МацI тIагIани, миллатги букIунаро

Умумузул рухIияб ирс — нилъер хазина

 

Республикаялда миллиял мацIа­зул ва маданияталъул жакъасеб ахIвал-хIалалъул бицун нижеца гара-чIвари гьабуна Россиялъул гIелмабазул академиялъул Да­гъиста­налъул гIелмияб центра­лъул мацIазул, адабияталъул ва искусство­ялъул институталъул директор, филологиял гIелмабазул доктор, профессор МухIамад МухIа­ма­довасулгун.
– МагIарулал руго бечедаб тарихги рухIияб бечелъиги бугел гIадамал. Жакъа магIарулазул рукIа-ра­хъиналъулги намус-яхIалъулги хIакъалъулъ дур кинаб пикру бугеб?
– Жакъасел магIарулазул гIум­руялъул халгьабураб мехалъ, ботIролъе рачIуна батIи-батIиял пик­раби. Руго унго-унгоял магIарулал, жидеца умумузул къадру-къиматги яхI-намусги цIунарал, жидерго гIаданлъи бечелъиялъухъги хъулухъалъухъги бичичIел. Амма гьал ахирал соназда магIарулазда гьоркьоб бижун бачIана цIияб къавм, жидеда магIарул яхI-намусги умумузул гIадат-гIамалги кIочон тараб. Гьединазул гIумруялъул аслияб магIна буго бечелъиялда хадур лъугьин. Якъинаб жо – гьединал «магIарулаз» хвезабулеб буго жакъа нилъер миллаталъул къадру-къимат. КигIан нилъее бокьичIониги, гьединазул къадар цIикIкIунеб буго.
Дида ккола, инсан вижулаго, цадахъ бижулеб батилин гьесул намусги. Хадуб, батIи-батIиял ахIвал-хIалазде ккедал, рикьулел ратилин гIадамал кIийиде – намус бугездеги гьечIездеги. Бихьинчилъиги, саб­руги, къохIехьейги рекIелъ бугезулъа гьеб, Аллагьас кьурал къоял лъугIизегIан, лъугIулеб гьечIо. Гьел хасиятазе хилиплъарал намусалъеги хилиплъулел руго. Гьединазда ракIалде кколеб буго, намус гьечIого, гIумру гьабизе бигьаго бугилан. ГIемерисеб ме­халъ, намус цIунизего гIадин, намус билизеги тIаде гIолеб гIе­лалъе «кумек» гьабулеб бу­го чIахIиязул ре­къечIеб хьвада-чIвадиялъ.
Жакъа лъайкьеялъул иш гIе­ме­рисез цIакъго тIалаб гьечIого толеб буго. Гьенибги лъималазе лъайкьеялъул хIалтIи байбихьул классаздасаго пачалихъалъ бигъинаби буго аслияб гIилла. ЦерегIан соназда нилъер улка рикIкIунаан дунялалда тIадго бищун лъикIаб лъайкьеялъул къагIида бугеб бакIлъун. Ахираб заманалда нилъер гьанибги бакътIерхьул улкабазда ругел цIакъго квешал рахъазде сверизабулеб буго лъайкьеялъул иш.
ГIелмуялде кIвар кьолеб гьечIо
– Жакъа Дагъистаналда бугеб гIелму-лъаялъул хIакъалъулъ дур кинаб пикру бугеб?
– Лъайкьеялъул даража къойидаса къойиде гIодобе кколеб буго. Киназего гуро гьанже рекIее бокьухъе цIализе рес щолеб бугеб. Хасал гьоркьохъел цIалул идарабаздеги вузаздеги гIолилал цIализе лъугьиналъулъги гьениб лъайкьеялъулъги биххун буго низам. ГIаммаб къагIидаялъ абуни, гIелму-лъай абураб рагIулго магIна билараб сурат лъугьун буго.
Советияб заманалда гIелму-лъай цебетIезабиялде кIудияб кIвар кьолаан ва гьелде гъираги базабулаан. Диссертациялги доб заманалда цIунулаан кколеб куцалъ, тIадегIанаб даражаялда. Гьанжейин абуни, диссертациялги, цо-цояз Гиппократил гьаги, дипломалго гIадин, ричун росулел руго. Цогиялъул бицунго щай, жибго тIехьалъул, тIехь цIалиялъул къимат хун буго. Хасго гIолохъанаб гIелалъ тIахьал цIалулелго гьечIо.
КIинусгоялде гIагарун соналъ цебе цIар рагIарав гIурусазул шагIир М. Ю. Лермонтовас хъвана: «Пашманго валагьула дун нилъер гIелалъухъ», — ан. Долдаса нахъе гIемераб заман аниги, гьелго рагIаби жакъаги, жеги пашманго, ракIунтун, такрар гьаризе бегьула. Такрар гьаризе бегьула, тIаде гIолеб гIелалъул гIамал-тIабигIаталъухъ балагьунги, умумуз рехун тун ругел чIунтарал магIарул росабазул хIисаб гьабунги, наслабазда кIочон толеб бугеб умумузул рахьдал мацIалъул къисматалда ракI ссудунги, умумуз ясбер гIадин цIунеян нилъее ирсалъе тараб, лъугIулеб бугеб рухIияб бечелъиялда хадур угьдулагоги.
Рахьдал мацIалде кIвар кьезе ккеялъул нилъеца бицунеб бугелдаса нахъе гIемерал сонал ана. Амма, бицунел рукIин гурони, кколеб хIасил дагьаб буго. Кин гьелъул хIасил ккелеб, эбелги эменги магIарулал ругеб рокъор шагьаралъул лъималаз гIурус мацI гурони бицунеб гьечIони. Дагьалищ жакъа гьединал хъизамал ругел? Рокъосан, жеги кинидаго ругьун гьаризе ккеларищ лъимал рахьдал мацIалдеги гьеб бокьизеги. ГIадада гурелъул нилъер умумуз кинидахъ кучIдул рахьдал мацIалда ахIулел рукIарал. Рокъор эбел-эмен жидер мацIалда кIалъалел ругони, лъималги гьелде ругьунлъичIого рес букIунаро. Школаздаги рахьдал мацIалъул дарсал, сагIтал гIезелъун, гьазда-дозда тIадкъан теялъул хIужаби цIакъ гIемер руго. Гьенибги иш роцIинабизе ккола ва махщелчагIаз гурони кьезе бегьуларо рахьдал мацIалъулги миллияб адабияталъулги дарс.
Нижер институталъул гIалимзабаз цебего хIадур гьабун буго рахьдал мацI малъиялъеги тIаде гIолеб гIелалъе гьеб бокьизабиялъеги квербакъулеб Программа. Амма нижехъ гIенеккулев чи гьечIо.
– Соналдаса соналде дагьлъулеб буго магIарухъ гIумру гьабулел гIадамазул къадар. Кинаб къисматдай букIина нилъер росабазул къого-лъеберго соналдасан?
– БитIараб буго, XX гIасруялъул бащалъудаса байбихьана магIарулал гIатIиракьалде гочине. Гьеб хIу­жаялъ кIудияб зарал гьабуна ни­лъер халкъалъул рухIияб ирсалъе. Росаби чIороголъулел рукIиналда цадахъго, кIочон толел руго лъикIал, гIасрабаз гIелаз гIелазухъе кьолаго, рачIарал гIадатал. Гьезул бакI цIияб гIелалъул рекIелъги гIумруялъулъги кколеб буго нилъее чияраблъун кколеб, нилъер напсалъе, бичIчIиялъе ярагьунареб «культураялъ».
ХIисаб гьабе, кигIан берцинал къагIидаби рукIарал нилъер умумузул гIолилазе тарбия кьеялъул рахъалъ. РакIалдещвезаре кигIан берци-берцинал, магIна гъваридал биценал, кицаби, маргьаби, халкъиял кучIдул нилъер ругелали. Гьеб кинабго нилъехъе бачIана бечедаб, хIайранаб, хIасратаб рахьдал мацIалда цадахъ. ХIакъаб жо, рухIияб тарбия кьеялъул аслу инсанасе рахьдал мацI кколеблъи. Гьеб буго нилъер гъанситоялъуб бакараб цIа, наслабаз наслабахъе кьун хинлъи кьолеб кан. Гьелъул кумекалдалъун гIасрабазул гъварилъудасан нилъехъе щвана щибаб халкъалъул цогидазда релълъинчIеб, жиндирго нух ккураб бечедаб маданият. Рахьдал мацI цIунула ва ккола халкъалъ. Гьеб тIагIани, тIагIуна миллатги.
РухIияб ирс цIунизе ккола
– МагIарул адабияталъ кинаб бакI кколеб нилъер гIумруялда жаниб?
– Халкъиял кIалзул гьунаразул асарал, хъвадарухъабазул тIахьал, халкъияб кечI-бакъан нилъехъе рачIана рахьдал мацIалда цадахъ. Гьеб мацIалда рачIиналъ, гIагараблъунги лъугьана нилъее гьеб кинабго. Росе кодоре нилъер маргьабазул яги кицабазулгун абиязул тIахьал. ЦIале гьел. МагIарул мацIалда цIалулеб мехалъ, гьез кьолеб гIадаб лазат, рекIее рахIат, шавкъ нилъее щоларо батIияб мацIалда. Гьезда жаниб бугелъул нилъер халкъалъул бахIарчияб тарихги, умумузул гIакъиллъиги, миллияб хасият-гIамалги.
Цогидалъул бицинчIониги, цохIо мисал бачаниги гIела. Дагьаб заманалъ дунялалъул ургъелалги, цоги хутIанщинабги нахъе рехун, кIочене тун, балагье ГIалихIажиясул, МахI­мудил, ХIамзатил, Расулил шигIрабазухъ. Кинаб хIикмат, кинаб берцинлъи, гъваридаб магIна гьезулъ батулеб нилъеда!
Гьебго жо абизе бегьула халкъиял кучIдузул хIакъалъулъги. Гьезулъги буго нилъер умумузул рухIги, яхIги, бахIарчилъиги, чилъиги, цогидабщинаб гIумруялъул магIнаги. Амма гьеб хазинаялдасаги нилъ дагь-дагьккун рикIкIалъулел руго. Умумуз ахIулел рукIарал кучIдул гьанже рагIулелго гьечIо. Миллияб цогидабщиналдасаго гIадин, нилъер халкъ халкъияб кечI-бакъаналдасаги рикIкIалъана. МагIарулазул руго хIикматал, жал ахIиялъул рахъалъ цоги лъиданиги релълъинчIеб хаслъи бугел халкъиял кучIдул. Гьелги ахIулаан цохIо магIарулазул гурони гьечIеб хIикматаб музыкалияб алат – пандурги хъван. Гьанже, кигIан урхъаниги, пандур хъван, ахIулеб кечI сценаялда, бертабалъ къанагIатги рагIуларо. Гьелъул бакIалда кирго ахIулел руго, бихьинал-руччаби батIалъи гьечIого, я рагIабазул магIна гурел, яги бакъан бичIчIуларел, гIундул гьорозарулел, ракIбуссинабулел рагIабазул дандраял. Абулебги буго гьеб гьанжесеб гIелалъе бокьулин. Жидерго гьаракь гьечIел ахIулез фонограммаялда гъоркь гьабулеб гьеб хIапу-чапур гIенеккараз къабул гьабулеб букIиналъги бицуна нилъ кигIанасеб къадаралда нилъерго миллияб бичIчIиялдаса, миллияб хаслъиялдаса, нилъерго рахьдал мацIалдаса рикIкIалъун ругелали.
Нилъер халкъалъул миллияб хасияталъул бицунаго, абизе ккола, цогидаб халкъияб хазинаялдасаго гIадин, нилъ цIакъго цIакъ рикIкIалъун руго миллияб ретIел-хьиталдасаги. Бащдаб черх бахчичIеб ретIел ретIине намуслъулареб гьанжесеб гIел нечолеб буго нилъер бакIалъеги халкъалъеги хасиятаб ратIлидаса. Цо-цо байрамазда, гьебги ретIун, цере рахъарал махщелчагIазда хIайранлъизе бачIуна. КигIан рекъонги берцингогиха гьезда гьеб букIунеб.
МахщелчагIазул бицунаго, ра­кIал­де щвезаричIого гIоларо къо­ба­хъанагIан дагьлъулел ругел халкъияб махщелчилъиялъул батIи-батIиял тIа­гIелазулги гьел гьарулел устарзабазулги. Гьезул щибазулъ буго жи­дерго берцинлъиги, цогидазда ре­лълъинчIеб хаслъиги, жидерго магI­наги. Гьелъ гурищ гьоцIдерил, ансадерил, бархъалисезул, кубачиязул, цоги гьединалго бакIазул устарзабазул тIагIелал, гьезул хIалтIаби тIолабго дунялалда тIиритIун ругел. Гьанже гьеб къиматаб хазинаялдеги пачалихъалъ кьолеб кIвар цIакъго дагьаб гурони гьечIо. Гьедин тIалаб гьечIого тани, лъугIун инеги бегьула, дагъистаниял жиндаса чIухIулеб гьеб хазина.
Гьанир дица рехсон тана нилъер миллияб маданияталъул кьучI, аслу дагь-дагьккун тIагIунеб букIиналъе нугIлъи гьабулел, дирго рахIатхвезабулел ругел цо-цо хIужаби. Цо дир гуребги, гьез гIемерисезул рахIатхвезабулеб бату­леблъиги лъала. Амма ра­хIат­хвезабураб гIоларо, бажарарас бажарухъе жинда кIолебщинаб хIалтIи гьабизе ккола миллата­лъул мацIги халкъалъул рухIияб маданиятги чIаголъизабиялъе, лъикIлъизабиялъе, цебе­тIе­за­биялъе гIоло. РакIунтун гIадахъ босани, нилъехъа гьеб бажарула. Гьелъие жеги кватIун гьечIо. Цодагьалги сонал ани, кватIизеги бегьула.
Гьал къоязда Лъайкьеялъул ва гIел­муялъул министерствоялдаса бачIана цоги пашманаб хабар. Гьанжеялдаса хадуб мугIалимазда тIадаблъун гьабулеб буго щивав цIалдохъанасул эбел-инсудаса гIарза тIалаб гьабизе, жидер лъималазда пуланаб рахьдал мацI малъизе бегьилилан. БачIунеб буго суал: щай гьединаб изну босизе кколареб химия, физика, тарих ва цогидалги дарсал малъизе бегьулилан. Гьанже нилъедаса тIалаб гьабизе хутIун буго хIухьел цIазе изну. Гьединаб буго жакъасеб къоялъул кьогIаб хIакъикъат.
Гара-чIвари гьабуна
Пайзула Пайзулаевас.