Расул ХIамзатовасулгун букIараб гьудуллъиялъул цо-цо ракIалдещвеял

 

ХIамзатил Расулил кIодолъиялъул, дунялалда машгьурлъиялъул, гьесул шапакъатазул бицун хIалкIоларо. 

 

 

Гьесул тIехьалъ, хасго Расулил квералъ хъвай-хъвагIай гьабуралъ, нух рагьулаан ректоразухъе, директоразухъе, минисразухъе, бокьараб идараялъул хIакимзабахъе. Расулил адабияталъул нухги, гьев вахарав борхалъиялъулги лъазе ккани, гьаризе ккола гIелмиябгун цIех-рехалъул институт. Расулгун дун тIоцеве дандчIвана Ростовалда Партиялъул ТIадегIанаб школалда цIалулеб заманалда.

Миллиял ва гIемермиллатазул темаялда тIасан бахIс гIуцIизе ЖамгIиял ГIелмабазул Академиялъ битIун бачIараб кумекалъулаб материалалда букIана гьадинаб суал: «Нужеца кинаб къимат кьолеб Дагъистаналъул халкъияв поэт Расул ХIамзатовасул «Метер рахьдал мацI хвезе батани, хваги дун жакъаго жаниб ракI кьвагьун», — абурал рагIабазе?»

Гьеб дарсиде хIадурлъулаго дица рекIехъе лъазабуна гIурус мацIалде буссинабураб гьесул «Авар мацI» кечI. Гьениб гIемераз какана гьел рагIаби, чангояз — миллиял республикабазул вакилзабаз рахъ ккуна.

Ахиралда кIалъазе вахъун дица абуна:

— Марксизм-ленинизмалъул Китаялъулгун Албаниялъул теориялъул цо-цо абзацалги росун, ревизионизмалъул нух ккурал компартиязул рахъалда ругел чукъби тIадехун рехсараб Академиялдаги руго, — ян.

 

ЦIалана гьениб Расулил кечIги.

 

…Я жизнь люблю,

Люблю я всю планету,

В ней каждый, даже малый уголок,

А более всего Страну Советов,

О ней по-аварски пел как мог.

 

Гьал мухъаздаса хадуб кьабуна киназго хъат. Гьенибго гьабуна группаялъул партсобрание ректорги, парткомалъул секретарги гIахьаллъун. ХIукму битIана рехсараб Академиялде. КватIичIого бачIана тIадехун рехсара кемекалъул материал киналго партшколаздаса нахъе ахIанин абураб хабар.

Гьебго 1982 соналда СССРалъул 60 сон тIубай кIодо гьабулеб тадбиралде Расул ахIизе дида тIад къана. Дун вукIана доб мехалда Ростовалда букIараб «Дагъистан» цолъиялъул президентги.

Дагъобком партиялъул маданияталъул бутIаялъул нухмалъулесулгун букIараб кIалъаялдаса хадуб вачIана МахIачхъалаялде. Обкомалъул рукъалъул тёоцебесеб тIалаялда лъалел чагIигун кIалъалаго вихьана Расул лифт ахIулев.

 

Хехго гьесда хадувги ун:

— Ассаламу гIалайкум, Расул ХIамзатович! — ян кIалдире рачIарал рагIаби абуна лифталда жанир.

— ВахI! Обкомалъул рокъов салам кьолев щив кколев мун, лъачи? — ян виххана Расул.

 

Бицана гьесда дида тIадкъараб ишалъул.

 

— Дуца ХIамзатил Расулин абун букIарабани гьабсагIатго разилъилаан, гьанже дуца хIаракат бахъе Обком разигьабизе.-ян гьес ракI гIодоцинабуна. Ростовалде вачIине рагIиги Расулихъа босун дун тIадвуссиндал кIудияб багъа-бачари, гIемерал хьулал рукIана школалъул студентазулги, мугIалимзабазулги, гьеб хабар рагIарал шагьаралъул гIадамазулги. Амма гьел хIулал тIурачIо.

ДандчIвай гьабизе дагьабго заман хутIараб мехалда, Дагъобкомалъул секретарь ИсмагIилов кIалъан вачIана партшколалъул ректорасухъе. Индиялде унеб Совет Союзалъул Пачалихъияб делегациялде восун вугин Расул, данделъи нахъбахъеян абун буго гьес.

ЛъагIелги сверулеб, экзаменалги кьолеб заман тIаде щведал 4-5 поэтги, ТIагьир Къурачевасул ансабльги рачIун тIобитIана гьеб мажлис.

Расулилгун хадусеб дандчIвай ккана 1983 соналда. Партиялъул ТIадегIанаб школа лъугIарабго дун къабул гьавуна Обкомалъул партиялъулгун-гIуцIиялъул бутIаялъул инструкторлъун. Дица жаваб кьезе кколаан МахIачхъала ва Каспийск шагьаразул парторганизациязул.

ГIемерал гIарзабиги анонимкабиги рачIунаан МахIачхъалаялъул 2-абилеб больницаялъул бетIерав тортурлъун вукIарав, гугариялъул рахъалъ дунялалъул щуцIулго чемпион ГIалиев ГIали Зуркъанаевичасда тIасан.

Гьезие ахир лъезе гIуцIараб комиссиялъул бетIерлъун тана дун. Хал гьабидал тIатана гьеб иш врачазулгун медсестрабазул хасаб къукъаялъ хIалтIудаса вахъарав цевесев бетIерав тохтурасул нухмалъиялда гIуцIараб букIин.

ГIарзаби хъвалей гIадан йигоан хIалбихьи бугей медсестра, КIудияб ВатIанияб рагъул инвалидасул яс.

ГIалилгун букIарвб хабаралдаса баянлъана гьеб комиссия гIуцIиялъул хабар Расулихъе щун букIин ва гьес жиндихъего ахIулел рукIин.

Расулил рокъове дун жаниве лъугьинги, гьес «гьав Ростовалдаса магIарулав кив вукIарав чи, дун юбилеялде вачIунгутIи бадив чIвазецин гуродай вачIарав» ин абиги цадахъ ккана.

Дун виххизавуна цо лахIзаталъ букIараб дандчIвай ва бицараб рагIи кIочонгутIиялъги, жиндирго гуреб гIайиб бацIцIине лъугьиналъги, гьесул гIадатлъиялъги. КIиабилеб къоялъ, жиндир цIар рехсон Расулица калам хъваб тIехь бихьидал, гIарзачIужуялъ жидерго тIолабго къукаялъул цIарал рицана ва жинда гъоркь кьучI гьечIел гIарзаби тIокIал хъваларин рагIи кьуна. ГIемер кватIичIого ГIалиев ГIали сахлъицIуниялъул министрлъун тана.

Гьеб букIана 1984 сон. Обкомпартиялъул Пленумалъул хIухьбахъиялъул заманалда Расул вачIана дида аскIове, гIемер салам-каламго гьабичIого, гъежги ккун гьес дун вачана бюроялъул гIахьалчагIазул горсверуде.

— Гьале дов ГIалида тIасан соназ хъвалел рукIарал гIарзаби цо къоялда жаниб чIезарурав бихьинчIи, — ян дие къимат кьолаго, жинцаго кьураб тIехьалъул цIарцин бахъичIо Расулица.

 

Гьебго къоялъ Расулица дун ахIана гьоболлъухъ. Гьенир тIоцебесеб нухалда рихьана Расулил лъадиги ясалги. 

Хабаралда гьоркьоб дица гьикъана:

— Расул, дуца Казбек, Эльбрус мугIрузул гIемер хъвалин, цо Казбек мухъалде вачIине

рес ккеларищ? — ян.

— Валлагь битIараб буго, — ян ПатIиматги тIадрекъана.

 

Гьеб букIана 1985 соналъул октябралъул ахир. Дун гьеб заманалда вукIана Казбек мухъалъул бетIерлъун. Обком партиялъул бутIаялъул нухмалъулев Садикъил МухIамадица телефоналдасан ахIана нужеда бажаризе бугищ «Советский Союз» журналалда макъала лъезеги гьитIинабго видеоролик бахъизе бегьулеб даражалдаги Расул ХIамзатовасулгун дандчIвай тIобитIизейин.

КIудияб шавкъгун кIвелин жаваб гьабуна. ТIаде щвана цIараб къо — 2 ноябрь. Аллагьас лъикIаб хъвараб, тIабигIат данде гьимараб, хинаб, бакъ гвангъараб къо букIана. Районалъул гIорхъабаздаса байбихьун Дилималде щвезегIан нухлул рагIалда халкъ бахъун чIана Расулие хIурмат гьабун.

Росдал рагIалда кIудияб гамачI лъураб бакIалда Расул машинаялдаса рещтIана, дагьалъ лъелго ана, цинги хъахIаб буртинаги ретIун тIагъурги лъун чоде вахинавуна, нахъойги лъелго ана росдал майданалде щвезегIан.

Гьениб кьабулеб хъали, хъвалеб хъумуз, кьурдулел гIисиналги чIахIиялги. Расулицаги бахъана цо чанго свери.

Нижее культураялъул Рукъалъул нуцIихъан жанире ине рес щвечIо гьенибе бакIарараб халкъалъул гIемерлъиялъ. Культураялъул бутIаялъул нухмалъулев Гереевас нахъисеб нуцIаги рагьун. хIалалъ жанире рорчIана.

Залалда гIодор чIаразги рахъун чIаразги тIагъур бортизе бакI тун букIинчIо. КъватIир хутIаразул ахIи-хур бихьун, гьел рази гьаризе гордабазда колонкаби лъолаго данделъи бащдаб сагIаталъ нахъбахъизе ккола.

Ункъго сагIаталъ халат бахъараб мажлис гьороца босун араб накIкI гIадин хехго лъугIана. СагIтихъги балагьун Расулица абуна Партиялъул съездаздаги, Верховный Советалъул сессияздаги жинда цо сагIаталъ гIодов чIезе ккей хIехьезе кIолароанила, ункъго сагIаталъ гьанив гIодов чIей жиндир рекорд бугин.

Данделъиялдаса хадуб Расулиеги гьесда цадахъ вукIарав машгьурав артист МахIмуд ГIабдулхаликъовасеги дица рокъоб гьоболлъи гьабуна. Гьез дир хъизаналъулги, доб мехалда букIараб, лъабабго лъимадул цIаралги цIехон, лъай-хъвайги гьабун букIана.

СССРалъул Верховный Советалда Дагъистаналъул рахъалдасан депутат Плешаков Петр Степановичасухъе районалда тIабигIияб газ бачиналъе кумек гьарун унеб мехалда, I986 соналъул сентябралдаги щвана дун Расулихъе гьесул кIиго-лъабго цIирачIарал тIахьалги росун.

Гьес кIиго тIехьалда Плешаковасеги газалъул промышленносталъул министр Виктор Степанович Черномырдиниеги кьезе ругин абурал тIахьазда гьаруна саламалъул хъвай-хъвагIаял.

Плешаковасулгун дир лъикIаб гьоркьоблъи букIана, гьес дун лъикI къабулги гьавуна. Дир сапаралъул мурад бициндал гьебсагIатго гьабуна Черномырдинилгун кIалъай ва метер къаси сагIат анкьгоялда тIаде восизе иргаялдаги лъуна.

Дагъистаналъул министразул Советалдаса А. Мирзабековасул гъулбасалда босараб къагъатги букIана дихъ. Гьелъулги кумек ккана. Черномырдиница ахIана кумекчи, буюрухъ кьуна тIасияб соналъул планалде ккезабейин гьеб проект.

Дица гьикъана гьеб соналъго кварталалде ккезабизе бегьуларищин гьебин? Рес гьечIин чIана Черномырдинил кумекчи. Дица дипломаталда жаниса босун кьуна Расулил тIехь. Цин дихъ валагьун, хадуб кумекчиясухъ валагьун министрас абуна:

— Гьав вукIинисев гIолохъанав Обкомалъул секретарасе кумек гьабизе кколин хъвай планалда, — ян. Гьеб соналъулин тIадеги жубана.

Дун цIорон хутIана. Дица халго гьабун букIинчIо Расулица гьесие кьезе бугеб тIехьалда гьабураб хъвай-хъвагIаялъул. 

1990-абилел соназда дун хIукуматалде, хадув ОАО «Дагънефталде» хIалтIизе вачаралдаса Расулилгун дандчIваял гIемерал рукIана. Гьес гьарун, 2000-леб соналъул апрелалда нижер тIолабго хъизан щвана гьесул рокъоре гьоболлъухъ. ХIикмалъи гьабуна дица нахъеги. Расулида ракIалда бугоан цо нухалда жинда рихьарал дир лъабабго лъимадул цIарал. Хадув гьавурав васасе дур цIар кьунилан рехсон букIиндал гьесие гьара-ралъиялъул кечIги бугоан хIадурун.

 

КIиго сагIатгун бащдалъ ругоан ниж гьесул гьоболлъухъ гIодор чIун. Ясалъ бахъараб видеоялда гьеб бихьараб мехалда дунго дихъаго нечана. Гьенибги сагIатгун бащдалъ кIалъалев чиги Расулил кучIдул рекIехъе цIалулев чиги дунго вугоан. ЧIван нилъакь квергун гIенеккун чIун вугоан Расул. 

 

— Жакъа дун воххараб, гIодове виччараб къо бачIана. Дица лъикIаб хIухьбахъи гьабуна. ГIенеккун чIей лъикIаб жо букIун буго. ГIумру ана дир кIалъалаго, — ян гьес абидал, дун гIодове вуссана.

 

Расулилгун рукIарал гIемерал дандчIваязулги гара-чIвариязулги дагьалго хIужабазул хабар лъугIизабизе бокьун буго гьесул гъваридал пасихIал абияздалъун:

 

Дунго цохIо вугев гьундуздаса дий

Гьудуласда цадахъ окопалда лъикI

Мунго лъаларезда дур рагIичIезда,

Бице мун вахарал борхалъабазул.

 

Сурат босана гьаниса: https://t.me/nashRasul2023