ЦIалул соналде хIадурлъи

Лъимер школалде битIизе ккани, чан гъуруш хIажалъулеб?

Учузаб бокьани

 

Бищун цIикIкIун гIарац холеб буго тIоцебесеб классалде лъимер битIулел эбел-инсул. Цо лъимадуе школалъул партал ва цIалул алатал росизе ккани холеб буго 15-20 азарго гъуруш. Амма школалъул форма ва хисизе цогидаб ретIел босулеб гьечIони, дагьаб учузгоги чIезе бегьула. ГIага-шагарго 10000 гъуршидеги щвезе бегьула тIоцебесеб классалде унеб лъимадуе босулеб къайи. Базаразда ва хасал тукабазда бичулеб школалъул къайиялъул багьа батIи-батIияб буго. Базаразда ва тукабазда школалъул сумкабазул багьа 1200-5000 гъуруш буго, учузаб къайи бичулел тукабаздайин абуни батизе бегьула 300-400 гъуршил багьаяб сумкаги. Амма гьединаб сумка гIемераб мехалъ хIалтIизабун бажаруларо, кIиго-лъабго моцIидасан хисизе ккола. Гьединго учузаб багьаялде щвезе бегьула ретIел-хьитги: 1500-2000 гъуршиде – пиджак ва тIажу, 500-700 гъуршиде – хъахIаб горде, 600-1000 гъуршиде хьитал, 500 гъуршиде – спортивияб тIажу, 300-400 гъуршиде спортивиял хьитал.

Роспотребнадзоралъул
малъа-хъваял

Цо-цо школазда жидерго хасаб форма букIиналда бан, гIарцуе экономия гьабиялъул хIасил кколаро. Хасал тукабазда гурони гьединаб ретIел бичулебги букIунаро. Щибаб школалъ жидеего дандекколеб ретIел букъизе тIадкъай кьола хасал цехазе. Гьедин букъараб ретIел босизе бегьулеб бакIги бихьизабула школалъ. Школалъул тIадкъаялда рекъон букъараб ратIлил багьа базаразда бичулелде дандеккун гьоркьохъеб буго: юбка – 1300 гъуруш, жилет – 1100 гъуруш, галстук – 100 гъуруш, васазе букъараб ратIлил багьа бахуна 3000-5000 гъуршиде. Гьеб гуребги, жеги хъахIаб горде – 1000-1500 гъуруш, хьитал — 1500-3000 гъуруш, хисизе хьитал, горде, тIажу, физкультураялъул дарсиде хасаб спортивияб ретIел – 1300-1800 гъуруш, спортивиял хьитал — 1000-2000 гъуруш. ПалхIасил, цо лъимадуе, гьоркьохъеб даражаялъул ретIел ва цIалул алатал росизе ккани, хIажалъулеб буго гIага-шагарго 20000 гъуруш.
Школалде унел лъималазе ретIел ва сумкагун цIалул алатал росулелъул цIодорлъи гьабизе кколин лъазабулеб буго Роспотребнадзоралъ. Эбел-инсуе кумекалъе ва лъималазул сахлъи цIуниялъе гIоло Роспотребнадзоралъ малъа-хъваял гьарулел руго школалде лъимер хIадурулелъул сундул хIисаб гьабизе кколебали: «Базаразда бищунго учузаб ретIел тIасабищулаго кIочон тезе бегьуларо ратIлидаса яги хьитаздаса рокьукъаб махI букIине бегьулареблъи. Хьитазда жаниб хIатIазда гIетI базе бегьуларо. Гьелъ лъимадул гъоркьахIатIазда грибок лъугьинабизе рес буго. ТIасабищизе ккола тIеренаб, искусственнияб гуреб ххамил гьабураб ретIел. ТIахьал жаниб лъолеб сумкаги букIине ккола мугъалда баччулеб, кIиго чIоло бугеб. Мугъалда битIун чIоледухъ сумкаялъул нахъисеб рахъги букIине ккола къвакIараб. Гьелъ рес кьола цояб рахъалде гьетIичIого, баччараб бакIлъи битIараб хIалалда чIезабизе. Сумка букIине бегьуларо лъим гъорлъе цIалеб яги бакIаб. Сумкаялъул цIайиги 700 граммалдаса цIикIкIараб букIине бегьуларо».

ТIахьалцин ричун росизе ккола

РетIел учузаб босизе бегьулеб батани, цIалул алатал учузал росун дандекколаро. Щайгурелъул тIолабго классалъул цого тайпаялъул тетрадал рукIине ккола, тIахьазда рекъон росизе кколел хIалтIул тетрадал, кумекалъулал брошюраби, КИМал, берцинхъвазе ругьун гьарулел тетрадал щибаб школалда батIи-батIиял рукIуна. ХIалтIул тетрадазулги школалда хIалтIизарулел тIахьазулги авторал дандеккезаризе ккола. ТIоцебесеб классалъул цIалдохъанасе тетрадалгун къалмал росулаго гIага-шагарго 2000-3000 гъуруш уна. Къайиялъул лъикIлъиялъул даражаялъухъ балагьун яги цIар арал фирмабаз гьабураб букIин хIисабалде босун ручкабазул багьа – 4-180 гъуруш, тIеренал тетрадазухъ – 3-8 гъуруш, риццатал тетрадазухъ — 10-50 гъуруш, сурат бахъизе гьоркьохъел альбомал — 15-60 гъуруш кколеб буго. Гьединго къалмал, линейкаби, хIатI, гьеб жаниб лъолеб хасаб сумка ва гьеб гуребги цогидаб къайиялъухъги дагьаб гIарац гуро унеб. ЦIалул программаялда рекъон хIалтIул тетрадал росизе хIажалъулеб буго 2000 гъуруш. ТIоцебесеб классалъул цIалдохъабазе хIажатал тIахьал школалдаса кьола. Цогидал классазда цIалулезин абуни тIахьалги росизе ккола. 550-700 гъуруш уна щибаб тIехьалъухъ.

Социалияб кумек

Шагьаразда лъимал школалде ритIулелъул гьезие гIицIго ретIел-хьит босун тIубалареблъи балъголъи гуро. Школал тIахьаздалъун хьезарун ругин бицунеб бугониги, киназего щоларо гьел. Школазе кьурал тIахьал кире унелали лъаларо, гьеб буго батIияб хабар. Кин батаниги гIемерисез ричун росула тIахьал. Амма щибаб лъимадуе 500-700 гъуршиде цо-цо предметазул тIахьал росизе ккани, дагьаб гIарац гуро холеб. Гьединлъидал, цо-цояз росула цогидаз хIалтIизарурал тIахьал. ЦIиязде дандеккун гьел гIезегIан учузалги рукIуна. Августалъул ахиралда ва сентябралъул тIоцересел къоязда тахшагьаралъул кIиабилеб базаралде ине нух щоларого хутIула, гьенир базаралъул кIалтIа тIахьал ричизе ва росизе рачIаразул гIемерлъиялъ. Араб соналъ лъималазе росун рукIарал тIахьал ричун, гьединго тIахьал ричизе рачIаразухъа хадусеб классалъул хIажатал тIахьал росун тIубалеб буго эбел-инсуца гьеб бигьаяб гуреб суал. ТIахьазулго гIадаб багьаялъул хIалтIул тетрадалин абуни араб соналъ цогидаз хIалтIизарурал росун бажаруларо. Щибаб дарсие, щибаб тIехьгун цадахъ 300-400 гъуршиде хIалтIул тетрадал росизе ккола.
15-20 азарго гъуруш гурони харж щоларел хъизамаз цо лъимер школалде битIизе ккани кIиго моцIрол харж данде бакIаризе ккола. КIиго ва цIикIкIун лъимал ругезин абуни налъаби гьарула лъимал школалде ритIизелъун. Гьединаб бакIалда рес гьечIел яги гIемер лъимал ругел хъизамазе тIоцебесеб классалде ритIулел лъимал ругони социалияб кумек гьабула. ТIоцебесеб классалде унеб лъимадуе цIалул алатал росизе 2000 гъуруш бихьизабун буго. Гьеб буго цохIо нухалда гьабулеб кумек.

ПатIимат СултIанмухIамадова