Сугъралъ тIобитIана къец

Абакар Якъубов ракIалдещвезавуна

 

Дагьал церегIан къоязда Сугъралъ росулъ фикультураялъул учитель, гIолилазул насихIатчи Абакар Якъубов ракIалдещвезавиялъул хIурматалда тIадагьаб атлетикаялъул рахъалъ къецал тIоритIана. Гьелда гIахьаллъана Гъуниб районалъул микьго росулъа 100-ялдаса цIикIкIун чи. Къецал тIоритIана гьитIинаб ва гIолохъанаб гIелалъул руччабазда ва бихьиназда гьоркьор. ЛъикIал хIасилал рихьизаруна Сугъралъ, БацIада, ХIутни росабалъа спортсменаз. Гьенир лъикIал хIасилал рихьизарурал спортсменал данде ракIарун гIуцIизе буго районалъулго команда. 7-8 октябралда МахIачхъалаялда тIобитIизесеб Дагъистаналъул бетIерасул Кубокалъе гIоло къецазда гIахьаллъизе руго районалъул къецазда бергьарал спортсменал.

ТоргIо хIалезе шапакъатал
ШихсагIидов ракIалдещвезавиялъул турнир

МахIачхъалаялда «Политех» стадионалда ШихсагIид ШихсагIидов ракIалдещвезавиялъул хIур­ма­тал­да тIобитIараб футболалъул тIолгороссиялъулаб турниралда бергьана «Дагъистанияв-07 РДЮСШ» команда. Къецалъулъ гIахьаллъана МахIачхъала, Каспийск, Дербент, Хасавюрт, Гъизилюрт, Буйнакск, Волгоград, Нальчик, Грозный шагьараздаса 16 команда. Турниралъул ахиралда «Дагъистанияв-07 РДЮСШ» командаялъ къезабуна «Академия Анжи-07» 3:0 хIасилгун. Лъабабилеб бакI ккуна Нальчикалдаса футболалъулаб командаялъ. Бергьаразе шапакъатал ва кубок кьуна. Гьединго шапакъатал кьуна командабазда гьоркьоб бищунго лъикI хIалел: Иляс АхIмадовасе, Казбек Мукаиловасе, («Дагъистанияв-07 РДЮСШ»), ГIабдула ГIашуровасе, Саид-МухIамад ШихсагIидовасе («Академия Анжи-07») ва цогидазеги.
Бергьаразе шапакъатал кьуна ШихсагIид ШихсагIидовасул вас Мурадица, олимпиялъул чемпион Загъалав ГIабдулбеговас, шагьаралъул спорткомитеталъул председатель Марат Ибрагьимовас, СССРалъул футболалъул рахъалъ спотралъул мастер Александр Маркаровас.

ЛъикIал хIасилал рихьизаруна

21-25 сентябралда МахIачхъалаялда тIоритIана Совет Союзалъул кIи­цIул бахIарчи Амет-Хан Султан ракIалдещвезавиялъе парашюталдаса кIанцIиялъул къецал. Гьединго къецал сайгъат гьарун рукIана тахшагьаралъул байрамалъеги. Гьенив гIахьаллъана Чачаналдаса, Ингушетиялдаса, Кабардино-Балкариялдаса, Дагъистаналдаса, Москваялдаса ва Россиялъул цогидалги регионаздаса, Белоруссиялдаса кIикъого спортсмен.

Дагъистаниясул бергьенлъи

Дагьал церегIан къоязда, Новосибирскалда, Александр Нестеренкол хIурматалда тIобитIараб бихьиназда гьоркьосеб грек-рим гугариялъул турниралда дагъистанияв Азамат АхIмадовас тIоцебесеб бакI ккуна. Гьеб турниралда гIахьаллъана Россиялъул 19 регионалдаса, Казахстаналдаса ва Гъиргъизиялдаса гугарухъабиги. Къец букIана 59, 66, 71, 75, 80, 85, 98 ва 130 кг цIайиязда гугарулел спортсменазда гьоркьоб. Дагъистаналдаса Азамат АхIмадов бергьана 66 кг цIайиялда гугарун.