе кколаро. ГIадамазда бичIчIизабизе ккола жакъа нилъее миллиял газетал чара гьечIого хIажат рукIин. Щайгурелъул, тIагIун, билун унеб бугелъулха мацIги, яхI-намусги, маданиятги цогидабги. Якъинаб жо, районазул бутIруз кумек гьабуни, газетал хъваялъул иш цебехун ине буго. ХIажат буго, нужеца, гьезда аскIореги ун, кумек гьабеян абизе бугеб ахIвал-хIал бичIчIизабизе», — ян абуна гьес.
Шамил районалъул ХIебда росулъ бугеб отделениялъул нухмалъулесул заместитель Рамазан Рамазановас бицана подпискаялъул рахъалъ рехсараб районалда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ. «Киназдаго лъала, Шамил районалъул гIадамазул цIикIкIун диналдехун гьетIи букIин. Гьединлъидалин гьениб «Ас-саламалъул» къадар 1200-ялдасаги цIикIкIараб бугеб. Газеталъул хIалтIухъабаз, волонтераз гьеб тIибитIизабиялда сверухъ цIакъ кIудияб хIалтIи гьабула, районалдеги рачIун. Щай «ХIакъикъаталъ» гьедин гьабулареб? Щай бугеб ахIвал-хIалги лъазе, гIадамалгунги дандчIвазе мугIрузул районазда кIиго мухбир толарев? Цебе МахIатIов МухIамад вачIунаан нижехъе, щолаан щибаб росулъе, бицунаан гIолел ва гIоларел рахъазул хIакъалъулъ. Районалъул ва росабазул бутIрузе рокьулел руго, дора-гьанир дандчIварал бакIазда гурел, кабинетахъеги рачIун, жидерго мурад бицунел чагIи. Гьединлъидал хIажат буго «ХIакъикъаталъ» гьелгун хIалтIи гьабизе ва мугIрузул районазда кIиго-лъабго мухбир тезе», — ян абуна Рамазан Рамазановас.
КIаратIа росдал почалъул отделениялъул нухмалъулев Муса Сайпудиновас бицана «ХIакъикъат» букIа, цогидал газетал рукIа хъвазейин абун жидехъе анцIгогицин чи вачIунарин. РачIаразги газета хъвалин къарзалъ ва гIарцуда хадур гьезухъе хьвадизе кколин, хьитал рагьизегIан.
Гьединабго ахIвал-хIал Унсоколо районалъул Рихьунибги бугин бицана почалъул отделениялъул нухмалъулей ГIайшат ХIасановалъ. ХIатта администрациялъул хIалтIухъабазухъа, учительзабазухъагицин бакIаризе захIмалъулила гIарац.
ТIадмагъилъ росдал почалъул отделениялъул нухмалъулев ГIадилгерай Пирилаевасул пикруялда рекъон, магIарул газеталъе бищунго кIудияб квал-квал гьабулеб буго интернеталъ. «Жакъа «ХIакъикъат» газета цIализе бегьула Интернеталдаса, гьелъул хасаб сайталдеги раккун. Гьедин бугеб заманалда, газета щайха хъван? Техника цебе унеб буго, гьединлъидал, цебесебги цIунун, цIиябги хIисабалде босун, галаби тIамизе ккола нилъецаги», — ян абуна гьес.
Унсоколо районалъул бетIерасул кумекчи МухIамаднаби ХIайбулаевас бицаралда рекъон, районалда кIудияб хIалтIи гьабулеб буго миллияб мацIги гьединго газеталги цIунизелъун. «Амма, лъаялъул даражаялъухъ балагьун бихьулеб буго гIун бачIунеб гIелалъе цIалдезе бокьулеб гьечIолъи. Кодоб кквезе гIоркь гуреб, гIодоб лъезе тIину гуреб Интернеталда батараб гIахьучI-хабар гIолеб буго гьезие. Гьединлъидал хIажат буго газетал, хасго нилъерго «ХIакъикъат» цебетIезабизе, гьеб хъвай цIикIкIинабизе. Гьеб рахъалъ бажарараб нижецаги гьабизе буго», — ян абуна МухIамаднабица.
Шамилхъалаялда бугеб районазда гьоркьосеб почтамталъул нухмалъулев МухIамад Макъсудовас баркала загьир гьабуна данделъиялда гIахьаллъизе рачIарал магIарул хIалтIухъабазе. «Газета хъвай цIикIкIани, нижер хIалтIиги цебехун уна. Гьединлъидал нилъ цадахъ рекъон хIалтIизе ккола. Дир филиалалда гъорлъе унел почалъул отделениязул нухмалъулезда гъорлъ цогIаги гьечIо тIаса-масагояв чи. РакIчIола, хадубккунги гьез хIалтIи ракIбацIцIадго тIубазабиялда», — ян абуна гьес.
Ахиралдаги ГIали Камаловас бицана газеталъул кIваралъул хIакъалъулъ. «ГIемер рагIула «ХIакъикъаталда» критикиял макъалаби къанагIат гурони гьечIин бицунеб. Гьедин абулезе дицаги жаваб кьола, рачIайин дудаса байбихьилин. Щайгурелъул ритIухълъи хIатIил малакье ккараб гьаб заманалда рацIцIалъиги яхI-намусги цIунун къеркьолев чи дагьлъулев вуго.
Гьединлъидал какизеги бадирчIваял гьаризеги суалал гIемер ратила. БитIараб бадибчIвай буго, тIекъал ишалги рихьичIого, гIадамазда аскIор хIакимзабаз, хъулухъчагIаз, гIадлу цIунизе тараз гьарулел мекъал ишазул хIакъалъулъги газеталъ бицинчIого тезе гьечIо. Амма гьеб киналъулго, кигIан бицаниги, хIасил кколареб мехалъ, хъваралъе жаваб кьолареб, гIадлу гьабулареб заманалда нижги дагьал тохлъулел ратизеги бегьула. Кин бугониги, хадубккун пикру буго критикияб рахъ дагьаб цIикIкIинабизе. Узухъда, гьелъие тIоцебесеб иргаялда, нужедасан – газета цIалулездасан кумек щвелин ва дандчIвалел квалквалазул хIакъалъулъ нижехъе хъвалин, кIалъалин хьул буго. Амма, кин бугониги, «ХIакъикъат» кьучI-хIужа гьечIого гIадамал какулеб, гьезда гьоркьоб мацI гьабулеб, рикьалаби ккезарулеб басма гуро. Гьеб буго халкъияб ракълилаб газета. МагIарулал рукIине ккола цогидал миллатазе мисаллъун», — ан абуна «ХIакъикъаталъул» бетIерав редакторас.
Данделъиялда гIахьаллъана ЛъаратIа, Инхело, Гъуниб, ГьоцIалъ, Болъихъ, Гьонода, Хьаргаби, ЧIарада, Игьали, ЧIиркъатIа, Хунзахъ, ГьаракIуни, Гьарадерихъ ва цогидалги росабазул почалъул отделениязул нухмалъулел.
Темирхан ХIасанов