Путинил рагIабиги рахьдал мацIалъул кIварги

МацI гьечIони, нилъ гьечIо

 

Дагьаб цебегIан Йошкар-Олаялда тIобитIараб Миллиял гьоркьорлъабазул советалда кIалъалаго,  республикаялда гIурус мацI малъиялда, гьеб лъазабиялда  бан Россиялъул Президент В. Путиница абуна мацIал лъазари бугила, Россиялъул  Конституциялда рекъон, щивас жиндие бокьун гьабулеб иш ва пачалихъияблъун  кколеб гIурус мацI лъазабиги лъикIлъизабизе ккелилан.

Сунда бан борхараб улкая­лъул президентас мацIазул суал? Гьелъие гIиллалъун ккана миллиял республикабазда (Татариялда, Башкириялда ва гь. ц.) батIияб миллаталъул гIадамаз жидее рахьдаллъун, гIагараллъун кколарел мацIал лъазари тIадаблъун гьаби лъикI гьечIилан гIарз бахъи. Щайгуре­лъул гIемерал сонал руго, мисалалъе, Татарстаналда гIумру гьабун ругел гIадамазда, щиб миллаталъул гьел ратаниги, татар мацI лъазабизе тIадаблъун гьабуралдаса. Гьеб суалалъул хIакъалъулъ бицинчIониги бегьилеб букIун батила, нилъер республикаялда Путинил рагIаби жидеего бокьухъе цIалулел ва бичIчIулел гIадамал рукIинчIелани. Жакъа, хIатта, Дагъистаналъул улбуздаги школазул мугIалимзабаздаги гьоркьорцин ратулел руго рахьдал мацIал лъазаризе ккеларилан абулел чагIи. БитIараб бугищ гьеб пикру, гьединаб тIалаб? Узухъда, гьечIо. Гьединаб бербалагьи хадубккунги бугони, цо заманалдасан гьеб нилъеда цIакъ ракIалда бухIизе буго. Щиб жо кколеб Дагъистаналъул халкъазул культура? Гьеб ккола щибаб халкъалъул мацIазул кьучIалда бараб гьайбатаб си. КьучI биххани, гьеб маданиятги гIодобчIвала, халкъалъул хасиятги хола. Хварал мацIал чIаго гьариялъул мисалалгицин руго нилъеда цере. Мисалалъе гьединаблъун ккола гIиб­рани (ГIизраилалъул пачалихъияб мацI), нус-нус соназ хун букIараб ва 1947 соналдаса байбихьун чIаголъизе гьабураб. Цогидал республикабазда, рахьдал мацIалда ЕГЭ кьезе жидее ресал гьареян, Конституциялъулаб Судалде щвезегIан хъвадарулелцин руго.
Лъалаго, тIаде цIазе бегьиларо кIудияб ками!
Гьедин бугеб мехалъ, щайха нилъеца лъимал, лъималазул лъимал махIрум гьаризе кколел бечедаб, нилъер тIабигIатлъун кколеб эбелаб мацIалъул гьайбатлъиялдасаги гьелъул тIагIамалдасаги. Метерисеб къоялъул пикру гьабу­ларел цо-цо гьоролчагIазул хьва­­ди-чIвадиялъухъги балагьун, щай тIубараб миллат гьезда хадуб унеб бугеб? Нахъа кватIун бу­кIинародай? Масала, щай бакI-бакIазда гьарурал хъвай-хъвагIаял, официалиял идарабазда, къватIазда лъурал, росабазул ва районазулгун шагьаразул цIарал, гIурус мацIалда цадахъ, Дагъистаналъул Конституциялда рекъон, пачалихъияллъун жал рикIкIунел, нилъер халкъазул мацIаздаги хъвазе бегьуларел? Цогидал республикабазда, улкабазда гьеб къагIида гIатIидго билълъанхъизабулебги бугелъул.
Гьеб киналъулго хIисабги гьабун, нилъер халкъалъул тарихалде жанире раккани, гьениб рахьдал мацIалдехун жакъа гIадаб хашаб бербалагьи гьабулеб букIараб заман батизе рес гьечIо. Советиял соназдацин рахьдал мацI гьадигIанго кIвар кьечIого толароан. Гьанжейилан абуни, соналдаса соналде дагьлъулеб буго магIарул мацI лъалезул къадар, ва гIурус мацI лъугьун буго нилъеда гьоркьоб бухьеналъул алатлъун. Узухъда, нилъер культураги гIумруялъул даражаги борхизабиялъулъ гьеб мацIалъул буго кIудияб кIвар, ва гьелда лъилниги щаклъи гьечIо. Р. ХIамзатовас абухъе, гIурус мацI ккола нилъер мугIрулги, гIадамалги, халкъалги цоцада рухьараб меседил рахас. Гьеб нилъер халкъалъе ккола кIиабилеб рахьдал мацIлъун. Амма, гьелда бан, рахьдал мацI кIочене тей битIараб букIинадай?
Дагъистаналда рахьдал мацIазда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалъе гвангъараб мисаллъун ккола ни­лъер школал. Гьел хIалтIула кIиго цIалул планалда рекъон: цоабилеб ва кIиабилеб. Цоабилеб планалда рекъон школазда 5 классалде щвезегIан дарсал кьола рахьдал мацIалда. Амма республикаялда цIикIкIарасел школал, гьелдаса инкарги гьабун, рачIунел руго рахьдал мацI анкьида жаниб 2-3 дарс хIисабалда кьезе бихьизабураб кIиабилеб цIалул планалде. ГIажаибаб жо буго, жалго эбел-эмен разилъулел гьечIо жидер лъимералъ рахьдал мацI лъазабулеб букIиналда. ХIатта, гьелъул экзамен кьезе ккеларедухъ, миллат хисиялдегицин рачIине ракIалда буго цо-цоязда. Гьеб хIалалда нилъ унел ругони, хIинкъи буго гIагараб заманалда жаниб рахьдал мацI лъугIиялда. Гьелда тIадеги, жидеца магIарул мацI лъазабулел цIалдохъабазул къадар республикаялъул школазда, араб цIалул соналде дандеккун, исана дагьлъун буго кIиго проценталъ. Жакъа Дагъистаналда буго кинабниги 1454 школа, гьездаса цого миллаталъул цIалдохъаби цIалулел руго 1223. Гьениб рахьдал мацI малъизе кинабниги квалквал гьечIо, амма гьел кIиабилеб цIалул планалдеги рачун, унел руго гIурус мацIалда цIали гьабулеб къагIидаялде. Гьеб лъикI гьечIо. Школазул нухмалъулел ургъизе ккела кинаб къиматдай жидер «хIаракатчилъиялъе» лъела хадусел гIелаз абураб суалалда тIад.
Гьал къоязда Дагъистаналъул журналистазул делегация тIадбуссана, Дагомысалда тIобитIараб «ТIолабго Россия» абураб фестивалалда гIахьаллъиги гьабун. Гьениб Дагъистаналъул журналистазул жигарчилъиялдалъун тIобитIана миллиял газет-журналазул букIинеселъул ва гьединго рахьдал мацIазда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ «гургинаб стол». Гьеб тадбиралда баянлъана нилъер республикаялда, цогидазде дандеккун, миллиял мацIал цIуниялъул рахъалъ беццараб хIал гьечIолъи.
ЮНЕСКОялъул баяназда ре­къон, дунялалда хIалтIизабулеб 6900 мацIалъул тIагIиналъе хIинкъи бугеблъун ккола 2500 мацI. Гьезда гьоркьоса 25 мацI ккола Дагъистаналъул халкъазул, магIарул мацIги жанибе бачун. Гьеб буго жакъа нилъее, магIарулазе, цIакъго пашманаб хабар. МацI тIагIиналъе аслиял гIиллабазул цояблъун ккола гьеб умумуз гIолеб гIелалъухъе кьолеб гьечIолъи. Заман щун буго нилъ рекIеде рачIине ва нилъеда тIаде бачIинехъин бугеб кIудияб камиялъул ургъел ва гьеб тIаса босизе тадбирал гьаризе.
Инхоса ГIалихIажица, Ругъжаса Элдарилас, ЧIанкIаца, Хъа­хIабросулъа МахIмудица, ЦIа­даса ХIамзатица, ХIамзатов Расулица асарал хъвараб, имам Шамилица бицараб мацIалде нилъеца дагь-дагьккун ракь хъвалеб буго. РекIеде рачIине заман щун гьечIодай? Бокьилаан газета цIалулез, гьаб суалалда тIасан жидерго пикраби загьир гьарун, редакциялде хъвазе.
Зикрула Илясов,
Россиялъул халкъазул
Ассамблеялъул
Дагъистаналъулаб гIуцIиялъул нухмалъулев