Хъулухъалъул щибаб хIокI бахана

 

 

   Гьал къоязда кIодо гьабуна Россиялъул Почалъул къо. Гьелда бан тIобитIараб данделъиялда Баркалаялъул кагъат кьуна МахIачхъалаялъул №10 почалъул отделениялъул нухмалъулей Зенфи- рат ХIасанхановалъе. КIиго соналъ цебе республикаялъул почалъул отделениязул нухмалъулезда гьоркьоб тIобитIараб къецалдаги Зенфиратица ккуна лъабабилеб бакI. «Дие бокьула дир хIалтIи. Бокьула це- белъураб масъала тIубаялъе гIоло къеркьезе. Почтальонасул хъулухъ- алдаса байбихьун, начальникалъул хIокIиде яхинегIан гьоркьор ругел киналго хъулухъал тIурана дица. Гьединлъидал дида лъикI бичIчIула щибаб хъулухъалъул жанисеб хIалги, букIунеб захIмалъиги, гьеб хIалтIи тIубазабиялъе ратизе бегьулел нухалги», — ян бицана З. ХIасанхановалъ.

 

— Зенфират, баркула шапакъат. Сундухъ гьеб кьураб?

— Федералияб почалъул республикаялъулаб управлениялда тIобитIараб данделъиялде дун ун йикIана 40-ялдаса цIикIкIун соналъ почалда хIалтIулей дирго хIалтIухъаналда цадахъ. Гьелъие кьезе букIана шапакъат. Грамотаби кьолел рукIана Ставрополалда бугеб Северияб Кавказалъул почалъул управлениялъ. Аслияб къагIидаялда сайгъаталги шапакъаталги кьолел рукIана управлениялъул аппараталъул хIалтIухъабазе. Циндаго дунги ахIана трибунаялде. БитIараб бицани, гьеб буго ракIалдаго букIинчIеб шапакъат. Гьеб буго дирги дида цадахъ №10 отделениялда хIалтIулел киналго ясазулги хIаракаталъул къимат гьаби.

— Щиб хIисабалде босулеб премия яги шапакъат кьолеб мехалда?

— Почалъул щибаб отделениялда тIадкъараб план букIуна. Гьелъул руго батIи-батIиял рахъал – финансазулаб бизнес – коммуналиял хъулухъазухъ гIадамазухъа гIарацги гIакIабиги ракIари, почалъул бизнес – посылкаби, программаялда рекъон кагътал (заказное ва гь. ц.) ритIи.

— Щибаб почалъул отделениялъе цого планалищ рукIунел?

— Росабазул ва шагьаралъул почазул отделениязе батIи-батIиял планал рукIуна. Шагьаралъул отделениязецин батIи-батIияб план буго. ГIицIго план тIубайги гIоларо. Гьанже щибаб отделениялъул сайтал руго – гьенир клиентаз тарал хъвай-хъвагIаязда барабги букIуна премиялъул роцен. Нижер хIалтIуе хашаб къимат кьолеб бугони, премия тIаса къунцIула яги кьезего кьоларо. Хехал технологиязул заман бугелъул, киналго гIедегIун рукIуна. ХIалтIухъабаз щивав клиентасе хъулухъ гьабизе ккола сабуралда, бегьуларо хъачIго кIалъазе, семизе. ЦIакъ захIматаб хIалтIи буго операторазул, почтальоназул. Клиентазулги букIуна батIи-батIияб хасият. Секундалъ сабурлъи тани – тIолабго отделениялъе зарал ккола.

 — Чан гъурущха бачIунеб моцIрол харжалде тIаде?

— Операторазе – 5000 ва почтальо- назе – 4000 гъурущ.

— Чан почтальон йигей дур нухмалъиялда гъоркь? Подпискаялда бараб букIунищ гьезул моцIрол харж?

— Нижер отделениялъул буго 10 участок ва гьезие хъулухъ гьабула 10 почтальоналъ. Гьел руго 50-ялдаса тIаде араб ригьалъул гIадамал, аслияб къагIидаялда – руччаби. ГIолилал рачIунаро гьеб захIматаб хIалтIи гьабизе – харж мукъса- наб букIиналъ. Оператораллъун хIалтIула гIолохъанал – жавабчилъи цIикIкIараб хIалтIи буго гьезулги. Цо тарихалъулъ, хIарпалъулъ, лъал- хъул ишараялъулъцин гъалатI бич- чазе бегьуларо. ГьабсагIаталда почтальонасул оклад буго 15900 ва операторасул – 18800 гъурущ. Нусазарго гъурщиде подписка гьабуни, гьелъул ункъо процент тIаде жубала почтальонасул моцIрол харжалде – бащдаб лъагIалида жаниб цо нухалда кьолеб премия хIисабалда.

 — Нужер отделениялда чан чияс хъван бугеб «ХIакъикъат» газета?

— 30-ниги газета хъвана нижер отделениялда ва гьел ритIула магIарухъе – Гъуниб, ЧIарада районазде. Шагьаралдаго бикьула жеги 15 газета.

 — Дуего бокьунищ дуца тIаса бищараб гьаб пиша?

 — Дица лъугIизабуна ДГУялъул экономикияб факультет. ГIумру гьабун йикIана Сепараторазул поселокалда. Росасе ун, лъимал гьарун, хIалтIизе рес щун букIинчIо. КIиабилеб лъимер яслиялде кьезе гIураб мехалда, документалги росун, дун ана ХIалтIудалъун гIадамал хьезарулеб хъулухъалде. Гьез дие балагьана МахIачхъалаялъул №14 бухьеналъул отделениялда почтальоналъул хIалтIи. ХIалтIи гьечIого йикIинегIанин абун, разилъана. ХIалбихьана. Участок букIана цIакъ захIматаб, гIемер лъелго хьвадизе кколаан. Хадубккун гьеб отделениялда эркенлъана поч щвезабиялъул гIуцIарухъанасул хъулухъ – гьесда тIадаб буго, почтальонал хIалтIуде рачIиналде, кагъталги, посылкабиги, газеталги хIадури ва почтальонасухъе кьей. Гьеб хъулухъги гьабуна. Хадуб дун тIамуна операторлъун. Гьеб буго жавабияб иш. Бокьун букIинчIо, амма гьабизе ккана. Гьеб хъулухъалда йикIаго, дун йитIана №29 отделениялде, гьенисанги – №27 отделениялде ва гьений лъагIелалъ хIалтIана операторлъун. Гьений хIалтIулаго, дун ахIана бетIераб отделениялде ва абуна почалъул отделениялъе нухмалъи гьабизе йитIизе йигин мунилан абун. Бихьизабуна лъабго отделение: №5, №26 ва №18. Бищун бигьаяб букIана щуабилеб отделение – ДРялъул хIукуматалда цебе бугеб. Дие бокьун букIана гьеб тIаса бищизе – кIиго лъагIелалъцин гьеб ишалда хIалтIичIей дир ракIчIолароан дихъа отделениялъе нухмалъи гьабун бажариялда.

 — Сунцаха къуват кьураб?

 — ХIалтIизе байбихьана №26 отделениялда. КIудияб отделение – гIемер хIалтIухъаби, клиентал. Лъабго моцIрол хIалтIул хIасил квешаб ккечIо. Дун тана нухмалъиялда ва гьений хIалтIана микьго соналъ. Хадуб абуна, киналго отделениязул нухмалъулел хи- сизе ругилан, ай цогидал отделениязе нухмалъизе ритIизе ругилан абун. Гьедин ккана дун №10 отделениялде. ЦIияб бакI, цIиял хIалтIухъаби, рукъалдаса жеги рикIкIада хIалтIи букIин – байбихьуда цIакъ захIмат букIана.

 — ГIемерисев чиясда ракIалде ккола жакъа почалъул хIалтIиго букIунеб батиларин абун…

 — Бокьилаан гьединав чи цо къоялъгIаги нижеда цадахъ хIалтIизавизе. ХIухьел цIазе заман букIунаро нижер. РачIунел посылкаби, кагътал, пачалихъиял идарабаз ритIулел ва адресатасухъе хехго щвезаризе кколел кагътал. Гьелде тIадеги, жакъа кинабго буссинабун буго тарихазулал технологиязул кьучIалде. Щибаб кагътил ва посылкаялъул сапаралда хадуб халкквезе рес буго. Пуланаб бакIалда гьеб кватIизабуни, гьезухъа гIакIа бахъула. ГIакIа бахъи ккола моцIрое кьолеб премия тIаса бахъи. Пандемиялъул заманалда цIакъ хIалуцараб букIана хIалтIи. Жалго рокъорго рукIун, кинабго жо почалдасан битIулеб букIарал гIадамалин абуни, хехдарулел, ццидахунел. Кинабго бизнес почалдасан букIанин абуни, мекъи ккеларо. Мокърукье тункизегIан гIемер рукIунаан посылкаби. Нижехъе кьурабго къоялда гьел ритIизе хIаракат гьабулаан нижеца. Щивасулгун хабар рекъезабизе кколаан. Кутакаб хIалуцин букIана.

 — Сунда бан нужедаса гIарзахъдулел клиентал?

 — Заманалда извещение кьечIого танилан, кагъат биланилан – батIибатIиял гIиллаби рукIуна. Почтальоналде гIайиб кин чIвалеб? Почалъул ящикал рукIунаан гIемертIалаяб минаялъул кIиабилеб тIалаялда. Гьанже гьел къанагIат гурони рукIунаро. Гьелде тIадеги – гIемерисел мина- базул подъездалда лъун руго кодалъ рагьулел нуцIби. Почтальонасе рес щоларо квартираялъул кIалтIе ине. КIалтIе щведалги рукъалъул бетIергьаби рокъор ратуларо. ЧанцIулго хьвадизе ккола цого адресалде. Кин щвезабилеб кагъат яги извещение? НуцIида рекIинабула яги нуцIихъан жанибе бегьула. ТалихIалъ рес буго телефоналдаса кIалъан, почалде ахIизе. Амма кин гьенире ахIилел рилълъанхъизе бажаруларел херал пенсионерал, инвалидал? Гьезухъеги хьвадизе кколелъул почтальонал.

 Гара-чIвари гьабуна Кавсарат СУЛЕЙМАНОВАЛЪ.