Миллияб политикаялъул масъалаби церелъуна

Болъихъ

Министерствоялъ квербакъила

 

 

Болъихъ росулъ тIобитIана республикаялъулаб данделъи. Гьениб бицана «2025 соналде щвезегIан РФялъул миллияб политикаялъул пачалихъияб стратегия гIумруялде бахъинабиялъулги Дагъистаналда гражданияб жамгIият гIуцIиялъулгун гьеб цебетIезабиялъулги хIакъалъулъ.

Семинаралда гIахьаллъана ДРялъул миллияб политикаялъул министр Татьяна Гамалейги, терроралдаса цIуниялъул рахъалъ ДРялъул бетIерасул кумекчи Сайпудин Сайповги, МугIрузул территориалияб округалъул администрациялъулги, рехсараб округалде гьоркьоре унел районазул администрациязулги жамгIиял гIуцIабазулги вакилзаби.

«Нижее бокьун буго, районазда хIалтIи кин гIуцIун бугебали лъазе: жамгIиял гIуцIабазулги, бакIалъул нухмалъиялъулги кинал бухьенал ругел, терроралъулгун экстремизмалъул идеолдогиялде дандечIеялъул мурадалда кинал тадбирал гIуцIун ругел, миллатазул гьудуллъиги, батIи-батIиял диназул вакилзабазде хIалимаб бербалагьиги, ватIаналде рокьи куцайги кинаб даражаялда бугеб. КIвар цIикIкIараб иш ккола муниципалитетазул жамгIиял гIуцIабазе информациялъулги, гIакълу кьеялъулги, административиябги ва гIарцулабги кумек гьабиги. Коммерческиял гурел гIуцIабазе (НКО) кумек гьабизе буго министерствоялъги. Пачалихъиял программаби гIумруялде рахъинарулаго, ДРялъул НКОязда гьоркьор санайилго къецал тIоритIула министерствоялъ», — ан бицана Татьяна Гамалейца.

Сайпудин Сайповас кIварбуссинабуна чIварал хъачагъазул хъизамалгун гьабизе кколеб хIалтIуде.

Семинаралда бицана жамгIиял палатабазулги, руччабазул советазулги, гIолилазулги жамгIиялги гIуцIабазулги хIаракатчилъи камил гьабиялъул хIакъалъулъги. Рехсарал гIуцIабазул аслияб мурадлъун букIине ккола республикаялда жамгIиябгун политикияб парахалъиги миллатазда гьоркьосеб рекъелги цIуниян абуна данделъиялда.

 «ГIахьвахъ» муниципалияб районалъул администрациялъул ишазул управлениялъул нухмалъулей Раисат ГIабдулбасировалъ бицана ГIахьвахъ районалъул ЖамгIияб палатаялъул жигарчилъиялъул хIакъалъулъ. Гьелъ аслияб кIварбуссинабуна гIолилазе тарбия кьеялде. «РухIияб тарбия кьеялъул чIванкъотIараб стратегия бугони, гIолилазул пикру битIараб нухде ккезабизе бигьалъула. Гьединлъидал районалъул Руччабазул советалъ аслияб масъалалъун рикIкIуна моралияб рахъалде кIваркьей», — ян абуна гьелъ.

ЛъаратIа

МустахIикъазе – сайгъатал

Районалъул депутатазул данделъи тIобитIана

Данделъиялда бицана 2017 соналъул тIоцебесеб бащалъиялда муниципалитеталъул бюджет тIубазабиялъулги лъайкьеялъул идараби цIияб цIалул соналде хIадуриялъулги хIакъалъулъ.

ЛъаратIа районалъул администрациялъул финотделалъул нухмалъулев КъурамухIамад ГIалиевас бицана, рехсараб болжалалда гIаммаб бюджеталде бачIине кколеб букIараб хайиралъул 98,4 процент бакIаранин.  Росабазул бегавулзабаз ракьулги мулкалъулги налогал ракIариялъе жигар бахъизе кколин абуна районалъул бетIер Ражаб Ражабовас.

Лъайкьеялъул управлениялъул нухмалъулев Сулейман Мажидовас бицана школалгун лъималазул ахал къачIаялъулги, сахлъигун хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул мурадалда гьабураб хIалтIулги хIакъалъулъ. «Лъайкьеялъул идарабазул 90 процент хIадурго руго цIияб цIалул соналде», – ян абуна гьес.

ХIалтIул лъикIал хIасилал ккарал учительзабазегун директорзабазе сайгъаталгун шапакъатал кьезеги тохлъи биччаразул рахъалъ хIалтIи гIуцIизеги кколин абуна районалъул бетIерас.

Депутат магIарухъе щвана

Социалиял объектал разе кумек гьабизе буго

ЦIунтIа районалде сапаралъ ун вукIана РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат ГIабдулмажид МахIарамов. Гьев дандчIвана районалъул активгун ва гьезул суалазе жавабалги кьуна.

ЦIунтIа районалъул бетIер Пахрудин МухIамадинов депутатгун цадахъ щвана цIибараб МФЦялъул минаялдеги. Гьелдаса хадуб ГIабдулмажидица бицана жиндирго хIалтIул хIакъалъулъ. Гьев ккола Пачалихъияб Думаялъул сахлъицIуниялъулгун социалияб политикаялъул комитеталъул членлъун.

Гьинухъ росдал минабиги рухIун хутIарал хъизамазе кумек гьабеян гьарана депутатасда. 2014 соналдаго минабаздаса махIрумлъарал гьинухъдерие рецIалил гIарац кьун бахъун гьечIо. Гьеб ишалъе квербакъизе рагIиги кьун, МахIарамовас бицана, Мокъокъ росдал гьединабго масъала тIубазабиялъул мурадалда гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ.

Районалда гIисинал ГЭСал разеги, нухал къачIазеги, басралъарал токалъул хIубал хисиялъеги кумек хIажат бугин бицана ДРялъул журналистазул союзалъул член ГIиса ГIабдулаевас. КитIури росдал гьоркьохъеб школалъул директор ГIабдухаликъ ГIабдухаликъовас бицана Шагьикь росдал сельсоветалда гьоркьоре унел росабалъ футболалъул майданал разе къваригIун бугин. гутIалъ росдал школалъул директор ГIашура Мух/амадовалъ борхана школалъул басралъараб минаялъул бакIалда цIияб баялъул масъала. «Гьелъул бакIалда ЦIунтIа росулъ цIияб тайпадул школа базеги бегьила», — ян абуна гьелъ. ЦIунтIа районалъул бетIерасул заместитель Варис МухIамадовас ракIалдещвезаруна федералияб программаялда рекъон разе байбихьарал объектал – ЦРБялъул поликлиникаги, Кидеро росулъ культуриябгун спортивияб центрги.

Рехсарал ва цогидал масъалаби тIуразаризе кумек гьабизе рагIи кьуна ГIабдулмажид МахIарамовас.

Муса Азаев