Учительзабазулгун накъит

22 августалда МахIачхъалаялда тIобитIана лъайкьеялъул хIалтIухъабазул республикаялъулаб совещание2016 соналъ гьабураб хIалтIул хIасилазул ва 2017 соналда церечIарал масъалабазул бицараб республикаялъул учительзабазул августалъулаб совещание тIобитIана МахIачхъалаялда, Гьудуллъиялъул минаялда. Гьеб нухда бачана ДРялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас.

 

Данделъаразе саламги кьун, гьадин абуна Дагъистаналъул бетIерас: «2013 соналда тIобитIараб гьадинабго данделъиялда лъайкьеялдагун гIелмуялда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалъул бицун дун хъачIго кIалъай цо-цоязе рекIее гIечIо. Щайгурелъул гьел доб заманалда букIараб гIала-гъважаялъул хьагинир гьалулел рукIун ва жидерго гъалатIал ричIчIун. Долдаса нахъе чанго сон сверана ва гьанже хIалтIи рукIалиде бачIинабизе кIвана. ТIоцебесеб иргаялда, школал гIадлу-низамалде рачана, гьениб хIалтIи гIуцIун бажарана, цогоял пачалихъиял экзаменал кьолеб къагIида кьучIдасанго хисизабуна. Гьанже хIажат буго лъаялъул даража борхизабизе. Рехсараб масъала гIумруялде ба­хъинабизе ккани, гьеб рахъалъ хIалтIулел республикаялъул хIукуматалъул вакилзабаздаса байбихьун, лъайкьеялъул управлениязул нухмалъулезде, школазул директорзабазде щвезегIан рукIине ккола махщел камилал гIадамал. Гьединайлъун ккола Россиялъул лъайкьеялъул министрасул заместительлъун хIалтIулей йикIарай ва гьабсагIаталда Дагъистаналъул хIукуматалъул председателасул заместителлъун йигей Екатерина Толстикова. Дагъистан кидаго чIухIулаан захIмат бокьулел, къохIехьолел бихьиназдаса. Амма Толстиковалъ гьабулеб хIал­тIуда хадув гъолев ва гьелъул низамалда рекъон хIалтIун бажарулев чи къанагIат гурони гьечIо хIу­ку­маталда».
Рамазан ГIабдулатIиповас бицана 2013-2020 соназда гIумруялде бахъинабизе кколеб «ЦебетIураб лъайкьей» абураб пачалихъияб программаялъул ва РФялъул президентасул «маялъулал указазул» хIакъалъулъ. РакIалдещвезабуна Россиялъул Лъай­кьеялъул министерствоялъ гIум­руялде бахъинабулеб бугеб лъималазул рахъкквеялъул миллияб стратегиялъул хIа­къалъулъги.
Ахираб ункъо соналда жаниб республикаялда бана 100-ялдасаги цIикIкIун школалда цебесеб лъайкьолеб учреждение. Гьелъул хIасилалда 32 азарго лъимадуе рес щвана ясли-ахалде ине. Ахираб 25 соналда жанир рукIинчIо гьединал хIасилал. Пачалихъалъул президентасул программаялда рекъон гьабулеб гьеб хIалтIи 2018 соналде лъугIизе ва нусабго проценталъ республикаялъул лъимал ясли-ахаздалъун хьезарураллъун рукIине ккола», — ян бицана Дагъистаналъул бетIерас. Амма жалго жидедаго чIарал инвестораз рагьарал ясли-ахазул кумекалдалъун гурого гьеб масъала нусабго проценталъ тIубаларинги абуна гьес. ГIабдулатIиповас бицухъе, гIемерисел мугIрузул районазда, росабалъ ругел тIадеги лъайкьеялъул учреждениязда букIине кколеб къагIидаялда хIалтIи гьабулеб гьечIолъиялъ гьезул гIемерисел къазе ккана ва гьелдалъун республикаялъул бюджеталъе 100 миллионгIанасеб гъуруш тIокIлъана.
Республикаялъул бетIерасул ра­гIа­базда рекъон, ахирал соназда Да­гъистаналда хIалтIизе кьун буго 14-15 азарго лъимадуе бакI бугеб лъай­кьеялъул 30 учреждение. Исанайин абуни бан рагIалде бахъун ва хIалтIизе кьезе хIадурго буго 11 школа.
Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министр Шагь­гIа­бас Шагьовас бицана республикаялда 2700 лъай­кьеялъул учре­ждение ва гьениб 600 азаргоялдасаги цIикIкIун лъимер цIалулеб букIиналъул.
Шагьовасул рагIабазда рекъон министерствоялъе ва республикаялъего кIвар бугеб лъугьа-бахъинлъун ккола МахIачхъалаялда лъималазул «Кванторум» технопарк рагьи. Гьеб проект гIумруялде бахъинабизе федералияб бюджеталдаса биччан буго 57 миллион гъуруш. Гьединабго кIваралъул проект ккола «ДРялъул гьитIинаб гIелмияб академия» рагьи. Гьелъул кумекалдалъун рес букIине буго тIадеги лъайкьеялъул учреждениязда цIиял программаби хIалтIизаризе.
КIалъазе яхъарай Рособрнадзоралъул тестированиялъул Федералияб централъул директор Юлия Егоровалъ бицана пачалихъалъул бищунго лъикIал вузазда цIалулел студентазул 60 процент батIи-батIиял регионаздаса рачIарал ругин. «Цебейин абуни гьел цIун рукIунаан гIицIго централияб Россиялъул студентаз. Гьелъги бицуна нижеца хIалтIи хIасил кьоледухъ гIуцIун букIиналъул. Гьединго нижеца «Ростелеком» ПАОялъ кумекги гьабун ЕГЭ, ОГЭ кьолел аудиториязда жаниб телефоналъул сигнал гьукъулеб алат лъун букIана. Гьелдалъун кIвана бегIерго цебечIараб цоги гIунгутIи тIагIинабизе», — ян бицана Ю. Егоровалъ.
Татарстаналъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министрасул заместитель Элдар МухIаметовас бицана педагогал хIадур гьариялъул рахъалъ жидерго республикаялда гьабулеб бугеб хIалтIул. «ГIемерисел абитуриентаз тIаса бищула юристасул, экономистасул, политологасул, фи­ло­логасул, медикасул махщелал. Гьеб квеш бугин абулеб мех гуро, амма къанагIат гурого гьечIо физика, химия, биология тIасабищулел. Гье­дин бугеб мехалда нижеца 15 азарго гъуруш стипендияги чIезабун гIолилал цIализаруна къанагIат гу­рого махщелчагIи гьечIеб рахъалда ва цIалун лъугIун хадуб гьезие хIалтIиги кьола. Гьенир гьел бищун дагьаб щуго соналъ хIалтIизеги ккола», — ян бицана Татарстаналъул вакилас.
Тадбиралъул ахиралда Дагъистаналъул бетIерас лъайкьеялда лъикIал хIасилал рихьизарурал чагIазе кьуна ДРялъул пачалихъиял шапакъатал. Гьезда гъорлъ рукIана магIарул мацIалъул учительзабиги. Гъизилюрталъул №7 школалъул мугIалим Сарат МухIумаеваги Гъуниб районалъул КIуяда росдал ГIурала гьоркьохъеб школалъул мугIалим МухIамад ХIасановги. Гьезие щвана «ДРялъул мустахIикъав учитель» абурал цIарал.
«ХIакъикъат» газеталъул редакциялъ баркула Саратидаги МухIамадидаги гьезие щварал тIадегIанал шапакъатал.
Гьеб данделъи араб куцалда тIа­сан пикру загьир гьабулаго, «ХIакъикъа­т­а­лъе» гьадин би­ца­на ДРялъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министр ШагьгIабас Шагьовас. «100 проценталъ разилъулеб хIал киданиги букIунеб батиларо. Амма дие рес щвана школазул ва лъимадул ахазул жакъа къоялде ругел аслиял масъалабазул хIакъалъулъ ракIрагьун бицинеги учительзабазул пикру рагIизеги. Нилъер республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасда лъикI лъала гьабсагIаталда лъайкьеялда бугеб хIал. Аслияб масъала буго школал материалиябгун техникияб рахъалъ хьезари. ГIемерал соназ рехун тараб масъала буго гьеб. Гьеб тIубазабизе чарагьечIого хIажалъула федералияб кумекги.
Учительзабазулги, школазул администрациязулги, районазул идарабазул нухмалъиялъулги цIалдохъабазул лъай камил гьабизе гъира букIин бихьана данделъиялда. Гьезул кIалъаял рукIана чIагоял.
ЦIияб цIалул соналде хIадурлъизе байбихьана моцIалъ цебе. Гьелда бан чанцIулго тIобитIана ДРялъул хIукуматалъул данделъи. Гьениб бицунеб букIана школалда цIал­дохъабазе хIинкъи гьечIолъи букIинабиялъулги, цIалулгун методикиял тIахьал гIезариялъулги, кабинетал къачIаялъулги ва цогидалги масъалаби тIуразариялъулги хIакъалъулъ. Ахирисеб данделъи букIана МЧСалъул гIахьаллъигун. Гьениб абуна Дагъистаналъул киналго школал цIалул сон байбихьизе хIадурго ругин.
Дир пикруялда, тIоцебесеб иргаялда, тIубазабизе кколеб кIиго масъала буго: лъималазул ахакь бакIал гьариги ЕГЭялъул даража камиллъизабиги. Школалде рачине мех щвечIел лъимал гIемер руго Дагъистаналда, амма гIураб къадаралда гьечIо лъималазул ахал. ЕГЭялъул рахъалъ хIасилал лъикIал кколел руго ахирал соназда, амма тIадегIанал баллазда экзаменал кьолел цIалдохъабазул къадар жеги цIикIкIинабизе ккола».
Темирхан ХIасанов