Лъани, зарал гьечIо

Дагъистаналъул гIумруялъулъ октябрь моцI

 

Гьанжесеб «григорианский» календарь ургъана НекIсияб Рималда. Рималъулаз лъагIел бикьана 12 моцIалде. Октябрь моцIалъе гьединаб цIарги гьез кьураб буго. Гьеб букIун буго рималъулазул микьабилеб моцI, нилъерин абуни гьеб ккола анцIабилеб.
Кинабха букIараб Дагъистаналъе октябрь моцI, кинал лъугьа-бахъинал ккарал?

100 сон тIубала исана октябралда тIолабго инсанияталъе кIвар бугеблъун лъугьараб КIудияб Октябралъул социалистияб революция ккаралдаса.
1802 соналъул 3 октябралда магIарул хан СултIан-АхIмад-ханас Россиялде гъорлъе ине бокьун букIин загьир гьабуна. Гьес бихьизабуна Россиялъул кверщаликь ругезде Персия тIаде кIанцIани, гьезие кумекалъе вахъине, МагIарул улкаялъул Гуржистангун бугеб гIорхъи цIунизе ва магIарухъе дармие рачIунел гIурус базаргабазе квербакъизе, гьезие санагIалъаби гьаризе хIадурав вугилан.
1823 соналъул октябралда Дагъистаналде рагъгун вачIана генерал Ермолов.
1832 соналъул 17 октябралда барон Розенил нухмалъиялда гъоркь гIурусазул аскаралъ Генуб росу бахъана. Гьеб рагъулъ чIвана Дагъистаналъул тIоцевесев имам ГъазимухIамад.
1857 соналъул 4-5 октябралда генерал Орбелианица бахъана Буртунай росу. Рохьги къотIун, Буртунайги Дилимги цолъизеги гьарун, сверун ккуна Гуни, ЦIобокь, Миякьо росаби ва НахъбакIалдаса Шамил нахъе къазавуна.
1885 соналъул октябрь моцIалда Дагъистаналда Давид Сараджевасул хIаракаталдалъун, анкьго гьитIинаб заводги данде кьабун, Гъизляр шагьаралда рагьана коньяк гьабулеб кIудияб завод. Гьелдаса нахъе ана 132 сон, амма жакъаги хайир кьолеб къагIидаялда хIалтIулеб буго гьеб. Гъизляралъул коньякал дунялалдаго рикIкIуна лъикIазда гъорлъ.
1898 соналъул октябралда Дербент шагьаралде тIоцебесеб нухалда щвана гIадамал раччулеб поезд.
1919 соналъул 25 октябралда гьанжесеб Шамил районалъул ГIурада росулъ гьавуна генерал-полковник МухIамад Танкаев.
1919 соналъул 10 октябралда Бабаюрт росулъ чIвана революционер ЗайналгIабид Батирмурзаевги гьесул эмен Нухаги.
1920 соналъул октябралда ТемирХан-Шураб тIоцере рагьана медсестраби хIадур гьарулел курсал.
1923 соналъул 18 октябралда Дагъистаналъул Совнаркомалъул председатель Нажмудин Самурскияс РСФСРалъул Совнаркомалде кагъат хъвана, республикаялда росдал магIишат цебетIезабиялъе шартIал гIуцIи ва КОР (Октябралъул революциялъул цIаралда бугеб канал) бухъи мурадалда, мугIрузул районаздаса магIарулал лъарагIлъиялде гочинаризе кколин. Гьединабго бербалагьи магIарулал гIодоблъиялде гочинариялда бан букIана Жалалудин Къоркъмасовасулги. Гьел гочинаризе Дагъсовнаркомалъе Москваялъ биччан букIана 50 азарго меседил гъуруш. Гьелдасан байбихьана жакъаги нилъер гIадамазда гьоркьоб дагIба-рагIи кколеб магIарулал лъарагIлъиялде гочинариялъул суал. Гьеб букIана доб заманалда нилъер республикаялъул нухмалъулез цебелъураб политикияб масъала.
1930 соналъул октябралда Буйнакск шагьаралда гIуцIана лъарагIазул миллияб театр.
1931 соналъул октябралда Дагъистаналда байбихьана «Культсанштурмалъул» хIаракат. Гьелъул аслияб масъала букIана халкъазда гьоркьоб маданиятги, лъайги, рацIцIа-ракъалъиги тIибитIизаби.
1937 соналъул октябралда «Правда» газеталда бахъун букIана «Дагъистан обкомалъул махIцараб пикру» абураб М. Мезенинил макъала. Гьелдаса хадуб гIемерал бакIалъул хIакимзаби хIалтIудаса рахъана ва 324 чи партиялдаса рехана.
1939 соналъул октябралда ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул хIукмуялда рекъон, АбутIалиб Гъапуровасе кьуна «Дагъистаналъул шагIир халкъияв» абураб цIар.
1943 соналъул 21 октябралда, РСФСРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул хIукмуялда рекъон, гIуцIана ГIавухъ район.
1950 соналъул 20-27 октябралда СССРалъул тахшагьар – Москваялда тIоритIана Дагъистаналъул адабияталъул ва маданияталъул къоял. Гьезул гIахьалчагIазда цере рахъана ТI. Хрюгский, А. Гъапуров, ХI. Залов, З. ХIажиев, Ю. Хаппалаев, М. Гъайирбегова, Р. Рашидов, А. Аджиев, Р. ХIамзатов, М. Грунин. Гьенибго гIуцIун букIана Дагъистаналъул хъвадарухъабазул тIахьазул халгьабиги.
1957 соналъул 25-27 октябралда Дагъистаналда тIоритIана Северияб Кавказалъул халкъазул поэзиялъул къоял. Республикаялъул захIматчагIазда цере кIалъана Кабардино-Балкариялъул, Осетиялъул, Чачан-Ингушетиялъул, Адигеялъул шагIирзаби.
1964 соналъул 19 октябралда Дагъистаналда кIодо гьабуна гIурусазул хъвадарухъан, шагIир М.Ю. Лермонтов гьавуралдаса 150 сон тIубаялъул юбилей.
1964 соналъул 27 октябралда Дагъистаналда хIалтIизе байбихьана цIорол кIкIор гьабулеб завод.
1994 соналъул 20 октябралда Дагъистан Республикаялъул Верховный Советалъул хIукмуялда рекъон, тасдикъ гьабуна цIияб Пачалихъияб герб. Гьебго соналъ тасдикъ гьабун букIана республикаялъул байрахъалъул хIакъалъулъ законги.
1997 соналъул октябралъул ахиралда МахIачхъалаялда рагьана кIудияб мажгит.
2002 соналъул 11 октябралда МахIачхъалаялда тIобитIана Северияб Кавказалъул экономикияб цадахъаб хIалтIи гьабиялъул Советалъул данделъи.
2002 соналъул 25-27 октябралда МахIачхъалаялда тIобитIана Дагъистаналъул Миллияб министерствоялъул хIаракаталдалъун ахIараб «ГIорхъицоял улкабазул цадахъаб хIалтIи ва Каспиялъул регионалъул цебетIей» абураб форум.
2002 соналъул 9 октябралда гьабураб тIолгороссиялъул хъвай-хъвагIаялъул хIасилаз бихьизабуна Дагъистаналда кинабниги 2576531 чияс гIумру гьабулеб букIин, гьезда гьоркьоса 1102577 чияс шагьаразда, 1473954 чияс росабалъ.
2005 соналъул 27 октябралда МахIачхъалаялъул ралъдал порталде бачIана Хорватиялъул Пула шагьаралда Дагъистаналъул гьариялда рекъон гьарурал ункъо гумузул тIоцебесеб — «МахIачхъала-1». Гьелъ цадахъго баччулаан поездалъул 52 вагон. Гьел гумузул щибалъул багьа букIана 20 млн доллар.
2007 соналъул 27 октябралда МахIачхъалаялда тIобитIана Россиялъул Югалъул парламентазул Ассоциациялъул иргадулаб IX Конференция. Гьениб гIахьаллъи гьабуна Северияб Кавказалъул республикабазулги, областазулги ва краязулги вакилзабаз.
2017 соналъул 5 октябралда, ДРялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIипов нахъе иналда бан, гьесул бакIалда, ай бетIерасул ишал тIуралевлъун тана Владимир Васильев.
2017 соналъул 6 октябралда ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас республикаялъул хIукумат нахъе битIана.
Зикрула Илясов