Ресал ва масъалаби

Ресукълъиялде рачана

 

ГIемерал лъимал ругел хъизамал хутIана пособиялги гьечIого

ДРялъул ЗахIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерствоялъул баяназда рекъон, 2017 соналда гьел пособиял щолел рукIана 777 хъизамалъе. Гьезда гьоркьоб букIана 10 лъимер хьихьулеб анкьго хъизам ва 580 хъизамалда букIана щугоялдаса ичIгоялде гIунтIун лъимер. 188 хъизам букIана игизал хьихьулеб ва кIиго хъизамалда –цадахъ гьабураб лъабго лъимер.
Гьеле гьел хъизамазе кьолел рукIарал пособиял рикIкIана республикаялъул власталъ «тIасан борчIараб бечелъилъун». Октябралдаса нахъе гьел пособиял кьезе руго, гIицIго жал ресукъал кколеблъи тасдикъ гьабулеб справка кьурал хъизамазе. Гьединаб статус республикаялда кьола моцIрое гIумру гьабизе гIолеб гIарцул роценалда бащалъулеб харж, ай 9638 гъуруш щолеб бугони.
Дагъистаналъул власталъ абулеб буго республикаялъул бюджеталда аслияб кIварбуссинабулин социалиял масъалаби тIуразариялде. Амма регионалъул «гъансиниб» нахъраталие капекго тIокIлъуларо. Гьединлъидал харжал дагьлъизариялъул михиралда гъоркье кколел руго социалияб рахъалъ хашго цIунарал дагъистаниялги.
ЦIияб сон тIаде щвелалде, республикаялъул хIукуматалъ инкар гьабуна гIемер лъимал ругел хъизамазе ЖКХялъул хъулухъазухъ мухь кьолаго гьарулел бигьалъабаздасаги. Гьелде тIадеги, эбел-эмен махIрумлъана лъималазул ахалде лъимадухъ кьолеб мухьалъе гьабулеб букIараб бигьалъиялдасаги, лъагIел бачIел лъималазе кьолел рахьдал нигIматал щвеялдасаги. Гьел щвезе кканиги, ресукъаб хъизам бугеблъи чIезабулеб кагъат тIалаб гьабула. Республикаялда буго 240 азарго ресукъаб хъизам.
Гьезул гIемериселги хутIула бигьалъаби щвечIого: статус тасдикъ гьабулел кагътал ракIаризе лъиениги бокьуларо ва гьезда хадур хIакимзабазухъе хьвадизеги регIуларо. БатIи-батIиял пособиял щвеялъул мурадалда гIемерал кагътал ракIаризе ккеялда бан, цо-цо хъизамал гочунел руго батIиял регионаздецин. Масала, гьедин гочана МахIачхъалаялдаса Лейла ХIамзатова. 2014 соналда гьелъ хьихьизе ячана яс. Исана июль моцIалда гьелъ хьихьизе бачана Самараялдаса жеги ункъо лъимер. «Апрелалдаса нахъе дие кьечIо щвезе кколел рукIарал пособиял. Лъайкьеялъул министерствоялда абула, пособиязухъ гIарац муниципалитеталде битIанин, гьениб абула, щвечIин. Дида бицана, гьединал хъизамал гIемер ругин. Хьихьизе рачарал лъималазухъ гIарац кьола федералияб бюджеталдаса, гьединлъидал бюджеталъул рес гьечIин аби дица гьадингосеб хабарин рикIкIуна», — ян бицана Лейлаца.
Гьеб хIал хIехьезе кIвеялдаса индал, Лейлал хъизам гочана Крымалде. Гьениб гIумру гьабизе бугеб бигьалъиялъулги Дагъистаналъулги Крымалъулги хIакимзабазул батIи-батIияб бербалагьиялъулги бицунаго, гьадин абуна ХIамзатовалъ: «Гьаниб, Крымалда, дида тIасалъугьаянцин гьарана: кватIун документал кьеялда бан, сентябрь моцIалъул пособие кьолезул сияхIалда нижер цIарал хъвазе бажаричIо».
МахIачхъалаялъул Ленинский рай­администрациялде хитIаб гьабидал, гьениб «гIарац батана» ва нижеда бихьизабуна «платежное поручениялъул» копия.

Тимур ГIалиев,
«Российская газета»