Къварид гьавизе чIоге

Божилъиялъул телефон ва лъимадуе гьелъул пайда

 

Щибаб лъимадул гIумрудулъ данд­чIвала чIахIиязул насихIат хIажатаб, амма жиндирго захIмалъабазул лъидаго бицине бокьулареб заман. Цо-цо мехалда балугълъиялде рахарал лъималазулги эбел-инсулгун дандекколарого букIуна. Гьеб гIужда эбел-инсуца кIвар гьабичIони яги лъимадуе рекъараб калам гьабизе бажаричIони, гьезда ккола жал лъиего хIажат гьечIилан. Гьединал лъимал рокъоса лъутарал хIужабиги дандчIвала. Гьединлъидал щибаб школалда рукIуна психологал. Амма жидер «балъголъи» лъалин хIинкъун, гьел школалъул психологазухъе къанагIат гурони унаро.
Шагьаралъул школазда гIемер данд­чIвала лъималазда гьоркьоб дандеккунгутIи: чIахIияз гьитIинал хIинкъизарулел, къварид гьарулел ратула. Школалда яги къватIахъ къварид гьабулеб лъимадул дунялалдаса ракIги буссуна. Гьединаб ахIвал-хIал бокьараб школалда букIине ресги буго.
ГIумрудулъ захIмалъаби дандчIва­рал, дунялалдаса ракIбуссарал лъималазе кумекалъе 2010 соналда Россиялъул захIматаб хIалалде ккарал лъималазе квербакъи гьабулеб фонд гIуцIана ва гьезул буго божилъиялъулин абулеб телефоналъул номерги — 8-800-2000-122.
16-22 октябралда лъималазул божилъиялъул телефоналъул хъулухъалъ «мунго къварид гьавизе тоге» абураб акция тIобитIулеб буго. Лъималазда лъазабулеб буго, нагагь нуж къварид гьарулел ругони, гьединлъидал школалде ине бокьуларого, къватIахъе рахъине хIинкъулел ратани яги лъица букIаниги хIинкъи кьолеб бугони ахIизе бегьула тIадехун рехсараб номералде. Эбел-инсуцаги лъималазда хадуб халкквезе ккела. Нагагь лъимер цадахъ цIалулелгун кIалъалеб батичIони, гьелъухъе кьураб гIарац яги къайи «билулеб» бугони, жибго жиндаго яги ццим бахъунеблъун лъугьунеб батани, божилъиялъул номералдеги ахIун, психологазда гьелъул хIакъалъулъ бицине ккола.
Гьеб номералде ахIаралъухъ гIарац босуларо ва лъимадул суал тIубазе кумек гьабула. Эбел-инсуде яги гьудул-гьалмагъзабазде ургъел бикьизе нечолел ругоницин, гьеб номералде ахIун, психологазда бицине бегьула жидерго ругел къварилъабазул хIакъалъулъ. Гьеб буго захIмалъиялде ккарал лъималазе бищунго санагIатаб къагIида, щайгурелъул гьеб номералде ахIаразда цIехоларо мун киса ва щивали. Сордо-къоялъул бокьараб заманалда ахIаниги, психологал гIенеккула ва берцинаб каламалдалъун лъимал гIодоре риччазаризе ва гIакълу кьезе хIаракат бахъула.
Дагъистаналда лъималазул божилъиялъул телефон хIалтIизе байбихьана 2014 соналъул 17 маялда. ДРялъул хIукуматалъ ва захI­малъиялде ккарал лъималазе квербакъиялъул фондалъ къотIи-къай гьабун букIана лъималазул божилъи­я­лъул телефон республикаялда хIалтIизабиялъе. ТIолгороссиялъулаб телефоналъул номералда рекъон, хехаб психологияб кумек гьабизе буго ДРялъул захIматалъул ва социалияб рахъалъ цIуниялъул кIиго идараялъ.
Фондалъ гIуцIун руго божилъиялъул телефоналъул хIакъалъулъ социалиял видео-роликал. Гьез бихьизабула божилъиялъул телефоналдасан кин пайда босизе бегьулебали.
Кинаб пайдаха щвезе бегьулеб лъи­малазе божилъиялъул телефоналдасан?
1. Божилъиялъул телефоналде ахIи­дал, лъималазул цIар гьикъуларо.
2. Лъица ахIун бачIаниги, диналъухъ, миллаталъухъ балагьичIого, киназего дандекколеб хIалалъ хабар бицуна.
3. ГIумрудул захIматал масъалаби тIуразе кумек гьабула.
4. Лъималаз бицараб ва ахIун бачIараб номер балъго гьабула.
5. АхIаразги кIалъалезги жидерго цIар ва щалали бицине тIадаб гьечIо.
6. Лъималазухъ гIенеккулел специалистал рукIуна жидеего бокьун гьеб хIалтIуде лъугьарал, лъималазе кумек гьабизе махщел бугел тIаса­рищарал гIадамал.
7. ГIенеккараз ахIун рачIаразухъа щибго тIалаб гьабуларо, гьезие кумек гьабун гурони.
ТIолабго дунялалдаго божилъиялъул телефоналдасан пайда босула ва, цогидал къагIидабазде дан­декку­н, гьелъ цIикIкIун пайда кьола. Специалистаз гьелъие гIиллалъун рикIкIунеб буго, божилъиялъул телефоналдасан кIалъалаго, лъимадуе рес бугин жиндирго гьумер бихьичIого, цIар бицинчIого, бугеб къварилъиялъул хIакъалъулъ бицине.
Социалиял хъулухъазул хIалтIу­хъа­баз бицаралда рекъон, лъима­лазул божилъиялъул телефон хIал­тIулеб буго республикаялъул киналго шагьаразда ва районазда. Шагьаразда гIумру гьабун ругел лъималаз яги гьезул эбел-инсуца божилъиялъул телефоналдасан пайда босула. Амма районазул социалиял хъулухъазул идарабазде кумек гьарун ахIулеб гьечIо лъималаз. Щайгурелъул лъимал хIинкъулел руго жидер «балъголъи» цогидазда лъазе гурин. Цо-цоязда гьедин ахIизе бегьулеблъи лъалебго гьечIо.