Парахатаб гIумруялъул гьуинлъи

Дагъистаналда рагьана терроралде данде къеркьолеб цогояб фронт

 

Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна ДРялъул бетIер Рамазан ГIабду­латIиповас лъабабилеб сентябралда Гьудуллъиялъул рокъоб тIо­битIараб данделъиялда.

«Нилъее парахалъиги баракатги бокьун батани, жагьиллъиялдаса эркенлъизе ккола нилъ. Жагьиллъиялъул хIасил ккола терроризм. Нилъее гьелъ бачIана гIемераб балагь. Жа­къасеб форум тIобитIиялъул аслияб мурад буго, Дагъистаналда терроралде данде къеркьолеб цогояб фронт гIуцIулеблъи киназдаго цоги нухалда лъазаби», — ян абуна Рамазан ГIабдулатIиповас.
РакIалдещвезаруна гьеб балъгояб рагъда хварал дагъистаниялги. Гьелдаса хадубги ДРялъул бетIерас бицана терроризмалъул квешлъиялъул хIакъалъулъ. «Террористазул квераздаса Дагъистаналда хвана 1100 чи, лъукъана кIиазаргогIанасев», — ан абуна гьес. РакIалдещвезаруна 1999 соналъул лъугьа-бахъиналги: такъсирчагIаздаса гIагараб ракь цIуниялда цадахъго Россиялъул суверенитетги цIунараблъи загьир гьабуна.
Терроралде данде къеркьея­лъул комиссиялъ гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ бицана ДРялъул вице-премьер Рамазан Жапаровас. Гьес тIадчIей гьабуна республикаялъул комиссиялъулги, улкаялъул НАК­алъулги, Дагъистаналъул низам цIунулел идарабазулги цокIалаб хIалтIи гIуцIиялъулъ кIудияб бутIа лъунин ДРялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасги. «Гьесул бихьизабиялда рекъон, щибаб муниципалитеталда гIуцIун руго терроралде данде къеркьолел комиссиял, гьебго ишалде кIваркьолеб буго ДРялъул Лъайкьеялъулги гIелмуялъулги, ГIолилазул ишазулги, Культураялъулги министерствабаз. Печата­лъулги информациялъулги министерствоялда гIуцIун буго хасаб къокъа. ХIалтIулеб буго ДРялъул бетIерасда цебе гIуцIараб рекъел гьабиялъул комиссияги», — ян бицана Рамазан Жапаровас».
Республикаялъул прокурор Рамазан Шагьнавазовас тIадчIей гьабуна терроралде данде къеркьеялъул рахъалъ идараялъ гьабураб хIалтIул пайдаял хIасилазда. «Прокуратураялъул гIахьаллъигун, заманалда кьуна, муниципалитетазул программабазда рекъон, терроризмалдегун экстремизмалде данде гьабулеб къеркьеялъе хIажатаб гIарац. Халкъияб собраниялде кьуна ва къабул гьабуна цо чанго закон. Гьезда гьоркьор руго экстремизмалде руссунгутIиялъул мурадалда гьаризе кколел тадбиразулги, халкъиял дружинаби гIуцIиялъулги, миллатазул бухьеназулги хIакъалъулъ законал», — ан бицана прокурорас.
Дагъистаналъул бетIерас абуна, хасаб кIваркьезе кколин гIемерав чи данделъулел бакIал цIуниялде. «Гьелъие жигар бахъуларел нухмалъулел хIалтIудаса рахъиялъулги, гьединал идараби къаялъулгицин пикру гьабизе ккола. Вокзалазда, автостанциязда, аэропорталде унел нухазда гьеб рахъалъ хIалтIи камил гьабизе ккола. Жавабчилъи гьечIеб, тасамахIаб бербалагьи батулеб буго. Гьеб биччан тезе бегьуларо», — ян бицана гьес.
Цо улкаялда яги пуланаб цо бакIалда терроризм къинабун бажаруларин абуна Росгвардиялъул ДРялда бугеб федералияб хъулухъалъул управлениялъул нухмалъулев МухIамад БагIачиловас. «Гьелде данде рагъбазе ккола киналго цадахъ лъугьун ва киса-кибго. Гьелъул мисаллъун ккола Россиялъул аскарияз Сириялда гьабулеб къеркьей. Сириялъул халкъгун ва армиягун цадахърекъон, нилъер аскарияз терроралдаса эркен гьабулеб буго улка ва кьаби щвезабулеб буго Россиялда гьукъараб террористазул гIуцIиялда», — ян бицана МухIамадица.
Гьес абухъе, кIвар кьезе ккола Сириялъул рагъдаса руссарал дагъистанияздеги. «Гьез хIаракат гьабизе буго нилъер парахатаб гIумруялъе ахир лъезе. Щибаб рукъалде, хъизамалде балагь бачине бегьула гьез. ГIадамазулъ хIинкъул унти ккезабизеги рес буго. Гьелде дандечIеялъеги хIадурго рукIине ккола нилъ. Низам цIунулел идарабазе кумекалъе рахъине ккола росабазул жамагIаталги, республикаялъул жавабиял министерствабигун ведомствабиги. Аслияб ишлъун гьаниб букIине ккола гIолилазе бичIчIикьеялъул хIалтIи гIуцIи», — ян бицана БагIачиловас.
ЦIалдохъабаздаги студентаздаги гьоркьоб гьабизе бегьулеб хIалтIул бутIалъун республикаялъул бетIерас рехсана цIалдохъабазул бригадабиги гIуцIун, ахал чIеялъулъги, парникал гьариялъулъги, цогидал ишазулъги гьел гIахьал гьари. Школазул хIалбихьиялъул участок батичIони, гьелъие ракь балагьизе ккелинги абуна.
«2012 соналда Россиялда гьабуна терроралда хурхараб 670 такъсир. Гьезда гьоркьоса 297 ккана Дагъистаналда. ЧIвана низам цIунулел идарабазул 80 хIалтIухъан. Ахираб микьго моцIалда жаниб хвана лъабгояв. Ункъо соналъ цебеги властьги такъсирчагIиги рекъон хIалтIулаан. Гьеб хIал хисизабизе бажарана нилъехъа. Аслияб бергьенлъилъун дица рикIкIуна, терроралъул нух нилъераб кколарин абураб пикру халкъалъул рекIелъ щулалъизабизе бажари. Дагъистаналда террорист рикIкIунаро багьадурлъун», — ан бицана республикаялъул бетIерас.
Данделъиялъул ахиралда Рамазан ГIабдулатIиповас абуна, щибаб муниципалитеталдаги, идарабазда­ги, гIуцIабаздаги тIоритIизе кколин терроралде данде къеркьеялъул хIакъалъулъ темаялда дандеруссинал. Гьеб ишалъулъ диниял вакилзаби гIахьал гьареянги лъазабуна гьес.
«Нилъеда бихьана терроралъул балагь. Лъана нилъеда кьвагьа-гIанхъи гьечIеб гIумруялъул гьуинлъиги. Парахалъи цIунизе жигар бахъизе ккола щивас. Гьединлъидал, республикаялда гIуцIулеб буго терроралде данде къеркьеялъул цогояб фронт», — ан абуна Рамазан ГIабдулатIиповас.
ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги
пресс-хъулухъ