ВатIанцоязул форум: гIаммал масъалаби

Жиндиего чури гьабун бажаруларес чияе бахъухъ гьабиладай?

 

Нилъ рохизе ккола, къватIисел ул­кабаздаса журналистал гурелги, ватIанцоялги Дагъистаналде рачIун рукIиналдаса. Журналистаз бицина республикаялда ккарал лъикIал хиса-басиязул хIакъалъулъ. Умумузул ракьалда батараб гьоболлъигун хинлъиялъул хIакъалъулъ жеги лъикI бицина, рокъоре тIадруссараб мехалда, арал гIасрабаздаго къватIире ккарал дагъистаниязул наслабаз. Гьел руго дунялалдаго: Турциялда, Сириялда, ГIиракъалда, Иорданиялда, Азербайжаналда, Германиялда, Франциялда, ГIизраилалда, Украинаялда, Белоруссиялда, Эстониялда, Казахстаналда. Рехсарал улкабаздаса вакилзаби гIахьаллъана ВатIанцоязул форумалъул Дербенталда тIобитIараб данделъиялда.
Гьениб бицана гьудуллъи цIи­гьа­бизеги щулалъизабизеги кколин, ва­тIанцоязулгун бухьенал тIезе бегьула­рин, цадахъаб хIаракаталдалъун нилъер хирияб Дагъистан цебетIе­забизе къваригIун бугин – гьедин малъана нилъеда умумузги. Гьелде кIварбуссинабулеб букIана ДРялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасги. Щивав дагъистаниясул кIалдир лъезе бегьула гьесул рагIаби: «Жакъа нуж гьанире рачIиналдаса вохун вуго дун! Дагъистаналъул халкъазул цолъи ккола Россиялъул халкъазул цолъиялъул тIей гьечIеб бутIалъун. Нилъер ракьалда кверщел гьабизе гъирагун чанги тушман вачIун вукIана. Амма нилъер халкъалъ бахIарчиго цIунана гьеб ва рукIинесел наслабазе ирслъунги тана гьудуллъигун вацлъи, рахьдал мацIгун бечедаб маданиятги тарихги. КигIан захIматаб гIумру бихьаниги, дагъистаниял цоцалъ рагъичIо киданиги. Гьелдаса чIухIула нилъ. Ракълилаб гIумру бокьи загьир гьабула жакъасел дагъистаниязги: цолъана нилъ тушбабазде дандеги, цолъана ракълилаб гIумруялъе гIоло хIаракат гьабулагоги.
Къисматалъ ватIаналдаса рикIкIад ккезарурал дагъистаниял кидаго рукIуна дагъистанияллъун. Дида гьел дандчIвана Европаялдаги, Америкаялдаги, тIолабго дунялалдаги. Гьезул бадиб хутIун буго мугIрузул халкъалъул цIаги, цIунун буго гьез дагъистаниязул цIарги, рехун тун гьечIо гIагараб халкъалъул мацIги маданияб нахърателги», — ян абуна ДРялъул бетIерас.
Республикаялде щварал гьалбадерил кIалъаяздаса баянлъана, цогояб тарих гуребги, нилъер руго жакъа къоялъе хасиятал гIаммал масъалабиги. Масала, нилъеца гIемер бицуна рахьдал мацI цIунизе кколин ва гьелъие хIажалъулин пачалихъияб кумекги хIаракатги. Гьел масъалабазул хIкъалъулъ бицунаго, Рамазан ГIабдулатIиповас абуна, гIурус ва рахьдал мацIал малъиялъул иш камил гьабиялъул мурадалда, кватIичIого республикаялда тIоритIизе ругин мацIазул форумал ва рахьдал мацIал церетIезариялъе шартIал гIуцIиялда тIад хIалтIизе ругин.
Казахстаналда гIумру гьабулел дагъистаниязул маданияб централъул председатель Юсуп Шахшаевас бицана, гIагараб халкъалъулгун бухьен тIунгутIиялъул мурадалда, гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ. «Нижеца рагьун буго «Дагъистан» абураб гьатIанкъоялъул школа. Гьениб 2003 соналдаса нахъе нижер лъималазда малъула Дагъистаналъул тарих, маданият, гIадатал ва гьезие кьола лезги ва лак мацIазул дарсалги. Гьарула нижее тIахьаздалъун кумек гьабе», — ян абуна гьес.
Турциялъул Ялова шагьаралъул Кавказалъул культурияб централъул бетIер Мегьмет Айдемирил умумул Турциялде гочун руго 1810 соналда. «1969 соналдаса нахъе хIалтIулеб буго Кавказалъул халкъазул культурияб центр. Централъул хIалтIулъ гIахьаллъулев вуго Ялова шагьаралъул щуазаргоялдаса цIикIкIун дагъистанияв. Гьениб рагьанаМахIачхъалаялъул цIар кьураб паркги, лъуна Шамил имамасулги Расул ХIамзатовасулги бюсталги. 14 соналъ тIатIала тIобитIула Кавказалъул маданияталъулги кьурдабазулги фестиваль», — ан бицана гьес.
Дагъистаниязулго гIадин, хъачагъаз рахIатхвезабулеб буго къватIисел улкабазда ругел ватIанцоязулги. Гьелъул хIакъалъулъ форумалда бицана ГIиракъ Республикаялъул культурияб централъул бетIер ГIали МухIаммад ХIусен ГIали ал-Дагъистаница: «ГIиракъалда буго дагъистаниязул 800 хъизан. Вуго гьенив Дагъистани абураб фамилия бугев 2000 кавказалъулавги. Дир эмен къадаралде щвана Гъуниве щвезе букIараб анищгун. Дие рес щвана умумузул ракьалда хIетIе чIезе ва, хьулги буго, гьенире дир лъималги лъималазул лъималги щвезе рукIиналде. ГIиракъалда ругел дагъистаниязда гьоркьор руго тохтурзабиги, юристалги, бизнесменалги. ГIиракъалъул аскар гIуцIиялъеги кьучI лъуна дагъистанияз. Гьелъул мурадалда гIуцIизе ккана дагъистаниязул жамгIият. Гьелда гьоркьор руго чергесалги чачаналги. 2005 ва 2008 соназда гьарурал терактазул хIасилалда, тIубанго биххизабуна дагъистаниязул кIиго росу».
ВатIанцоязул масъалаби тIура­за­ризе бажарараб кумек гьабулеб буго ДРялъул Миллияб политикаялъул министерствоялъ. Гьединаб хIаракаталъул хIакъалъулъ бицунаго, министр Татьяна Гамалейица рехсана гьадинал баянал: «Дунялалъул 40 улкаялда гIумру гьабулев вуго лъабго миллионгIанасев дагъистанияс. Бищун гIемер гьел руго Турциялда. 240 азарго магIарулалги лезгиялги руго Азербайжаналда. Дагъистаналдаги гIумру гьабула 140 азарго азарбайжанас. МагIарулазги лезгиязги гIумру гьабулел Азербайжаналъул росабазул школазда малъула магIарул ва лезги мацIал. ГIурус, лезги ва азербайжан мацIазда рахъулел руго «Самур» газетаги «Алам» журналги. Кусары шагьаралда руго Лезгиязул пачалихъияб драмаялъул театрги, «Шахдаг» абураб ансамбльги, Бакуялда – «Сувар» кьурдулгун кочIол ансамбльги, МагIарул кьурдул гIолилазул ансамбльги. Амма цо-цо улкабазда дагъистаниязе рес кьоларо школазда рахьдал мацIал малъизе. ЦIакъ квешаб хIал буго, масала, Сириялдаги Иорданиялдаги ругел дагъистаниязул: 1-2 проценталда гурони рахьдал мацI лъаларо Сириялъул дагъистаниязда, ва Иорданиялда гьеб тIубанго тIагIун буго».
Советияб заманалдаса нахъего школазда малъулел ругел рахьдал мацIазул масъалаби тIуразаризе кIолеб гьечIо Дагъистаналда. Кинаб кумекдай букIина улка тун арал ватIанцоязе гьеб рахъалъ? Жиндиего чури гьабун бажаруларес чияе бахъухъ гьабиладай?
МадихIат ХIажиева