ГIолилазе бокьулеб гьечIо гIелму

Исана 60 сон тIубалеб буго РАНалъул ДНЦялъул физикаялъул институт рагьаралдаса

 

— ГIелмуялъул кинаб рахъ тIасабищараб дуца?
— ГьабсагIаталда дун вуго гIодо­регIанасел температурабазул цIех-рехал гьарулеб лабораториялъул нухмалъулев. Нижеца халгьабула — 269° температураялдаса бахъараб рукъалъул температураялде щвезегIан батIи-батIиял жалазул хасият кин хисулебали.
— Сундуе хIажалъулел гьединал цIех-рехал?
— Нилъеда сверухъ бугебщинаб жоялъул температура хисараб мехалда загьирлъула батIи-батIияб гIамал. Чанги хасият букIуна гьезул, цIорозабураб мехалда, цо-цо хасият гьоркьоса бахъула, ай гьечIеблъун лъугьуна. Жегиги цIорозабула – цоги хасият тIагIуна. Гьедин, дагь-дагьккун цIорозабулаго, ниж щола гьитIинаб хутIелалде, ай нижеда лъала, кинаб температураялде щвараб мехалда пуланаб предмет биххун унареблъи, гьеб цIунун хутIулеблъи.
Гьединаб цIех-рехалъул кьучIалда тIабигIиял предметазул хасият бугел синтетикиял предметал гьаризе рес кьолел баянал щола. Масала, киназго рокъоб хIалтIизабула иту. Гьеб гьабула маххги, пластикаги, токалъул кваралги ва цогидалги материалаздаса. Гьезул халги гьабун, хIадуризе бегьула гьединалго синтетикиял материалал. Гьел рукIине руго тIабигIатазда дандчIвалездаса гIемерго щулиял. Гьединлъидал, итуги букIине буго щулияб, токалъул цIикIкIараб къуват хIехьон бажарулебги, кодобе босизе тIадагьабги, ретIел чIурхIизабуларебги. Гьединаблъун иту лъугьуна, гьеб гьабулел материалазул бищунго щулиял свойствабиги хIалтIизарун гьабураб букIиналъ. Гьел свойстваби лъазаризе ккани, щибаб материал цIорозабизе ккола ва бищун гIодобегIанасеб температура кин хIехьолебали халгьабизе ккола.
— ГIодорегIанасел температурабазул физика щай къваригIунеб гIадатияв инсанасе? Кинаб бугеб гьелъул пайда?
— ГIадатияв чиясе гьеб физика, гьайгьай, хIажат гьечIо. Гьеб къваригIуна технологазе – батIи-батIияб къайи гьабулел къагIидаби хIадурулел махщелчагIазе. Гьанже киназго хIалтIизарула пластик, маххул алатал, техника. Гьеб кинабго гьабула гьанжезаманалъул технологияги хIалтIизабун. Гьел технологиязе хIажалъула гIелмиял цIех-рехал.
Масала, тIорщел бакIаризе хIал­тIизабула комбайн. Гьелъул букIине бегьула цIикIкIараб хIал щолеб алат. ХIалщолеб букIиналъ, гьеб хехго хола. Кинха гьеб гьабилеб цIикIкIараб заманалда хIалтIизабизе бегьулеблъун? Кумекалъе батула гIелмияб цIех-рех. Лабораториялда лъазабула гьелъул кинаб гIамал хутIулебали цIех-рехалъул ахиралде щвезегIан. Гьеб гIамалалъул кьучIалда гьабула синтетикияб материал ва гьелъул хIадурула доб комбайналъе хIажатаб алатги.
— Предмет цIорозабун гурони, гьелъул гIамал лъазабизе рес кьолеб батIияб къагIида букIунарищ?
— Буго цоги къагIида: магнитазул къуваталъул поле хIалтIизаби. МакъратIисалъ киналго частицаби цо ккураб низамалда хьвадизарула. Гьеб къагIидаги хIалтIизабун, ургъун буго цIияб тайпаялъул холодильник. Нижер лабораториялда ургъана магниталъул къуватаб поле хIалтIизабулеб холодильник гьабулел материалазул хасияталъул цIех-рех гьабулеб къагIида. ГьабсагIаталда холодильниказда цIорой чIезабизе хIалтIизабула фреон – газ. Гьоркьоб заман индал, фреон хIухьладеги сверун, гьаваялда тIибитIула. Гьелъ зарал гьабула тIабигIаталъе: озоналъул хъал тIеренлъизабула ва хадубккун багьизабула гьелъ. Озоналъ нилъер дунял цIунула бакъул ультрафиолетазул чIоразул заралалдаса. Фреон гьечIеб холодильник тIадагьаб букIуна (гьелда жаниб букIине гьечIо компрессор), гьеб инсанасе заралияблъунги лъугьунаро, токги дагь хIалтIизабула гьелъ. Дунялалдаго хIалтIизабулеб токалъул хIисаб гьабуни, гьелъул 15 процентниги уна гьава яги кванил нигIматал цIорозариялде. Фреон гьечIого хIал­тIулеб холодильникги кондиционерги бугони, кигIан гIемер токха тIокIлъизе бугеб! Гьеб холодильник камил гьабиялда тIадги хIалтIулеб буго нижер лаборатория гьабсагIаталда.
— Чан хIалтIухъан вугев лабораториялда? ГIолохъанал гIалимзаби ругищ?
— 15 гIалимчи вуго нижер. Руго гIолохъаналги, 75-80 сон баралги.
— Улкаялдаго ахIи балеб буго, гIолилаз тIасарищулел гьечIин тIабигIиял гIелмаби абун. Аспирантура бугищ институталъул?
— Аспирантура буго, амма гIолилал рачIунел гьечIо цIализе. Нижер институталда хIалтIулев вуго Россиялдаго бищун гIолохъанав физикаялъул гIелмабазул доктор Заур ГIалисултанов. Гьев гIадинав, гIелмуялъе тIолабго гIумру кьезеги хIадурав, гъуршазул пикруги гьабуларев гIолохъанчи къанагIат гурони вачIунаро институталда хIалтIизе. РачIаразулги гьечIо камилаб лъай. Гьединабго хIал буго тIолабго улкаялда. Школазда хашаб лъай кьола, вузалдаги гьеб камил гьабуларо.
— Кин кIодо гьабизе ракIалда бугеб институталъул 60-сонилаб байрам?
— Нижеца щибаб кIиго соналдасан тIобитIула гIелмияб конференция. Гьел гIуцIизе байбихьана 1980-абилел соназдаго. ЗахIматаллъун рукIана 1990-абилел сонал ва конференциял тIоритIулел рукIинчIо. 2000-абилел соназда физикаялъул институталъул директорлъун вукIарав РАНалъул член-корреспондент Ибрагьимхан Камиловас цIигьаруна конференциял ва гьелдаса нахъе гьел тIоритIулелги руго. Гьелда гIахьаллъула къватIисел улкабаздасаги гIалимзаби. Исана гIелмияб дандеруссин тIобитIизе буго институталъул 60-сонилаб байрамалъулги институталъе кьучI лъурав ХIабибула ГIамирхановасул 110 сон тIубаялъулги хIурматалда. Россиялъул гIелмиял центраздасаги къватIисел улкабаздасаги Дагъистаналде вачIине вуго 90 гIалимчи.
— Дунялалъул яги Россиялъул гIалимзабазда гьоркьоб Дагъистаналъул институталъул къадру борхиялъе квербакъарал, гIумруялда хIажалъулел, пайдаял хIасилал ругищ нужеца гьарурал цIех-рехазул?
— ХIабибула ГIамирхановасул цIи­рагьиялдаса пайда босула, масала, дунялалъулго гIалимзабаз. Гьес рагьана гIасрабаз ракьулъ рукIарал рукьбузулъ, хьоназулъ ва цогидал материалазулъ цIунун хутIарал радиоактивиял элементазул кьучIалда, ай радионуклеидазул анализалдалъун, гьезул ригь чIезабулеб къагIида. Археологаз жакъаги пайда босула гьеб къагIидаялдаса. Гьеб къагIидаялъул аслулъун ккола, радиоактивиял элементал щущалел (риххулел) рукIин чIванкъотIараб законалда рекъон. Пуланаб предмет, яги хIайваналъул балкан гIуцIун букIараб материялда гъорлъ ругел атомазул хиси лъугьунаро, щиб гьелъие лъугьун батаниги. Гьеб пикруялъул автор вуго ГIамирханов.
ТIоцебе нижер лабораториялъ загьир гьабураб пикру ккола гIелмиял цIех-рехал тIабигIиял шартIазда рекъон гьаризе кколеблъи. Цебеккун гьел гьарулаан теориялде мугъги чIван, ай цIех-рехалъе санагIатал шартIалги гIуцIун. Гьелъ гIелму хIакъикъияб гIумруялдаса рикIкIалъизабулаан. Теориялде рекъонкколел шартIал тIабигIаталда кидаго гурелъулха дандчIвалел. Синтетикиял материалазде кинаб тIадецуй букIине бугеб, масала, гьава-бакъалъул, лъазабизе захIмалъула, гьеб хIадурун бугони цебеккунго рекъезабураб сверухълъиялда. Гьеб методика къабул гьабуна цогидал улкабазул гIалимзабазги. Гьединал цIех-рехазде санагIатал шартIал нижер рукIинги гьелъие бажари бугел гIелмияб база бугеблъиги хIисабалде босун, нижехъе ритIун рачIуна материалал Германиялдаса, Америкаялдаса, Ираналдаса, Индиялдаса ва цогидал улкабаздаса гIалимзабаз. Сентябралда нижер хIалтIухъан ине вуго Кореялде хIалтIизе.
— Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас лъазабун букIана, гIелмиял центразулги вузазулги гIалимзабаз цIалдохъабазе дарсал кьезе кколин, лъайкьеялъул идарабазулгун бухьенал гьаризе кколин. Гьеб рахъалъ хIалтIулеб бугищ институт?
— Студентазе дарсал кьола нижер хIалтIухъабаз, амма школазулгун гIемер бухьен гьечIо. Исана тIобитIана «Рагьарал нуцIби» абураб тадбир. Нижехъе рачIана ДГУялъулги, ДГПУялъулги, ДГПТУялъулги студенталги школазул цIалдохъабиги. Гьезда рихьизаруна институталъул лабораториялги, гьениб лъураб оборудованиеги, тIобитIана семинарги. Студентал рукIана сундулго интерес гьечIел, цIалдохъабаз нижее гIемер суалал кьуна. Росабазул школазде унаро нижер гIалимзаби. Физикаялъулгун техникаялъул лицейгун лъикIаб бухьен букIана, гьелъул директорлъун Иноземцев хIалтIулеб мехалда. Гьанже гьебги чучлъун буго. Цо-цо цIалдохъаби рачIуна нижехъе, республикаялъул гIелмиял къецазулъ гIахьаллъулеб мехалда. Амма гьебги къанагIатаб иш буго.
— Институталъе гIелмиял цIех-рехал гьаризе гIарац лъица кьолеб?
— Институталъе, лабораториялъе кьола гIицIго харжазеги коммуналиял хъулухъазухъги кьезе гIолеб гIарац. Нижеца цIех-рехал гьарулел руго ФАНОялъул (ГIелмиял жамгIиятазул федералияб агентство) къецазда нижее щварал грантазухъ. Грантазухъ босана лабораториялда лъураб гIемерисеб къайиги. Амма квалквалал камуларо щварал грантазул гIарац нижее рехиялъул рахъалъги. Масала, РФФИялъги (Россиялъул фундаменталиял цIех-рехазул фонд) Дагъистаналъул хIукуматалъги тIобитIараб конкурсалда щвараб гIарац нижее кьезе кколаан 2014 соналдаго, амма гьеб жеги щвечIо.
Гара-чIвари гьабуна
Кавсарат Сулеймановалъ.

АхIмад ГIалиев гьавуна Гъуниб районалъул НакIкIазухъ росулъ. ЦIалана ДГУялда, физикаялъул факультеталда. Ункъабилеб курсалда цIалулаго, хIалтIизе байбихьана ДНЦялъул физикаялъул институталда.