ЖамагIат гъункиялъе нугI

Гъуниб районалъул Сугъралъ рагьана цIияб мажгит

Росдал кIудияб мадрасаялда цIа­лулаан цохIо росуцоял гурелги тIолабго Дагъистаналдасаго мутагIилзабиги. Гьенир цIалана, жиндирго лъай гъварид гьабуна исламияб сверухълъиялда цIар тIибитIарал гIалимзабаз, диниял церехъабаз. Гьединаллъун ккола Къудукьа МухIамад, МухIамад Ярагъи, Гъази-Гъумекиса Жамалудин, ГIали Каяев ва гIемерал цогидал. Гьенив цIаларав Халил-Бег Мусаясулас гьеб мадрасаялъул даража рикIкIунаан Европаялда (Франциялда) бугеб Сорбонна университеталда бащадаблъун.
1877 соналда мугIрузул Дагъистаналда ккарал рагъулал лъугьа-бахъиназул хIасилалда щущазабуна, бухIана Сугъралъ росу, росдал гIадамалги ритIана Россиялъул рикIкIадал губерниязде.
ЧIунтараб росу цо­йиде бачиналъе, кулабаздагун нохъазда гIумру гьабизе ккун рукIарал Сибиралде ритIичIого хутIарал гIадамалги дандеруссинариялъе кIвар бугеб хIужалъун лъугьана 1879 соналда КIудияб мажгит базе ккеялъул суал борхи ва гьелда хадубго гьеб бай. XX гIасруялъул 30-абилел соназде щвезегIан хIалтIулеб букIараб мажгит гьел соназда къана ва гьелъул мина (тIад бараб клуб тун) сверизабуна колхозалъул складалде.
Нахъеги гьеб рагьана цIияб заманалда, 1989 соналда. Гьоркьор сонал ун гьелъул къисматги ккана захIматаб – 2012 соналъул декабрь моцIалъул сардилъ, тохлъукьего цIаги ккун, КIудияб мажгит тIубанго бухIана. Росдал сипатлъун жиб букIараб мина-къайиялъул, бахъун чIараб, «лъукъ-лъукъараб» си тун щибниги нахъе хутIичIо. БухIаралъул бакIалда цIияб мажгит баялъул суал росуцояз борхана гьоркьоб заман иналдего ва, бацIцIад гьабун авалгун, 2013 соналъул март моцIалда байбихьана тIоцебесеб хIалтIи. ГIемерал росуцоял тIаделъун, гIахьаллъун гьабураб цIакъго кIудияб хIалтIул хIасилалда (абичIого гIоларо аслияб бакIлъи тIаде босана Сатмар Амировас. Гьес церехунги гьаруна лъикIал, жамагIат разиял хIалтIаби: росулъе бачана лъим, лъуна трансформатор, хъутаналде бачана газ, рахъана артезианалъул гъуял, бана кIудияб гьоркьохъеб школа). Исана соналъул хаслихъе, цебеселъул аслияб сипат-хаслъабиги цIунараб, ГIабдурахIманхIажи Су­гъуриясул цIар кьураб гьайбатаб мажгит бан лъугIана.
Гьеб рагьиялда хурхун 30 сентябралда росулъ тIобитIана кIудияб тадбирги. Сугъралъе рачIана гIемерал (гIага-шагарго 600-700 чи) росуцоял ва Дагъистаналъул батIи-батIиял районаздасгун шагьараздаса гIадамал. Гьалбадерида гьоркьор рукIана: муфтияталъул хIалтIухъабазул кIу­дияб къокъа, районазул диниял идарабазул вакилзаби, Гъуниб районалъул нухмалъи, мадугьа­лихъ ругел росабазул вакилзаби ва цогидалги. Мажгит рагьи баркун, вагIзабигун, насихIат-кIалъаялгун цере рахъана диниял церехъаби, исламиял гIалимзаби. Лъала, шайих ва муршид, нилъер имамзабазул ва гIемерал гIалимзабазул мугIалим МухIамад Ярагъи Сугъралъ мадрасаялда цIалулев вукIин. Хадуб ункъо соналъ гьес гIумру гьабуна гьеб росулъ ва гьенив тIовитIана ахирата­лъул рокъове. Росуцоязда гьев кIудияв гIалим киданиги кIоченчIо, гьениб цIунун буго гьесул зияратги. Мажгиталда тIобитIараб мажлисалдаса, къаде какалдаса хадуб киналго щвана зияраталдеги.
ТIолабго тадбир ана лъикIаб гьава-бакъалъ квербакъун, парахатго, берцинаб хIалалда. Щаклъи гьечIо КIудияб мажгит рагьиги жакъасеб тадбир гIуцIиги росдал жамагIат гъункиялъе, гьоркьоблъи тIадеги щулалъиялъе лъураб кьучIлъун букIин.

ГIабаш ГIабашилов

Тарихалда ругел цо-цо баяназда рекъон, Сугъралъ росдае буго гIага-шагарго 1000-гIанасеб сон. Хадусел баяназул хIисаб гьабун хIакълъулеб буго XIII  гIасруялъул авалалда исламияб дин гьенибе щвейги хадубккун росулъ  гьеб тIубанго къабул гьабиги. Гьелда рекъон гьенир рагьизе байбихьана мажгиталгун мадрасабиги.