Нилъеца цIунизе ккола вацлъи ва гьудуллъи

Рамазан ГIабдулатIиповас лъазабуна цебечIараб аслияб масъала бугин
гIадамазул гIумру лъикIлъизаби, гьезул ихтияралги эркенлъиги цIуни

 

ХIурматиял дагъистаниял!
Гьал къоязда дихъе телефоналдаса гIемер чи кIалъалев вуго, дир рахъккун ва баркалаги загьир гьабун, ва рачIунел руго гьединабго магIнаялъул смс-кагътал. Абулеб буго, дир рахъги ккун, митингазде рахъине хIадур ругиланги. Киназего баркала буго, амма гьединал акциял хIажат гьечIо.
Дун вуго пачалихъияв инсан, Россиялъул Федерациялъул президентас хъулухъалда тарав ва Дагъистан Республикаялъул Халкъияб Собраниялъ тасдикъ гьавурав. Гьединлъидал дицаги президентасде хитIаб гьабуна, дун хъулухъалдаса эркен гьавеян. Президентас дие баркала кьуна гьабураб хIалтIухъ. Дицаги Владимир Путиние баркала кьуна Дагъистаналъе гьабулеб квербакъиялъухъги, гьесул нухмалъиялъухъги ва Дагъистаналъеги Россиялъеги гIоло хIалтIизе диде божилъи гьабуралъухъ­ги.
ХIурматиял дагъистаниял! ДандчIварал захIмалъабазухъ балагьичIого, нилъ цадахърекъо­н хIалтIана щугогIан соналъ. ГIемераб хIалтIи гьабуна, амма гьабизе кколебги жеги цIикIкIун буго. ХIакъикъаталдаги чIунтун унеб букIараб Дагъистан бахъун чIезабиялъул мурадалда, гIадлу гьечIолъиялдасаги такъсирчагIазул зулмуялъукьаги эркен гьаризе ккана нилъер гIадамал, биххун араб экономика рукIалиде ккезабуна, экстремизмалдегун терроралде данде къеркьана. Жакъа Дагъистан цIилъулеб буго. Аслиял социалиялгун экономикиял баяназда рекъон, нилъер республика уна Россиялъул цебетIураб 10 регионалда гьоркьобе. Ахирал соназда лъималазул ахазда 32 азарго бакI гьабуна. Рана гIемерал школалги больницабиги. 10 азаргоялдаса цIикIкIун чиясе кьуна цIиял рукъзал. ТIубанго хисизабуна кIиазарогосонилаб байрам кIодо гьабураб Дербент шагьаралъул сипат. КьучIдасанго цIигьабулеб буго гьанжелъизегIан биххизабураб МахIачхъала шагьаралъул магIишат ва шагьаралъулазе гьарулел хъулухъал цIияб даражаялде ккезарулел руго. Гьекъезе хIинкъи гьечIеб, бацIцIадаб лъим бачIунеб буго гьанже тахшагьаралде ва кватIичIого гьеб щвезе буго Каспийскалдеги, Избербашалдеги, Бабаюрталдеги. Гьекъолеб лъел къварилъи лъугIизабизе буго республикаялъул цогидал шагьараздаги районаздаги.
Нилъеца гIодобе ккезе биччачIо росдал магIишаталъул аслиял рахъазул хIалги. ЧIана анкьазаргоялдаса цIикIкIун гектаралда цIолбол гъабу, 7,5 гектаралда пихъил ахал ва 156 гектаралда гьаруна теплицаби. Дагъистаналъул хIукуматалда церечIарал масъалаби жеги гIемер руго. Гьел тIуразаризе хIажалъула заман. ГIемер планалги проекталги хIадур руго гIумруялде рахъинариялъе. ГIадамазе санагIатаб культуриябгун лъайкьеялъул шартIал гIуцIизе руго.
Бищунго аслияблъун буго цоцалъ рекъараб жамагIат гIуцIун бажари, республикаялда парахалъи букIинаби – гьеб гьечIони, чIара-хьараб хIал лъугьинабун бажарулароан. Жакъа дагъистаниязул ракIчIараб буго жал кIудияб улкаялъул гражданал кколеблъиялда ва улкаялъ жидер тIалаб гьабулеблъиялда. ГIадамазухъе тIадбуссунеб буго культура, умумузул гIадат-гIамал, яхI-намус. Гьеб рахъалъ гьабулеб хIалтIи гьоркьоб къотIизеги тезе бегьиларо.
Гьелдаго цадахъ, ахIвал-хIал буго жеги чIемегIаб, гьединлъидал власталъги жамгIияталъги хIаракат гьабизе ккола цебетIеялъулги ракълилабги нухдасан церехун ине. Республикаялда руго цадахърекъон тIуразаризе кколел гIемер масъалаби.
Гьел масъалаби тIуразарун бажарула, кIвар бугел аслиял принципалги цIунун хIалтIани: щивав чиясулги, щибаб этносалъулги, жамагIаталъулги, тIолабго жамгIияталъулги пикрабиги хIисабалде росун, власталъул щибаб болъоялда гьезул интересал цереселлъун рикIкIани, ругел масъалаби тIуразариялъул мурадалда дагъистаниял цадахърекъон хIалтIани, гьелъие гIоло нилъер умумузул гIадатал кьочIое росани ва цоцазулгун гIакълу дандбаялъул хIалбихьиялдаса пайда босани. Гьел принципазул кIвар буго, масала, ЦIияблакги Казбекги районазул ишал тIуралеб мехалда – гьениб гIасрабаз вацлъи-гьудуллъиялда гIумру гьабулеб буго чачаназ-гIавухъазги, тумазги, магIарулазги, лъарагIазги. Депортациялда гъоркье ккарал халкъазул хIакъалъулъ къабул гьабураб хIукму гIумруялде бахъинабулаго, цониги халкъалъе зарал ккезе бегьуларо.
Нилъер гIадамаз гIураб заманалъ сабру гьабуна. Гьезул масъалаби тIуразаризе бихьизабун буго, улкаялъул бетIер Владимир Путиниил бихьизабиялда рекъон хIадурараб ва РФялъул хIукуматалъ тасдикъ гьабураб, «2025 соналде щвезегIан Дагъистаналъул социалиябгун экономикияб цебетIеялъул хIакъалъулъ» пачалихъияб программаялда. 2020 соналде щвезегIан гьел масъалаби тIуразаризе ракIалда букIана нижеда. Гьеб бажарула. Гьелъие гIоло къваригIун буго, арал соназул гъалатIаздасаги такъсираздасаги пайдаги босун, вацлъиялъул халкъазда гьоркьоб жахIдагун питна бекьулездасаги экстремистаздасаги киналго цIунизе.
Нилъехъа, дагъистаниязухъа, дандбанги тIубазабунги бажарулареб цониги масъала гьечIо. МаслихIаталдалъун иш гьабулаан нилъер умумузги – нилъедаги тIадаб буго гьедин гьабизе. ГIадамазе кьезе буго рецIалил гIарац. Гьебго жо абила Храх-Убаги Урьян-Убаги росабазул рахъалъги. Халкъияб Собраниялъ, дир гьариялда рекъон, хIукму гьабуна Мокъокъ росдал гIадамазе минаби разе гIарац кьеялъул хIакъалъулъ. Пайда щибха, улкаялъул нухмалъулесул буюрухъ тIубазабичIо жеги федералиял министерствабазги ведомствабазги. ГIадамалги къватIахъго тун, нахъе ине дир ракIалъеги къабуллъичIо. Гьезулги цогидалги бегIерал суалазул хIакъалъулъ дица бицине буго улкаялъул президент Владимир Путинида кватIичIого букIине бугеб нижер дандчIваялда.
Россиялъул президентас абухъего, власталда цебечIараб аслияб масъала буго, гIадамазул гIумру лъикIлъизаби, гьезул ихтияралги эркенлъиги цIуни. ЦебетIеялъул нух тIасабищун гурони, нилъее рес гьечIо Дагъистаналъул цогояб халкълъун лъугьине, гьанжезаманалъул захIматал суалазе жаваб кьун бажарулеллъун рукIине. Нилъеца цIунизе ккола нилъго, нилъер вацлъиялъулаб цолъи, цIунизе ккола Россия.
Ахиралдаги гьаризе бокьун буго дагъистаниязда: рукIа гIакъилаллъун, цIодораллъун. Дир ракIчIола, улкаялъул бетIерас ритIухъаб хIукму гьабизе букIиналда ва республикаялъул нухмалъулевлъун сахаватав инсан тезе вукIиналда. Президентасе бокьула Дагъистан, дагъистаниязеги вокьула президент. Жавабчилъи тIалъулез, батIи-батIияб даражаялъул хIакимзабаз хIисабалде босизе ккола Дагъистаналъул хаслъи, къимат гьабизе ккола дагъистаниязулги гьезул яхI-намусалъулги, гьезул хIукмуялъулги. Гьеб рахъалъ дир хIурмат гьабун буго, дие баркала кьун буго – гьединабго бербалагьи букIине ккола Дагъистаналдеги. Гьаниб гIумру гьабула къанагIатал гIадаталги, гIумруялъул хасаб бичIчIиги динги бугеб халкъалъ. Гьеб хIисабалде босизе ккела.
Дагъистан борчIана захIматаб хIалалдаса. Владимир Путинил квербакъиялдалъун Дагъистан цIилъулеб буго. Нилъер миллияв цевехъанасда сверухъ гъункизе ккола нилъ киналгоги – Дагъистаналъулги тIолалго дагъистаниязулги кIудияб ватIаналъул гражданазул парахатаб, хIинкъи гьечIеб, баракатаб ва мустахIикъаб букIинеселъе гIоло.
Дун унев вуго, щивав дагъистаниясе ва Дагъистан цебетIезабизе кумекалъе вахъарав щивав чиясе ракI-ракIалъ баркала кьолаго. ХIалтIи жеги гIемер буго, ва дун даим вукIина Дагъистанги Россияги хириял патриотазул кьеразулъ.

Адабгун ва баркалагун, нужер Рамазан ГIабдулатIипов